«КIулалъ» рагьулеб талихIаб гIумру

Жакъа къоялда тIолабго дунялалда ругел гIадамаз щиб кканиги гIарз гьабулеб буго жидер депрессия бугилан. Экология хванагIан, гIадамазда гьоркьоб бугеб гьуинлъи тIагIунеб буго, магIишаталде хадур рекерулел рукIиналъ, цоцазде чи регIулев гьечIо.

 

Щиб кканиги, абулеб буго дир депрессия бугин, стресс бугин. Щиб жоха гьеб кколеб, ва кин гьелдаса цIунилелали бицана дунялалдаго цIар рагIараб методика ургъарав Хасай ГIалиевичасул вас Ален Хасаевас. 

 

 

Гьезул цадахъал гIелмиял хIалтIабаздаса пайда босула космонавтаз, захIматал лъугьа–бахъинал ккедал, полицейскияз ва цойги хехал идарабазул хIалтIухъабаз.   Гьезул сах гьарулеб къагIида лъала тIолабго дунялалда, гьелда цIарги лъун буго «КIул» (ключ) абун. Щибизеха нилъее къваригIунеб «КIул» ва кинал балъголъаби гьелъ рагьулелали бицана гIалимчияс.

 

 

Стресс кккола нилъер кинабго къаркъала хIалкъаялда букIин. Гьединаб заманалда, лъил кинаб унти батаниги, загIипаб бакI унтизе байбихьула. Стресс бугеб заманалда, рокъовги кIусун, щибго жоги гьабичIого гIадан сах гьавун бажаруларо. Гьединав чи кIалъазе бокьуларого, кидаго къваридго ва ургъалабалъ вукIуна. АскIор ругезеги захIмат букIуна унтарав рукIалиде вачIинавизе, гьесулгун гьоркьоблъи батизе. Гьединаб хIал хисизабиялда тIад хIалтIана гIемерал гIалимзаби. Гьезда гьоркьосан ккола йога ва цойги батIи-батIиял къагIидаби. Гьединал методикабазул аслияб мурад буго ургъалаби нахъе иналъе кумек гьаби. Гьелдаса хадуб байбихьула нилъер чорхол «механизм» битIун хIалтIизе.

 

 

Стресс, депрессия гъолъе ккезе тани, гормоналияб ахIвал хIал хисула. Къаркъалаялъухъа бажаруларо къеркьон, унтарав хвалде вачинеги рес буго гьелъ.

 

 

Унтарав рукIалиде вачIинавизе Китаялда хIалтIизабула Тай–Цзи цюань (Тайчи) къагIида. Гьенир киналго хIухьбахъулел бакIазда гIодориччарал упражнениял гьарулел рукIуна. Германиялда тIобитIун буго аутотренинг абулеб стресс сах гьабулеб къагIида.

 

 

Нилъеда лъалеб бищун бусурбабаз сахлъизе хIалтIизабулеб лъикIаб къагIида буго как- диналде руссин. Как ракIбацIцIадго балезул гIемер букIунаро депрессия, стресс. ГIемерисез какал ралел руго гIумрудул пикрабаздаги рукIун, гIарцул, магIишаталъул ургъалабаздаги рукIун. Гьединал сахлъуларо. Как балалде цебе киналго пикрабаздаса ракIги бетIерги бацIцIад гьабизе ккола. Аллагьасдехун руссинаризе ккола киналго пикраби. Зикру бачунаго хьвагIдола гIемерисел, гьеб буго бищунго чи вацIцIалъулеб заман. Какил гIуж буго квешаб хIалалдасан чиясул ахIвал хIал тIубанго хисулеб заман.

 

 

— Как-диналъги, йогаялъги, Тай-Цзиялъги ва цоги къагIидабазги дараби гьечIого гьеб унти сах гьабулеб батани, щайха нилъее къваригIараб нужеца ургъун бахъараб «КIул» абураб методика?

