Балъгояб даптар

 

ХIурматиял магIарулал! «ХIакъикъат» газеталъул редколлегиялда лъикIаблъун бихьана ахирал саназда рахъарал тIахьазда гъорлъ бищунго лъикI цIалдолез къабул гьабураздаса цояб, 2021 соналъ республикаялъул пачалихъияб премия щвараб МухIамад БисавагIалиевасул «Балъгояб даптар» абураб тIехьалдаса харбал кьезе.

Гьединаб тIалаб цебегоялдаса нахъе буго цIалдолезулги. Гьебги хIисабалде босун, гIемерисел дагъис­таниязда лъикIго лъалареб, рагIичIеб, рикIкIадисеб, Авар ГIоралъул бетIералда, Гуржистаналъулгун Азербайжаналъул гIорхъода бугеб, жакъасеб ЛъаратIа районалда жанибе унеб ЧIурмутI (Джурмут) жамагIаталъул хIикматал къисаби, авторасул ракIалдещвеял, инсулгун гара-чIвариял, чабхъенал, къисасал, тIабигIиял хIикматал ва цо-цо бакIалда мистика ва доб дуниялалдаса дандерижиял нужер диваналде росизе.

ЦIалдолез цIакъ лъикI къабул гьабуна тIехь, бокьилаан цIаларал къисабазда хурхун нужецаги пикру загьир гьабуни.

Адабгун Зульфия ХIажиева

 

Ассаламу гIалайкум, цIалдолев!

 

   Нилъ гьаб тIехьалъул гьумералда данделъизе хIукму букIун буго ТIадегIанав Аллагьасул. БитIараб бицани, дир хиял букIинчIо гьанир нилъ дандчIвазе, амма къисматалъ рачана нилъ цоцазухъе. Бахчун щай, дандчIван ругелъул кинабго рагьун бицина, кин ва щиб ккарабали. Гьаб дуца кодоб ккураб тIехь гIицIго дир ботIролъ бижараб пикру-хиял, дир ракIалъул асар, ракIалдещвеязул рахас, лъимерлъиялъул лъалкIал, ишал ва гьезда хадув инагьдун гьабураб хъвай-хъвагIай гуро. Гьебги буго гьаниб, амма гьеб гуреб гIемераб цогидабги буго. ТIоцере пикраби кагътиде росулаго, гьадаб тIадехун рехсараб къагIидаялда дирго пикраби ва рекIел асар бачIунеб букIана цоцада хадуб.

  Гьаб тIехьалда дуда дандчIвала гIадамал ва жундул, циял ва кавтарал, гIасиял хвелал ва ракI гъанцIизабулел лъугьа-бахъинал, рокьигун кьал, тIабигIаталъул гьайбатлъигун согIлъи ва гIасилъи. Бихьуларо хIажалъи гьал къи­сабазулги, гIадамазул ракIалдещвеязулги, лъугьа-бахъунелъулги рахас цоцада хадуб, гIадлуялда, кида щиб букIарабали мухIкан гьабун бицине. Кинаб гIадлу ва мухIканлъи букIунеб гIадамацаги жундуцаги жидеего бокьараз бокьараб гьабулеб бакIалда? Дида гьеб кIвечIо, ракIчIун лъала — дудаги кIвелароан, цIалдолев, жундул ва кавтарал гIадлуялда хIалтIизаризе ва гьез гьабулелъе чIванкъотIараб баян кьезе.

