ХъахIаб халгIаталда кунчIана орден

ГIайшат Идрисова ккола Хьаргаби районалъул КIикIуни росулъа.

ГIагараб росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана Астраханалъул медуниверситеталде. Гьенибго лъугIизабуна интернатураги. ТIад юссана гIагараб районалъул больницаялде, хIалтIулей йиго реанимациялъулгун анестезиологиялъул отделениялда.
Лъабго сон гурони хIалтIул хIалбихьи гьечIей гIолилай къеркьезе ккана коронавирусалде данде.
Гьеб бахIарчияб хIалтIухъ гIолохъанай тохтур мустахIикълъана Н. Пироговасул орденалъе. Дагьал церегIан къояз гьей ахIун йикIана Москваялде. Россиялъул хIукуматалъул председатель Михаил Мишустиница гьелъул каранда бана орден.

Икъбал! Кье дихъе квер…

— Унго-унголъунги дун талихIай гIадан йикIун йиго. Щванагури дие рес, гIадамазе кумек гьабизе. Гьале лъугIана дир мединститут, тIубана дир анищ. Дирго беразда божуларого йиго – дица хъатикь ккун буго тохтурасул махщел щванин дие-йилан тасдикъ гьабулеб документ. Дун – тохтур. Бокьун бугеб куц дирго хIалбихьизе. Гьеб тIадегIанаб цIаралъе мустахIикъай йигодай дун!? Щиб сайгъат дий къисматалъ хIадур гьабун бугеб?
Икъбал! ЧIа дир хьолбохъ. Кье дихъе квер. Гьабе дие кумек. Дуде кIудияб хьулгун йитIун йиго ТIадегIанас дун гьаб ракьалде. Дида рагIулеб буго Икъбалалъул гьаракь:
— ХIурматияй гIолилай. Щвана мун дурго мурадалъул гъасде. Гьале дунги тIаде щвана, цадахъ рохелги, талихIги, гьимиги, цIаги, хинлъиги, рокьиги жубараб квацIиги босун. Амма дуда лъазе ккола гьездаго хьолбохъ къварилъи-пашманлъиги, магIуги рукIунеллъиги. РукIине руго гъалатIалги, цоги батIи-батIиял лахIзаталги. Мун киналъего хIадурго йикIа. Къуркьуге захIмалъабазе. Нух битIаги дуе, хIурматияй гIолилай.
Гьединал пикрабаз гIолилай ячун йикIана жиндирго анищалъул цIва кунчIараб мурадалъухъе. Гьей хIалакун йикIана тохтурлъи гьабизе, гIажалалъул къвалакьа унтарал рахъизе…
ГIайшатида жеги бичIчIулеб букIинчIо жиндир тохтурлъиялъул нухда дандчIвазе бугеб согIлъиги кьогIлъиги…
Долдаса нахъе ана лъабго сон, ГIайшат гIагараб Хьаргаби районалъул централияб больницаялъул реанимациялъулгун анестезиологиялъул отделениялде хIалтIизе лъугьаралдаса.
Гьей, гьитIинаб лъимер гIадин, йохулаан унтаразул гьурмазде цIидасанги гьими тIад буссиндал. Цо-цо мехалда йохиялъ, каранда бакI гIоларого, кIетIезе лъугьунеб рекIел ахIиялъ гьей цIидасанги ячунаан жиндирго мурадалъул гъасда бакараб гьелегьараб цIадухъе.
Амма жеги пикрабазул куркьбаздаго йигей гIолилалда ракIалдецин кколеб букIинчIо кватIичIого жиндир талихIалъул хIалбихьизе хъачIаб хвел бачIине бугеблъи.
Цо къоялъ, лъихъаниги изнуги босичIого, бачIун инсанасул гIумруялде каву рагьана цIар лъезе лъалареб гIажалалъ. Китаялда бижараб гьеб вахIшияб унти гIагараб районалде щвезе букIиналда щаклъулейго йикIинчIо ГIайшат. Ва гьелда цIидасанги рагIана Икъбалалъул гьаракь:
— Гьалеха, хIурматияй тохтур. РагIулеб бугищ дуда гIумруялъул гIасияб зигара? ГIумруялъул берцинлъиялъул махI жеги рагIа-ракьанде щун сунтIизе щвечIей дуда божи-лъигун кIалъалеб буго гIумру.
Дуе нух битIаги гьаб нухалдаги. Лъай – дун дур хьолбохъ буго…
Гьединал малъа-хъваялги гьарун, нуха регIана Икъбалалъ ГIайшат хвалил корониб бежизехъин бугеб гIумру хвасар гьабизе.
— Гьел рукIана цIакъго къваридал лахIзатал. Хисана кинабго сверухълъи. ГIумруялъул гIидраялда рижун ругел рокьул тIугьдул лъалъалел рукIана къойил кколел ругел камиязухъ гIадамаз тIолеб магIуялъ. Борхалъудасан гIумруялъул къварилъи-ялъухъги балагьун хьим-хьидулеб бугеб хвелалъ дагьабги къуват кьолеб букIана дие. Дида лъалаан цо жо – хъахIаб халгIаталъе дица бараб гьаялъе даим ритIухъайлъун хутIизе кколейлъи, — йиланги абун, гIод-гIодун йиччан тана ГIайшат.
ЦохIо вугев лъабго сон барав васги эбелалда аскIов тун, отделениялъул нухмалъулей ПатIимат МахIмудовагун цадахъ ГIайшатица байбихьана, къад къо гурого, къаси сордо гурого, хвалил ццидалал квачIакьа гIумру бахъизе.
— Гьаниб рехсечIого гIоларо больницаялъул бетIерав тохтурасул заместитель ХIажимурадил цIарги. Унтарал хвасар гьарулев гьесул цеве вугев чи вихьулеб хIалгицин букIинчIо. Унтана гьесул эменги. ВачIана гьевги больницаялде. Кинаб хIалха букIун батилеб тохтурасул. Гьесда лъалеб ва бичIчIулеб букIана цохIо инсуде вуссун жив тIувалареблъи. КIвечIо гьесда эмен хвасар гьавизе. Къад эменги вукъун, къасиялде тIаде щвана ХIажимурад.
Доб заман гьанже ракIалде щвезабизецин бокьуларо дие. Рагъул заманалъул госпиталалда релълъун букIана нижер больница. Къеркьолел рукIана вихьуларев тушманасде данде. ГIемерлъана гIагараб районалда дол къояз хвелал. РекIелъан би бецIцIулеб гIадаб асар букIана, хобал рухъун хадур гъолел гьечIилан ругьел бачIиндалги. Беролеб букIана гIумру хвасар гьабулеб къуват, -илан бицунагоги, гIодулей йикIана гIолилай.