 

 

— ХIажатаб букIинчIебани, дир эменги дунги гьеб къагIидаялда тIад чIелароан. «КIул» буго «метод управляемый психофизиологической саморегуляцией». Гьебги ургъана космонавтал хIадур гьарулеб централда. Гьел ругьун гьарулеб централда цIакъ хIажат букIана хехго психологияб рахъалъ цо хIалалдаса цойги хIалалде (гьава гьечIелъуб ва гьеб бугеб бакIазде гьезул черх ругьун гьабизе) космонавтал ккезаризе. Гьелдаса хадуб I987 соналда Лъай кьеялъул министерствоялъ къватIире риччана гIелмиял хIалтIаби, документалиял фильмал ва гьедин хехго рукIалиде рачIунеб къагIида цIалдохъабазеги рихьизаруна. Гьенир кьолел руго хехго къаркъалаялъул ва пикрабазул хIал хисизабизе кIолел упражнения. Гьел руго бигьаял ва хIалкъай, стресс иналъе цIакъ нилъее пайдаял къагIидаби. Цоги методикабазда дандеккун, гьеб буго бищун хехабги. Гьебги хIалтIизабизе бегьула захIматал ахIвал-хIалазде ккедал: хIалтIудаги, лифталъув хутIидалги, къварилъи бихьидалги…

 

 

Жакъа къоялде щвезегIан къватIибе бачIана 20 монография. Гьединал брошюраби къватIире рачIана Франция, Англия, Болгария, Чехословакия ва цойги пачалихъабаздаги. Нижер руго киса–кирго гIемерал цIалдохъабиги. Нижеца гьел ругьун гьарула гIадамал сах гьаризе.

 

 

— Дида ракIалда буго нужер методикиялда рекъон доб заманалъ милициялъул хIалтIухъаби ругьун гьарулел рукIин. Бицунаан кIудияб залалда жанир киналгоги ракIарун гьел ругьун гьарунин…

 

 

— Гьел гурелги гIемерал батIи-батIиял учреждениязде ахIула ниж лекциял цIализе, стрессалда ругел сах гьаризе. Исана къватIире рачIарал 10 – 11 классазул цIалдохъабазул тIахьадаги академик Матвеевас кьун буго нижер «КIул» методикаялдасан босараб чанго упражнение — синхрогимнастика.

 

 

-Тохтурасухъе ани, азарго дару хъвала унтарасе. Нужер методика хIалтIизеги гьабун, даруги гьекъечIого чи сахлъизе рес бугищ?

 

 

-Депрессия буго стрессалъул хадусеб бутIа. Апатия, агрессия, стресс, депрессия — гьел киналго руго квешал унтабазул церехъаби. Тохтурасухъе ани гьесда тIадаб буго дараби хъвазе, гьезин абуни кванирукъ букIа, ракI букIа ва цоги лугби унтизарула. Гьединлъидал лъикIаб буго дараби хIалтIизаричIого, нижер упражнениялги гьарун, хехаб къагIидаялъ гьеб хIалалдасан рорчIизе хIаракат бихъизе. Гьаб буго дарабиги гьечIого, гIадан сах гьабулеб бищун лъикIаб къагIида.

 

 

— Гьеб методика хIалтIизабизе бегьуларел унтарал ругищ?

 

 

— Космонавтаздасан байбихьун, цIалдохъабазде щвезегIан, гьелда тIадеги къварилъи ккун стрессовый ситуациялде ккаразеги цIакъ пайдаял руго гьал къагIидаби. Хасго гьанже гьел методикаби хIалтIизаризе байбихьун буго нилъер спортсменаз. ГIадамазда церерахъиналдеги, къеркьеялда цебеги, хехго рукIалиде рачIине хьулгун хIалтIизабула гьезги гьаб къагIида.

 

 

БатIияб мацI лъазабулезги бигьаго рагIаби ракIалда чIезаризелъун, ва гъваридго бахчун ругел гIадамазул хасал гьунарал тIатинаризелъунги хIалтIизабула нижер методика. ЦIалдохъабазе дарсал ракIалда чIезариялъеги хIалтIизабула гьеб. Жакъа къолде щвезегIан, кумек гьабизе бегьуларел чагIи нижеда дандчIвачIо.

 

 

— Нужер кумек хIажалъарал ккани, кин нужер центр балагьизе бегьулеб?

 

 

— Нижер чанго офис буго МахIачхъалаялда ва Москва шагьаралда. Гьелъ рес буго гьаб телефоналдеги кIалъан: 91 48 64 , нужедаго аскIоб бугеб бакI бищизе.