Коронавирус ва инсанасул ихтиярал

   Коронавирусалъул пандемия лъазабуралдаса нахъе унеб буго кIиго соналдасаги цIикIкIун заман. Гьелъ лъалаго хисизабуна нилъер гIумру: доре-гьанире ине, сухIматал гьаризе гьукъана, къана гIорхъаби. Гьеб киналъго рачана инсанасул ихтиярал мукъсан гьариялде. Экспертазул баяназда рекъон, 2020-2021 соназда бищун гIемер хIалтIизарулеллъун ккана «вакцинация», «самоизоляция», «маска» ва «перчатки» абурал рагIаби.

    Гьеб хIинкъиялдаса халкъ цIуниялъул мурадалда Россиялда гIуцIана хехал тадбирал. Гьелъие нугIлъи гьабула дунялалъулго ста­тистикиял баяназги. ХIукуматалъ гьарулел тадбиразул рахъккуна ул­каялъул гIемерисел гIадамаз.

    Унти тIадецуялъул хIасилалда ин­санасул сахлъи цIуниялъулъ ругел ва Россиялъулгун Дагъистаналъул Кон­ституцияз чара гьечIого тIуразе кко­лин абулел ихтиярал пачалихъалъ хъущтIизаруна хIалтIи кьолезулги жалго гражданазулги гъуждузде. Жакъа нилъеда киназдаго бичIчIулеб буго, гьединаб хIинкъи цIикIкIараб унтигун инсаният жеги дандчIван букIинчIеблъи. Лъалароан гьеб инса­насул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ, гIасрабаз гIуцIун лъугьараб, универ­салияб къагIидаялдаги. Россиялъул ракьалда инсанасе гIумру гьабизе бугеб ихтияралъе хIинкъи букIана гIицIго рагъул заманалда.

       Гьединлъидал коронавирусалъул пандемиялъ щакдаризе тIамуна ул­кабазул экономикиялгун полити­киял системабазде гуребги, инсана­сул аслиял ихтиярал цIуниялдеги. Инсанасул ихтиярал ккола, 70 со­нил болжалалда жаниб инсан во­кьиялъул кьучIалда дунял гIуцIизе квербакъараб, кIудияб жамгIияб бергьенлъи. Гьел ихтияразул цо пу­ланаб бутIа бараб буго нилъеда све­рухъ бугеб ахIвал-хIалалда -халкъ махIрумлъизехъин буго гIумру гьа­бизе бугеб ихтиярдасагицин.

         Пандемиялде данде къеркьеялъул мурадалда тIолабго Россиялдаго гIадин Дагъистаналдаги къабул гьа­рурал нормативиялгун правоялъул документазул хIисаб гьабидал, би­хьулеб буго, инсанасул ихтиярал дагьлъизариялъул рахъалъ нилъ­ер нухмалъиялъ къабул гьарурал хIукмабазе юридикияб кьучI бугеб­лъи. Гьел федералиял законазда рекъезарун хиса-басиял гьарулел руго нилъер республикаялдаги. Гьединаб заманалда нухмалъулезе щолеб хасаб ихтиярги кьочIое босун, цо-цо нилъ­ерго ругел ихтияраздаса заманалда махIрум гьаруна дагъистаниялги. Гьединаб ахIвал-хIалалде ккараб ме­халда, цIакъго кIвар бугеб суаллъун лъугьуна гражданазул ихтиярал ва гIадамазда тIадал ишал рекъа-ре­шон данде ккезариялъул масъала. Гьединал шартIазда нилъедаги, ай гражданазда, битIун ричIчIизе ккола хIукуматалъ гIуцIулел тадбиралги гьезул мурадалги.

      Гьединал тадбирал гIуцIиялъе правоялъулаб кьучIлъун буго 1995 соналъул 21 декабралда къабул гьа­бураб «ТIабигIияб ва техногенияб хасияталъул тIасан борчIараб хIал ккараб мехалда халкъги ракьалги цIуниялъул хIакъалъулъ» абураб №68 федералияб закон.

      Инсанасул ихтияразе батIи-батIияб асар гьабуна COVID-19 тIибитIунгутIиялъул мурадалда гьа­рурал хасал тадбираз. Гьеб асаралъул даража-къадар кинаб букIарабали чIезабуна Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги инсанасул ихти­ярал цIуниялъулги рахъалъ Росси­ялъул президентасда цебе гIуцIараб Советалъ (СПЧ). Гьеб хIалтIул хIаракаталъул хIасил СПЧялъул ва­килзабаз цебе лъуна «Инсанасул ихтиярал цIуниялъул кьучIалда эпи­демиялъул дарсал» абураб доклад гьоркьоб лъураб данделъиялда.

