Рокьи ккаразул мурад тIубана

 

 22 марталда Авар театралда бихьизабуна «Росулъ ккараб кепаб иш» абураб спектаклялъул премьера. Пьесаялъул автор ккола хъвадарухъан ГIарип Расулов, режиссер — ДРялъул мустахIикъав артист МухIамадгIарип Сурхатилов.

  Жакъа дунялалда бугеб ахIвалхIалалъ киназулго рахIат хвезабун бугониги, зал занкIан цIун букIана комедиялъухъ балагьизе рачIараз.

Спектаклялда бицунеб бугеб иш ккола магIарул росулъ. Гьенир рорхун рукIана кидаго кIвар бугел хъизамалъулги, рокьулги, рукIарахъиналъулги суалал.

   ГIолохъанал студентал Запирилги МадихIатилги рокьи ккун букIуна цоцахъ. Амма МадихIатил эбелалъе бокьун букIуна жиндирго яс рес бугев чиясе росасе кьезе. РакIалдаго гьечIого, гьезухъе гьоболлъухъ рачIуна шагьаралдаса гьалбал: эбелги васги. КIал бахьинай эбелалъги гьелъул «бабал МухIума» — васасги бицуна жидер гIемер тукаби, квартира, машина, хирияб къайикъоно бугин шагьаралдайилан. Гьелда ракI бахиллъула МадихIатил эбел ГIашурал.

   Гьеб киналъго рахIат хвезабула Запирил. Гьес цин гьезул машинадул гьакибурдул рахчула, хадуб, гьев «бахIарав» тIад вуссун иналъул мурадалда, полициялъуласул ретIелги ретIун, гьел ралагьизеги кумек гьабула. Спектаклялъул ахиралда, гьезда кIола ГIашура мукIур гьайизе ва рокьи ккарал цолъула.

Актераз махщалида, балагьарал божиледухъ хIана жидерго ролал. Спектаклялъул аслиял героял рукIана театралъул гIолохъанал артистал Амина ГIабдулатIипова ва Ибрагьим МуртазагIалиев, ва гьединго ролал хIана Разият Дибировалъ, Амантула Къебедовалъ, ГIабдулхаликъ ГIабдулхаликъовас, МухIамадрасул ГъазимухIамадовас, АхIмад КIудиевас ва Наира ХIабибулаевалъ.

МухIамад МАНАПОВ