ГIумруялъул гIидра чIурхIулеб буго…

ТIаде рахъунагоги, гIодор чIолагоги, бусадаса тIаде гьункьулагоги, кьижулел-рахъунелъулги, холел рукIана гIадамал. Угьдулеб букIана гIумру. Гьелъул сариназухъ гIенеккидал, чIвалеб букIана хвалил махI. Киса-кибегоги – хвалил махI. Гьеб махIалъ рухIизарулел рукIана гIумруялъухъ гIащикълъаразул берал. ЧIурхIун лъолеб букIана гIумруялъул гIидра. Секьулебго букIинчIо гIумруялъул магIу.
Гьел лахIзатаз чанго соналъ кIодолъана ГIайшат. Гьелда бичIчIана ва бихьана гIумру гIицIго рокьи гуреблъи. ЦIияб гIумруялъул авалалда гьей дандчIвана хвалдаги гIумруялда гьоркьор къан рукIарал къваридал къисматалгун. Лъана гьелда гIумруялъул багьаги. Цоги бичIчIана гьелда гIумруялъул тIагIам, нахъ тIамун течIого, заманалда цIузе кколеблъиги.
— Гьаб гIумруялъул камиллъиги берцинлъиги дида бичIчIулебго букIун гьечIо, киеялиго гIедегIун уней йикIин гурого. Заманго гIолароан бакъул чIоразул хинлъиялъухъе анищал гьаризеги, моцIрол канлъухъе хьулазул иццазда кIалчIвазеги, цIваби каранде къазеги, цIадалдаса хадуб баккулеб анкькьераб нуралъул берцинлъиялъухъ ялагьизеги. Хадубалде тун букIана кинабго.
Амма коронавирусалъ гIемераб жоялъул пикру гьабизе тIамуна. Огь, кватIулел ругел куц нилъ, гIадамал, цоцазе рокьиги хинлъиги кьезе.
Щиб лъалеб, ТIадегIанас нилъер хIалбихьизе, нилъ лъикIалде кантIизе тIамураб балагь батизеги бегьула гьаб. Цоцазул адаб чIаго рукIаго гьабизе кколиланги щурулеб букIанин ккола хвелалъ, — илан абуна ГIайшатица.