   Дунгун гара-чIварулел чагIи рукIана батIи-батIиял. Гьезда гьоркьов аслиявлъун вукIана ТIомуразул (НекIсияб ЧIурмутIалъул) Салда росулъа Бисав ГIалил вас ИсмагIил, жакъа нилъгун гьечIев, мунагьал чураяв дир эмен, гьев ракIалде щвеялъе данде гьабурабги буго дица гьаб тIехь. Амма, букIана цойги гьаракь. Гьеб гьаракьалъ тIамуна дун харбида хадуб хабар лъезеги, къисаялда жаниб къиса батизеги, гьеб нужее бицинеги. Хабар бицунаго дун ругьунлъана гьеб гьаракь цогидазулалдаса батIабахъизе. Гьеб гьаракьалъ дун тIамуна гIемерисел къисаби дирго цIаралдаса рицине, хIатта, цIалдолев лъица щиб гьаниб бицунеб бугебали къосинавиялде кколеб хIалалда бугониги. Лъил гьаракьха гьеб кколеб? Гьеб буго жибго некIсияб ЧIурмутIалъул гьаракь. Гьеб ЧIурмутI мухъалъ дир эмен, цогидалъуй дир ункъачо, хутIаралъуб дир кIудиял яцал, дие гIагарал ва лъалел-хъвалел гIадамал гьоркьор ккун бицана гIасрабаца жинда жанир рукIарал хIикматазул, гIадамазул, бахIарчилъиялъулгун хIалихьалъиялъул, гьунаралъулгун рогьоялъул, ЦIоралде чабхъеназулгун МагIарухъ гIумруялъул. ЧIурмутIалъ бицана жиндирго ва жинда жаниб гIураб халкъалъул къисматалдаса цо-цо лъугьа-бахъиназул. Гьеб тарих ва ракIалдещвеял хIажатазе, гьезул гьаракьгун бакъан рагIулезе, магIугун гьими бихьулезе, роххелгун пашманлъи гIахьал гьабулезе ва гьелъ асар гьабулезе сайгъат гьабула дица гьаб тIехьги.

Адабгун, автор

 

Хвалилгун дандчIвай ва тIоцебесеб пашманлъи

Дир лъимерлъи талихIаб букIана. Инсуцаги дун бищун гьитIинав вугилан гогьдаризе гьавулаан – гьевгун къацандизе кIолев чиги хъизамалда цохIо дун гурони вукIинчIо. Гьедин, рохалилги, рецц-бакъалъулги, сайгъатазулги цIураб, вугев цIакъав василан абураб жо гурони гIинда рагIичIеб, талихIаб гIумру букIана дир. Цо заманалдасан дие гьавуна гьитIинав вац. Гьев вукIана цIакъго чIагояв, тирияв, цо бакIалда чIезе кIоларев лъимер. РакIалда буго дунго гьевгун васандулев вукIараб мех. Ниж рохун рукIарал куц гьес тIоцересел галаби тIамигун, тIоцересел рагIаби абигун…ракIалда гьечIеб балагь тIаде бачIинегIан.

Эбелги унтарасе хехаб кумек гьабизе аскIоб росулъе ине ккун, гьитIинав вас тола рокъов, дир яцалда аскIов. Цо параялъ гьелъ тIаса бер босидал, чайникалъул кварги цIан, гьалараб лъим тIун уна дир вацасде тIаде. КигIан дару-сабаб гьабуниги, гIемераб мехалъ кIолеб букIинчIо ругънал сах гьаризе. Гьаб сагIаталдаги рекIелъ къан буго, эбелалъ уколал гьарулаго гьесул букIараб гIоди…

Дица гьарулаан эбелалда гьаруге гьесие уколал, унтулеб буго гьесдаян. ГьабичIони дагьабги цIакъ унтула, дир василан, абулаан эбелалъ. Гьанже бичIчIана дида досул цIа-кан гIодобе ккезабизе кIоларого дол рукIараллъи.

Хасалил сордо… РогьинегIан цо лахIзаталъ чIечIого гIодилеб лъимер… Гьесде тIаде къулун, гьабизе жо тIагIарай эбел… РакIалда буго цо квачараб хасалил сордо магIарухъ. Эменги вукIинчIо рокъов – жиндирго къваригIелалъ районалдейищ, шагьаралдейищали ун вукIаравали. Дун ворчIизавуна гIодиялъ. Валагьана юргъаналда гъоркьан- эбел йигоан гIодулев гьитIинав вац веэдун, гьевгун квалквадилей. Гьев гIодове вуссинародаян берцинал, хIеренал, недегьал рагIаби гьесда абулей.

