ХIинкъиялъ жеги тамах гьабула черх

 

    Ковидалъул пандемия тIибитIараб заманалда «БагIараб зонаялда» хIалтIулаго анцI-анцI унтарасда аскIой яхъун чIарай, гьезие бажарараб кумек гьабурай гIадан ккола «Рахунел унтабазул, профилактикаялъул ва СПИДгун къеркьеялъул республикаялъул централъул» 3-абилеб ва 4-абилеб госпиталазул начальник Разият МухIамадова. Гьелъул бахIарчияб хIалтIуе къиматги кьун, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министрас гьелъие кьуна Баркалаялъулаб грамотаги.

     Разият ккола Хунзахъ районалъул ГIободаса хирург Асадулагьил ва Гумбет районалъул МелъелтIаса ГIазрал яс. Разиятица бицана тохтурасул махщел тIаса бищиялъе гIилла кканин инсуда берцин йихьи, ай гьев рази гьавизе бокьи. Гьесие цIакъ бокьун букIанила жий тохтурлъунги яхъун, гIадамазе пайдаяй гIадан лъугьине.

     ТIокIлъиялда школа лъугIарай Разият, Дагъистаналъул медицинаялъул академиялде цIализе лъугьана. Студентлъиялъулал соназда гьей жигаралда гIахьаллъулаан фармакологиялъул ва анатомиялъулгун физиологиялъул кружоказда, гIелмиял докладалгун цее яхъунаан конференциязда.

    ЦIали лъугIун хадуб Разият 20 соналъ терапевтлъун хIалтIана МахIачхъалаялъул тIоцебесеб больницаялда.

     2017 соналда гьей хIалтIизе ахIана Республикаялъул рахунел унтабазул централде. Гьелъул лъайги, махщелги, хIалтIи гIуцIизе бугеб гьунарги бихьун, заман балелдего МухIамадова тIамуна госпиталазул начальниклъун. Гьелъул хIакъалъулъ хабар ккедал, цадахъ хIалтIулез абуна: «Разият йиго гурхIел-рахIму цIикIкIарай тохтур, лъикIлъиги, гIаданлъиги, берцинаб гIамалхасиятги кьун Аллагьас кIодо гьаюрай гIадан», — ан.

    Госпиталалда бугеб къимат кьеялъул ва суалал цере лъеялъул тIехьалда руго сах гьарураз Разиятил хIакъалъулъ хъварал гьадинал рагIаби. Масала, ГIалиева Умаца хъвалеб буго: «Ковидалъ тамах гьаюрай дица, гIумруялъулгун къо-лъикI гьабун букIана. Сах гьаюн унаго, хвалил квачIикьа дун яхъарай Разиятил кверазда дица, бетIер къулун, баана. РакI-ракIалъ баркала кьуна гьелъул тIолабго коллективалъе. Нужер щивасул цIарал дида хвезегIан кIоченаро», — ян.

     Тарумовкаялдаса СагIидова Мадинаца хъвалеб буго: «Ковидалъ захIматго унтарай дун, госпиталалда гьабураб тIадчIараб хъулухъалдаса хадуй хвалдаса йорчIана. Дида хвезегIан кIоченаро Разиятил кверазул тамахлъи, гьимиялъул берцинлъи, тохтурасулаб лъаялъул ва махщалил камиллъи», — ян.

     ЛъикIал чагIазе Аллагьас талихI кьолин абула. Разиятил буго унгоунголъунги талихIаб хъизан. Гьелъ жинцагоги абула: «ЛъикIав росги, малъараб гьабулел лъималги кьун, Аллагьас кIодо гьаюрай гIадан ккола дун», — ан.

    Гьелъул рос Шамил ккола налогазул инспекциялъул инспектор, яс ПатIимат — экономист, вас Марат — экономист-программист.

    Пандемиялъул заманалда букIараб ахIвал-хIалалъул ва дандчIварал захIмалъабазул хIакъалъулъ бицун, Р. МухIамадовалъулгун нижеца гарачIвариги гьабуна.