        ТIолабго дунялалдаго гIадин, жакъа нилъеда цебеги чIун буго аслияб мурад – гIемерисеб хал­къалъул сахлъи цIуни. Гьеб мурад ккола, инсанасул ихтиярал цо къа­даралда мукъсанлъизариялъул му­радалда, власталъ цIиял тадбирал лъазариялъе аслияб гIиллалъунги. Гьединлъидал абизе бегьула, жакъа нилъеда сверухъ лъугьа-бахъунеб ахIвал-хIалалда республикаялъул идарабаз гьарулел тадбирал руго нилъер бищунго къиматаб бечелъилъун кколеб жамгIияб сахлъиялъе бугеб хIинкъиялдаса цIуниялъул мурадалда гьабулеб хIаракат бугин абун. Гьеб рахъалдасан борцани, битIараблъун рикIкIуна власталъул хIаракатги. Ругищ гьеб хIалалда рукIаго, нилъерго ихтияраздаса нилъ махIрум гьариялъул хIужаби? Гьайгьай, руго, амма суал бачIуна: ихтияралищ, гIумруйищан абураб.

      Гьел тадбиразул кIвар жеги цIикIкIуна, коронавирусалъул пан­демиялъул заманалда хехго унти­ялъе рес бугел къапилабазул хIисаб гьабуни: рокъобе цIакъго дагьаб гурони харж бачIунарел хъиза­мал, сакъатал гIадамал, янгъизго хутIарал, ригь арал, ва чидар кумек гьечIого тIубаларел гIадамал. Гьезие къваригIарабщинаб жо чIезабиялда цадахъго пикру гьабизе ккола гьезул сахлъиялъе зарал ккунгутIиялъулги.

      Гьелъул мурадалда ва цебеккун рехсараб №68 федералияб зако­налда рекъон, Дагъистан Респу­бликаялда коронавирусалъул унти тIибитIунгутIизе 2020 соналъул 18 марталда ДРялъул бетIерас гъулба­сана «ТIадегIанаб хIадурлъиялъул режим билълъанхъизабиялъул хIакъалъулъ» абураб №17 ука­залда. Амма араб соналъул маял­де республикаялда букIана цIакъ хIалуцараб ахIвал-хIал. Унти гIемер тIибитIиялъул рахъалъ цере ру­гел регионазда гьоркьоб щуаби­леб бакIалда букIана Дагъистанги. Гьелда бан, улкаялъул президентас тIобитIана Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ би­цараб хасаб данделъи. В. Путинил тIадкъаялда рекъон, Россиялъул Сахлъи цIуниялъул министерство­ялъ хIадурана Дагъистаналда ко­ронавирусалде данде къеркьеялъул хасаб план, ва Оборонаялъул мини­стерствоялъ республикаялда базе байбихьана медицинаялъул центр.

      2020 соналъул 23 октябрал­да бахъана «ДРялда коронавирус тIибитIунгутIиялъул мурадал­да тIадеги тадбирал гIуцIиялъул хIакъалъулъ» абураб ДРялъул бетIерасул № 96 указ. ГIуцIана гьеб рахъалъ хIалтIи гьабулеб оперативи­яб штабги. Гьединаб ахIвал-хIал кке­ялъул рахъалъ бугеб жавабчилъиги бичIчIун, Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министрас гьарана жив хъулухъалдаса эркен гьавейилан абун. Дир гIумруялда тIоцебесеб нухалда ккана гьединаб бахIарчияб хIужа – жиндиего бокьун министрас хъулухъ тей.

        Цереккун рехсарал тадбиразул хIасилалда гIезегIанго лъикIлъана республикаялда букIараб ахIвал-хIал. Амма гьабсагIаталдаги хIалуцунеб буго иш. Жакъаги нилъер республика буго гьеб квешаб унти хехго тIибитIулел ругел цогидал субъектазда гьоркьоб. Нилъеда бичIчIулеб гьечIо унтиялъул квеш­лъи, гьелъул хIиллаялъ нилъее гьа­бизехъин бугеб заралги ккезехъин ругел камиялги. Гьурмада маска ххоларо, гIемер чи данделъарал тадбиразулъ гIахьаллъула, дини­ял ва рукIа-рахъиналъул тадбирал тIоритIула ва гьелдаго цадахъ ун­тиги тIибитIула. ГIицIго гьеди­нал тадбирал дагь гIуцIиялъулцин кIудияб кIвар буго унтиялдаса хва­сарлъиялъе. Жакъа хIажат буго, киналго цадахъ рахъун, вирусалъулаб бахунеб унтиялдаса цIунизе хIаракат гьаби, тохтурзабаз рихьи­зарулел тIалабал, вакцина гьабиялде гIунтIун, мухIканго тIуразари. Кина­зулго хIаракатги цолъизабун, данде рахъинчIони, гьеб тушманалъукьа бергьинехъин гьечIо нилъ.

      З. ИЛЬЯСОВ,

ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб ЖамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул

ихтиярал цIуниялъул рахъалъ советалъул председатель