ХIасан ГьитIинов: «Сурат букIине ккола кIалъалеб»

«Художник ХIасан», «ХIотодаса ХIасан» абун, киназдаго лъалев, киназго адаб-хIурмат гьабулев, росабалъа райцентралде рачIарал чагIазул гьари тIубазабулев чи вукIана ГьитIинов ХIасан ХIебда хIалтIулеб мехалдаго. Гьес хъварал лозунгаз, плакатаз, рахъарал суратаз анцI-анцI соназ берцин гьарун рукIунаан райцентралда тIоритIулел байрамалъулал тадбирал. Шамил районалъул ХIотода росулъа ХIасаница лъугIизабуна Да­гъистаналъул художествияб училище. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго МахIачхъалаялда. Жакъа художникас гьарулел хIалтIабазул ва дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ бицун, гьесулгун нижер гьадинаб гара-чIвари ккана:

 

 

     — ХIасан, ахирал соназда дур гьунаралъул тема сунде буссараб бугеб? Кинал ругел хIалтIул хIасилал?

 

      — Цо чIараб темаялда тIад хIалтIуларо дун. Сураталги къанагIат рахъула гьанже. Аслияб куцалъ вуссун вуго художествияб къагIидаялъ мажгитал къачIаялде. Жанисанги къватIисанги берцинаб хатIалъ, накъишаз къачIала мажгитал, михIмарал, гьарула мажгитазда жанир ралел люстраби.

 

   — Махщалил нух киб ва сундасан байбихьараб?

     — ГIезегIанго соназ хIалтIана ХIебда букIараб, ДРялъул Культураялъул министерствоялъул тIалаб гьабулеб, художествияб мастерскаялъул нухмалъулевлъун. Дир нухмалъиялда гъоркь вукIана лъабго художник. Аслияб куцалда нижеца гьарулаан райцентр берцинго къачIаялъулал хIалтIаби, доб мехалъ гьелда «берзулаб агитацияйин» абулаан. Гьелдаса эркенаб заманалда рахъулаан суратал. Дол соназда дица портрет бахъичIев цониги министр хутIун ватиларо Дагъистаналда. Районалде вачIарав ДРялъул бетIер МухIамадгIали МухIамадовасе сайгъат гьабуна дица бахъараб гьесул портрет. Гъуниб районалъул бетIерлъун вукIарав ГIабдухIалим Мачаевасул заказалда рекъон, дица бахъана гьеб районалъул росабазул лъеберго сурат. Дун кидаго хIалтIана «Дица бахъараб сурат кIалъазе ккола» абураб масъалаги цебе лъун.

 

     — Кинал жанразда мун хIалтIулев?

 

      — Дица лъугIизабуна художествияб училищеялъул «мастер-ювелир» абулеб отделение. Къокъго абуни, художествиял махщелазул дица гьабулареб жо ккола цохIо гIарац-меседалъул хIалтIи. ЦIияб ГIурада школалда цебе буго дица гьабураб Суракъат Асиятиловасул бюст. ХIебда паркалда — ВатIаналъул рагъда хварал бахIарзазе гьабураб памятник-стелла ва гIагараб районалда Шамил имамасул цIар лъолеб мехалде гьабураб имамасул барельеф. Дун хIалтIула киналго жанразда, амма гьездасан аслиял ккола живопись, гъваридаб магIнаялъул кIудиял (монументалиял) ва дизайнерлъиялъулал хIалтIаби.

 

    — Мун гIахьаллъулищ выставкабазда?

     — Пейзажалги портреталги лъун, республикаялда тIоритIулел выставкабазда гIахьаллъулаан цеве. Цо нухалъ гIахьаллъана Ставрополалда тIобитIараб Россиялъул выставкаялда. Гьездаса дие цо кIудияб пайдаго щвечIо, цIарал-шапакъатазда хадувги дун лъугьинчIо. Цо гьединаб выставкаялда «Берцинай магIарулай» абулеб дир портреталъе экспертазги балагьаразги лъикIаб къимат кьуна, гьеб сурат каталогалда бищун цебеги лъун букIана.

 

    — ТIоцебе дуца кида сурат бахъа­раб, сундул хIакъалъулъ гьеб бу­кIараб?

      — Школалда цIалулеб мехалъ дир гIагарав чи ГIалилас рахъулел суратал берцин рихьун, дир ракI цIана гьеб ишалде. Художниклъиялде тIамурал дир тIоцересел галабилъун рикIкIине бегьула 4-5 классазда цIалулев дица фотографиялъухъ балагьун къалмица рахъарал суратал. Хадур школалъе хIажатал суратал рахъулаан. Гьелъул дие цо баракатги ккана. ГIурус мацIалъе дун лъикIав вукIинчIо, камулароан кIийилалги. Дица бахъараб Ленинил портрет бихьидал, нижер гIурус мацIалъул мугIалим гIажаиблъун вуго. Гьелдаса хадуб гьес дие цониги кIийилги лъечIо.

 

     — Художниклъи гуреб, эркенаб заманалда гьабизе бокьулеб хIалтIи бугищ дуе?

 

      — Эркенаб заман дир киданиги букIинчIо ва букIунаро. Дир руго гIемерал заказал. Дие цIакъ бокьула суратал рахъизе, хасго пейзажал, портретал. Бокьула искусствоялда хурхараб кинабго хIалтIи, хасго бетIерги квералги рекъон гьаризе кколел ишал: къед бала, дун рикIкIуна лъикIав цIулал устарлъун. ГIолохъанаб мехалда чанаве хьвади- зе бокьулаан, тIабигIаталде гIемер унаан.