    — Разият, кинаб къимат дуца кьолеб бищунго захIматал къоязда госпиталазда букIараб ахIвал-

хIалалъе?

    — Бищунго захIматал рукIана пандемия байбихьарал тIоцересел къоял. Гьеб мехалъ дун хIалтIулей йикIана ковидалъ унтарал сах гьаризе медицинаялъул хIалтIухъаби ругьун гьариялда тIад, 17 августалдаса нахъе байбихьана «БагIараб зонаялда» хIалтIизеги.

    Лъугьун букIараб ахIвал-хIалалъе цо рагIудалъун къимат кколеб бугони, «лъангутIи, баян гьечIолъи» абун абизе бегьила. Лъалеб букIинчIо унти кин унебали, цебетIолебали ва хисулебали, гьединго кин гьебгун къеркьезе кколебали.

    — Гьеб заманалда кинаб букIараб дур хIалтIул къоялъул низам?

    — ЗахIматал рукIана гIемерал унтарал рачIунеб къо, бигьаяб — сахлъун гьел унеб къо. Жеги захIматал рукIана занкIун цIурал госпиталазда бакI гьечIин абун, унтарал къабул гьаризе рес гьечIел къоял. Пандемия байбихьараб лъабго моцIида жаниб ниж, гIумру гьабун, госпиталалдаго рукIана.

     — Пандемиялъул заманалда госпиталазда чан тохтур ва медсестра хIалтIулел рукIарал?

    — «БагIараб зонаялда» тохтурзабазул ва медсестрабазул хIалтIуца ниж хIайранлъизарун рукIана.

   — Ковидалдаса цо-цо унтарал цIакъго хIинкъулел рукIана…

    — Социалиял гьиназдасан тIибитIизабун букIана ковидалъ гIемерал чагIи холел ругин абураб хабар. Гьединлъидал унтаралги цIакъ хIинкъун рукIана. Ковидалъул гIаламатал рукIин лъайдал, цо-цо чагIи цIакъго хIинкъун лъугьунаан. Гьединаб мехалда унтиги жеги захIмалъулаан.

   — Жакъа Дагъистаналда ковидалъул рахъалъ кинаб хIал бугеб?

   — Унти багъарун заман иналде, тохтурзаби ругьунлъана ковидалъ унтарал сах гьаризе. Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ гIураб къагIидаялда чIезаруна ИВЛаппаратал ва дараби. Гьеб киналъулго хIасилалда унтулезул къадар дагьлъана. РИБЦалъул нухмалъулей РавхIаният Мирзаевалъухъа букIинеселъе цебеккунго къимат кьезе бажариялъул хIасилалда, «ковидалда дандечIеялъе» нижер лъикIаб хIадурлъи букIана, гьелъул лъикIаб хIасилги ккана. Къокъго абуни, тохтурзабазда кIвана республикаялда ковид унти къезабизе.

   — Разият, гара-чIвариялъул ахиралда магIарулазда щиб абилеб ва кинаб малъа-хъвай гьабилеб?

    — Лъица щиб бицаниги, чара гьечIеб ишлъун ккола щивав чияс вакцина гьаби.

    Ковидалъул гIаламатал тIатани, мадар лъугьинегIан хIалтIизаризе ккола аскорбин, интерферон, арбидол дараби, унти цIикIкIине лъугьани, гIедегIе больницаялде.

    Ковидалъул вирусазе бокьуларо бацIцIадаб, бухIараб лъим. Гьединлъидал кIварабгIан гIемер гьекъезе ккола лъамалъи.

    «ХIакъикъаталъул» редакциялъул хIалтIухъабаз Разиятида ва гьелъ нухмалъи гьабулеб коллективалъул руччабазда баркула тIаде щолеб бугеб ихдалил гьайбатаб 8 марталъул байрам. Гьарула киназего талихI, рохел ва сахлъи.

 

 Нури НУРИЕВ