«КочIолаб ЧIарада» – Москваялда

 

10 июналда Москваялда байбихьараб «Россия — Вселенная звука» абураб халкъазда гьоркьосеб музыкалияб фестивалалда гIахьаллъана «КочIолаб ЧIарада» хорги. Хоралъ кучIдул ахIана лак, лезги, дарги мацIазда, амма аслияб репертуар гIуцIун букIана магIарул мацIалда.

Москваялда рукIаго, хоралъул нухмалъулезги гIахьалчагIазги рихьизаруна мастер-классалги. Гьенир тIоритIана миллияб маданияталъул выставкабиги, «Мадугьаласул хIакъалъулъ дуда щиб лъалеб?» абураб социалияб цIех-рехги.