 

     — Чан мажгит дуца къачIараб? Дур гьел хIалтIабазе халкъалъ кинаб къимат кьолеб?

 

     — ТIоцебе дица къачIана гIагараб ХIотода росдал мажгит ва гьениб базе гьабуна берцинаб люстра. Гьединго дица къачIана МахIачхъалаялъул ГIахъущиясул къотIноб бугеб кIудияб мажгит. Дагъистаналда гIезегIанго мажгитал къватIисаги жанисаги къачIана дица, гьаруна гьенир разе люстраби. ГьабсагIаталда къачIан бахъунеб буго Редукторный поселокалъул горсвериялда бугеб кIудияб мажгит. Дир эскизазда рекъон, васаз къачIана мажгитал. Цоги художниказ гIадин, трафаретаздалъун яги суратал седон гуреб, дица мажгитал къачIала квералъ суратал ва накъишал рахъун. Гьелъги батила, халкъалъ дир хIалтIабазе кидаго лъикIаб къимат кьола.

 

     — Суратал рахъиги дагь гьабун, мажгитал къачIаялде лъугьиналъе щиб гIилла ккараб?

      — СССРалъул заманалда художниказухъа суратал библиотекабазе, клубазе, батIи-батIиял идарабазе, гьединго коллекциязда лъезе росулаан. КигIан лъикIал ругониги, жакъа художниказул суратал росулел гьечIо. Нижер суратазул къимат хвезабуна чIахIиял принтеразда рахъарал ва Китаялдаса рачIарал ширпотребалъул канчIал кьеразул суратаз. Квеш ккараб жо буго, жагьилал чагIи гIемерлъун рукIин, гьезда я искусство, я художникасул суратал ричIчIуларо. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисал бачина. ХIатталдаса ун бечедав чиясул буго цIакъ чIухIараб мина. Дица гьесда гьикъана: «Дур рукъзабахъ художникасул цониги сурат щай гьечIеб? Месед-гIарцулго гIадин, суратги ккола заман анагIан багьа цIикIкIунеб бечелъи», — ян. «ЛъикIаб сурат бахъун бажарулел художникал ратиларо нилъер», — абун къокъ гьабуна гьес хабар. Дица гьев вачана суратазул выставкаялде. «ЧIорого кьуниги, гьал суратал дица, дир минаялъул нуцIихъа жанире риччаларо», — ян абуна гьес.

 

    — Нужер хъизамалда вукIанищ, вугищ суратал рахъизе махщел бугев чи?

 

    — Нилъер умумузул суратазде регIараб хIал букIинчIелъулха. Мунагьал чураяв эмен вукIана кверзул махщел бугев, жиндир заманалда цIар рагIарав хьитазул устар. Пед­университеталъул худграф лъугIарав вац Ибрагьимги ккола машгьурав скульптор. ЦIаларал гьечIониги дир кIиго васги ругьунлъана художникал-оформителазул ишалъе.

 

   — Суратал рахъиялдаги мажгитал-минаби къачIалда гьабулеб хIалтIудаги гьоркьоб батIалъи бугищ?

 

     — Чуялдаги хIамидаги гьоркьобгIан кIудияб батIалъи буго. Мажгитал къачIаялда хIалтIизарулел краскаби рукIуна зодил кьерал, ай ракIалъе къабулал, мина-рукъалъул интерьер къачIалаго, кьерал мебелалъул кьералда рекъезаризе, гьайгьай, хважаинасул гогьлъи, ай гьесул тIалабалги хIисабалде росизе ккола. Цоги, сурат бахъула мольберталда нахъаги эхетун. Мажгит, мина къачIай гьелдаса гIемерго захIматаб буго. ХIалтIи байбихьилалде ботIрода жаниб бахъ- ун букIине ккола къачIаялъул сурат, хIадуризе ккола проект, смета. Гьединго, чIалидаги эхетун, тIубараб къоялъ, бетIерги эхеде битIун, хIалтIизе ккола.

 

    — Художниклъи гуреб, цоги батIияб хIалтIи гьабизе бокьилаанин кколищ дуда?

 

      — Киве кканиги, дирго махщалил баракат-кумек камичIо дие. Гьелдалъун бигьалъи букIана цIалулагоги, армиялда хъулухъ гьабулагоги. Макьабиги дир суратал рахъулел рукIуна. Гьереси щай, сурат бахъизе бокьун, цо-цо мехалъ дир кверал рукарула.

 

    — Лъималаздаса рази вугищ?

 

 — Аллагьас дие кьуна дун разияв ункъо вас. Гьел руго гIодобе биччараб гIамал-хасияталъул, кверзул махщел бугел чагIи.

 

     — Цогидазда дандеккун, художникасда гIумруялъул гIолелги гIоларелги рахъал цIикIкIун рихьула. Жакъа нилъер гIумруялъе кинаб къимат дуца кьолеб?

        — Бечелъиялда хадур лъугьиналъ гIадамазул гIамал-хасият квешаб рахъалдехун хисун буго. ГIадамазе хIалтIизе бакIал гьечIолъи буго квеш ккараб жо. ГIолилалги лъугьунел руго хIалтIизе бокьулареллъун. Цебе гIадин гIагарлъиялда, гьудул-гьалмагълъиялда гьоркьоб гьуинлъи, гьудуллъи дагьлъун буго. Жидерго чунтби цIезарулаго, тIалъиги гIадатияб халкъалде регIун гьечIо. СССРалъул заманалда вакъарав чи вукIинчIо, ритIухълъиги гIарз гьабун ине бакIги букIана.

 Н. НУРИЕВ