БацIцIадаб лъим — ургьисалабазе дару

Инсанасул чорхолъ киналъулъго гIахьаллъула ургьисалаби

 

Дунялалда вуго ургьисалабазул батIи-батIиял унтабаз унтарав 850 миллион чи. Ургьисалабазул халатбахъараб унтиялдалъун цо лъагIалида жанив дунялалда холев вуго 2,4 миллион чи.
Жакъа Россиялъул халкъалъул анцIго процент, ай 14 млн (Дагъистаналда 4000) чи унтун вуго ургьисалабазул халатбахъараб унтиялъ. Гьелъул хIасилалда Россиялда щибаб соналъ 41,5 азарго чиясе инвалидлъи чIезабулеб буго.
Ургьисалабазул унти бигьагьабулеб хасаб терапия ва гемодиализ хIалтIизабиялъул рахъалъ Россия дунялалда ахирисеб бакIалда букIин ккола нечезе ккараб хIужа!
Инсанасул сахлъиялъе ургьисалабазул бугеб кIваралъул, гьел унтиялъе ругел гIиллабазул ва цIунизе кколеб къагIидабазул, гьединго нилъер республикаялда гьел сахгьариялъе гIуцIун ругел ресазул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна Республикаялъул клиникияб больницаялъул нефрологикияб отделениялъул заведующая, тIадегIанаб категориялъул тохтур, ДРялъул сахлъи цIуниялъул отличник Фатима ГIабдурахIмановалъулгун:
— Инсанасда ургьисалабазул унти ккеялъе кинал гIиллаби ругел?
— Гьелъие «квербакъулел» аслиял гIиллаби ккола: гьекъолди, хъалиян цIай, наркотикал хIалтIизари, халатбахъун ва низам гьечIого дараби хIалтIизари, лъел бакIалда чай, кофе гьекъей, черх хIалхьиялда тей, кьарияб ва цIамхIалаб квен, батIи-батIиял ва халатрахъарал рахунел унтаби, цIикIкIараб квач ва багIари…
ХIинкъи букIуна халатбахъараб (хронический) ургьисалабазул унтаби ругел чагIазул бидул тIадецуй, чакрил унти ва рекIелгун бидурихьазул унтаби тIатиналда.
— Ургьисалабазул кинаб кIвар бугеб инсанасе?
— Инсанасул чорхолъ ургьисалабаз киналъулъго гIахьаллъи гьабула. Гьез чорхолъа къватIире «гъола» къваригIунарел хутIелал ва заралияб чороклъи, бацIцIуна би, бацIцIуна тIокIаб цIамудаса ва лъедаса. Ургьисалабазда жаниб лъугьунеб ренин абулеб гормоналъ рекъезабула бидул тIадецуй. Гьелъул кумекалда­лъун чорхолъ лъугьуна цIиял бидул клеткаби — эритроцитал. Ургьисалаби гIахьаллъула черхалъул цIа-кан рекъезабиялъулъги.
— Кинаб унти рикIкIунеб бищунго хIинкъи бугеблъун? Регионалда бараб жо букIунищ гьел унтабазул?
— Бищунго хIинкъи бугеллъун рикIкIуна кватIун, ай сахгьарун бажарулеб мехалъ гурони тIатунарел унтаби. Ургьисалабазда жанир ганчIал лъугьин, ракалъул ва диабеталъул хIинкъи букIин гIемерисезда лъала, амма ургьисалабазул артериалияб тIадецуй цIикIкIун букIин къанагIат гурони лъаларо. Жакъа Россиялда гьеб унти рикIкIуна бищунго хIинкъи цIикIкIараблъун. Гьеб ккола мекъаб гIумру гьабия­лъул ва гIумру гьабун вугеб бакIалда ругел захIмалъабазул хIасилалда. Гьайгьай, битIун букIинаан Россиялда ургьисалаби унтарал киналго чагIазул регистр гIуцIани, гьелда рукIинаан унтаразул унтабазул баянал. Гьелдасан лъалаан гIумру гьабун ругеб бакIалда бараб жо ургьисалабазул унтабазул букIунищали. ГIемерисел пачалихъазда гьединал регистрал церего гIуцIун руго.
— Ургьисалабазул унтабаздаса цIуни-къай кин гьабизе кколеб?
— ЛъагIалида жаниб цо нухалъниги щивав чияс, ургьисалабазул ультразвукалъулаб хал-шал гьабулеб бугони ва бидулъ букIунеб креатининалъул къадар борцунеб бугони, гьединал унтаби цудунго тIатуна.
— Ургьисалабазул унтаби сахгьариялъул нилъер гьанибги къватIисел пачалихъаздаги кIудияб батIалъи бугищ?
— Дагъистаналъул нефрологазда лъикI лъала ва хIалтIизарун бажарула гьабзаманаялъулал унтаби тIатинариялъул ва сахгьариялъул киналго къагIидаби. Аслияб масъала ккола специалистал-нефрологал гIоларого рукIин ва мукъсанаб къадаралда гурони гьелъие гIарац биччаларого букIин.