ГIумруялъул гIидраялда кунчIарал цIаял

Дун урхъун ялагьун йикIана гьелъухъ ва кIвар кьун гIенеккана гIумруялъ кIодолъизе гьаюрай гIолилалъул хъахIаб халгIаталъул къисаялъухъ. Гьеб кунчIизабуна орденалъ.
Коронавирусалде данде къеркьолаго, бихьизабураб хIаракат-чилъиялъухъ жеги лъеберилъегицин санал рахинчIей Дагъистаналдаса гIолилай Идрисова ГIайшат Идрисовна мустахIикълъана цIакъго тIадегIанаб шапакъаталъе – Н. Пироговасул орденалъе.
Гьеб букIана гIолилалъул гIумруялъул гIидраялда кунчIизе ругел цIаязе кIудияб цеберагIилъун.
— Москваялде ахIулей йигилан абидал, божизего бачIунеб букIинчIо. Щаяли лъаларо, гьаб нухалдаги доб Икъбалалъ дун рехун течIо. КIудияб залги. КIудиял хъулухъазул, цIикIкIараб ригьалъул гIадамалги ва жеги дидаго гьитIинаб лъимерилан кколей дунгоги…, — ян къварилъахъдизе лъугьана гьанжеги ГIайшат.
Россиялъул хIукуматалъул председателас орден кьолеб лахIзат. Кинабдай гьеб букIараб гIолохъанай тохтуралъе.
— ЦIидасанги цебе бачIана доб хIинкъараб заман, нижеде божарал унтарал, хвасар гьаризеги кIвечIого, гIумруялъулгун къо-лъикI гьабурал гIолохъабиги, гьездаго цадахъ харабиги. Рохалидасаги пашманлъи гIемер букIана. Бугониги, рекIелъе чIухIиги бачIана. Гьел лахIзатаз дидаса бохун букIун батила дир Икъбалги. Гьебги бачIана дихъе, дир хъахIаб халгIатги цадахъ босун, — иланги абун, гьаб нухалда дагьайго разиго гьимана ГIайшат.

Сахаватлъиялъул лъалкIал

Жакъасел гIолилал. Киналха гьел ругел. Киналго заманабаздаго гIадал, лъикIал. Гьезул лъикIлъиялъулги тIокIлъиялъулги бицун гIорцIулей йикIинчIо ГIайшат.
— Нижеда цадахъ сардалги рорчIана гIолилаз, цо секундалъгицин ниж жалго течIо гьез. Гьале доб мугIрузда рижарал бахIарчиял гIолохъабазул сахаватал ишал. Унтаразул къаданирги кIусана гьел, нижедаго цадахъ гьезухъе бачIунеб хвелги къабул гьабуна гьез, цо-цояз гIумруялъулгун къо-лъикI гьабулел лахIзаталги гIахьал гьаруна гьез. Киса-кирего – нижгун. Унтаразухъе аппараталгунги гьел рекерулаан.
Гуребани, хвелги унтиги нахъегIан къазе рукIинчIо. Сахаватлъиялъул лъалкIаз дагьабги берцин гьабуна хвелалъ кIвекIун свакан букIараб гIумру.
КIалккураб заманги букIана доб. Кванан бахъунаребщинаб нигIмат чIезабун букIана нижее гIадамаз. Гьеб гурищ инсанасул сахаватлъиялъул лъалкIал. Гьелъ хвасар гьабулеб буго жакъаги ракьалда гIумру, — йилан ахиралдаги абуна ГIайшатица.
Биччанте ГIайшат Идрисовалъул хъахIаб халгIаталъул къиса дагьабги гвангъизе, гIумру тIегьазе гIоло гьелъ гьарулел ишазги, унтараздехун бугеб адабияб бербалагьиялъги, гIолохъанлъиялде гьелъул бугеб гьайбатаб гIищкъул цIаялъги.