— Цере гIарзал рукIунаан унтарал чагIазул би бацIцIине гIурал аппаратал гьечIилан…
— Гьеб масъала тIубараблъун рикIкIине бегьула. Жакъа республикаялда хIалтIулеб буго би бацIцIунеб (гемодиализный) ичIго центр, гьездасан лъабгояб МахIачхъалаялда.
— Ургьисалаби кин цIунизе кколел?
— ГIумру гьабизе ккола сах-саламатго, гьекъолди ва хъалиян цIай рикIкIуна ургьисалабазул бищунго кIудиял тушбабилъун. ГIемер хIалтIизе бегьуларо унти къинабулел дараби. ЛъагIалида жаниб цо нухалъниги халгьабизе ккола ургьисалабазул бугеб хIалалъул.
— Ургьисалабазул унтаби кин тIатинарулел?
— Ургьисалаби ккола цIакъ гIодобе биччараб лага. Гьезул унти кватIун гурони лъаларо. Гьединлъидал бидул тIадецуй цIикIкIарав чи чара гьечIого халгьабизе ине ккола нефрологасухъе, хасго 40 сониде вахиндал.
Инсанасул кьаралъиги унтилъун рикIкIуна. Гьеб сахгьабизе ккола нефрологгун цадахъ.
Ургьисалабазул унти балъго цIикIкIунеб букIуна. Гьединлъидал, диспансеризация тIобитIулаго, чара гьечIого кьезе ккола кIващул гIаммаб анализ.
— Ургьисалабазда жанир ганчIал ва сали сундасан лъугьине бегьулел?
— Гьелъие гIиллалъун букIине бегьула гIемерал цIамал гъорлъ ругеб хъачIаб лъим, гьеб аслияб къагIидаялъ «ирсалъе» щола. Узухъда, бараб буго нилъеца гIумру гьабулеб куцалдаги — кIвахI, кванилъ гIадлу гьечIолъи «рекIее гIоларо» ургьисалабазе.
Абизе ккола, ургьисалабаздаги ццидал къвачIидаги жанир лъугьунел ганчIазда гьоркьоб кинабгIаги бухьен гьечIилан, гьел лъугьуна батIи-батIиял гIиллабаздалъун.
— Черх цIорозе биччани, ургьизалаби унтиялда хIинкъи букIунищ?
— БукIуна, цIороялдалъун инфекция ккола бихьиназул жинсияб логода жанибе, гьениса кIващул къвачIинибе, хадуб ургьисалабазде. Ургьисалаби унтизе бегьула цогидаб инфекциялъул унти тIаде цIикIкIиналдалъунги, масала, ангина. Ккола бигун цадахъ инфекция ургьисалабазде жанире ккаралги лъугьа-бахъинал. Гьелдалъун ургьисалаби гьороялда хIинкъи букIуна.
— Ургьисалаби цIуниялъе щиб лъикIаб бугеб, хурдузул кумек букIунищ?
— Руго цо гьадинал рагIаби: «Стакан лъел гьекъе ва дурго ургьисалабазда барке». ЛъикIаб буго гIураб къадаралда лъим гьекъеялъул. ГIадамаз кIвар кьола кванде, амма черхалъе лъел пайда цIикIкIараб буго. Гьекъе­зе ккола гIадатияб бацIцIадаб лъим. Бегьула шушбузул яги рокъоб фильтралъ бацIцIараб лъимги. Гьелда гъорлъ къоркъотIамах, чIотIохер ва тIогьилхIет гIадал даруял чIахIал ругеб лъим хIалтIизабизе бегьула. Амма гьеб дару тохтурасулгун дандбазе ккола.
— ТIад балагьун, лъазе кIолищ ургьисалаби унтарав чи?
— ЛъикIав тохтурасда, бер кIутIарабго, лъала ургьисалаби унтарав чи. Гьесул тIомол кьер хисун букIуна, свакан, макьихун вукIуна гьев. Ургьисалаби унтун рукIиналъул бицунел гIаламатал ккола хIатIал ва кверал гьорой ва беразда гъоркь къучIби лъугьин.
— Къокъго бицинарищ унтарал сахгьариялъе нужер отделениялда гIуцIун ругел ресазул…
— Исана нижер отделение рагьаралдаса анцIго сон тIубала. Гьениб буго 52 койка-бакI. Ахирал соназда отделение лъикIал специалистаздалъун ва гьабзаманаялъулал алатаздалъун хьезабуна, чIезарун руго киналго къваригIунел дараби. Унти чIезабизе ва сахгьабизе жакъа ни­лъер унтарал, цере гIадин, республика тун къватIире ине кколаро. Нижеца унтарал къанагIат ритIула Москваялде яги Ростовалде нефробиопсия гьабизе. КватIичIого гьеб нижер отделениялдаго тIубазабизе планалда буго.
Нури Нуриев