Цо заманалдасан эбелалъул гьаракь тIагIана, вацасул гьаракь дагьабги кIодолъана. Валагьидал, эбел досда гьумерги цузабун, нижеда рагIичIого букIине, гIиссинккун гIодилей йихьулей йиго юргъаналда гъорлъан, цо бокIнилъан валагьарав дида. Щаялиго дун хIинкъана вагъаризе. Дида кколеб букIана, дида жийго йихьарайлъи лъанани, эбел дагьайги цIакъ гIодилилан. Кин кьижун ккаравали лъаларо, ворчIидал рокъов щивго ватичIо. Вацал-яцалги кирениги ун ратилаха. Эбелги боцIи-панз тIубазе унаан радал. ЦохIо дир гьитIинав вац вугоан бусада вегун. Дун вилълъана гьесда аскIове. ЧIахIиял беразул дир берцинав вацасул бакIалда, дида батана батIияб лъимер. Жанире рортун арал берал… кIаркьабазул бакIалдаги хутIараб жого гьечIоан… херав чиясул гIадал ракъварал кIутIбузда тIогьилаб кьер… хехго босулеб хIухьел… каранда хъир-хъириги бугоан. Дица хIал бихьана гьесие ракI-макI гьабун цо жо абизе, гьев дидехун вуссунев вукIинчIо. Къасиялде вуссана эмен. Эбелгун шурун цо жо бицунел рукIана гIемераб мехалъ. Канлъиги ссун букIана. Боркьараб печги, хинаб рукъги, унтараб лъимералде къуларал эбел-эменги. Гъасда цIадухъа бачIараб загIипаб канлъиялъ гьурмал рукIана гьезул лъаларедухъ хисизарун.

Радал дун ворчIидал, рукъ буго гIадамазул цIун. Киналго, къацандилел гьечIониги, цоцазухъ гIенеккичIого, цояз цоял къотIизарун руго гаргадилел. Дида щибго бичIчIизе кIолеб гьечIо, чияр гьаркьал руго гIаданир рагъилел. Эбел-эменги гьечIо рихьулеб бакIалда. ГьитIинав вац вегун вукIараб бакIги буго бакIа-бахарун…чIобоголъун…

Азбаралъув эменги цойги чиги ругоан кIудиял лълъурдузул дегIен хъолел. Гьурмалги ругоан гьезул кьерхун, дида бичIчIулеб букIана цо лъикIабгуреб жо ккун букIин, амма, щиб гьебали лъазе гIураб бичIчIи ва дунял бихьи букIинчIо жеги. Цо дагьаб добегIан цIадуда кIудияб росдал хьаг рекъезабулел ругоан кIигоял. ЦIаги бакун, дагIнил гьан цIеде ккезабуна росулъа цо кIудияв чияс. Дирго гIелбащадалгун, ракъарал ниж рукIана гьеб хьагида сверун лъугьун, кидадай гьан белъинаян, амма дир цо дагьаб рахIатхвей букIана. КIиго суалалъ букIана дир рекIее хIалхьи толарого… Киве дир гьитIинав вац арав ва кий йигей дир эбел? Гьеб суал кьезеги бокьун букIинчIо дие — хIинкъун вукIана.

Цо дагьаб заманалдасан нижер рокъоре лъугьун ана бихьиназул тIел. Гьел жанире лъугьаралго, щивго чиго жанив гьечIебгIанги сихIкъотIиялда букIараб рокъосан, гьаркьал рагIизе лъугьана. Гьел заман бахъанагIан кIодолъулел рукIана ва гIодиялде сверана. Циндаго гьеб рукъалъул къадал риххилеб гIадаб гIассияб гьаракь бахъана. НуцIа рагьун бачIана ва дол бихьинал лъугьана рокъоса къватIире. Рагьараб нуцIихъ дир бер чIвана дирго эбелалда.

Гьей, дол къваридаб къотIносан хехго унел бихьиназда хадуй йортизе къваригIун, къеркьелей йикIана, амма, руччабаз ккун, йиччалей йикIинчIо ва рокъое жание йилълъаян гьарулеб букIана. Цо бихьинчияс чIезеги чIун гьаракь гьабуна руччабазде. Гьеб мехалъ бихьана дида гьеб тIелалда цеве-цеве дир эмен вукIин ва гьесда кодоб цо тIогьилаб одеялалъулъ жемараб жо букIин. Эбел руччабаз жание ячун ана, росдал лъимал бихьиназда хадур рекерун ана. Дун хутIана чIобогояб къватIбакьулъ чIун: гIодулей эбелалде аскIовейищ инев, дол лъималазда хадувищ векерилевали лъаларого. ИнчIо цонигиязухъе, мадугьалзабазул цо тIокъодеги лъугьун, чIалуялда гIодовги чIун, агьиялда гIодана.

Дун гIодилев вукIана берда цере тIамурал вахIшиял, церехун дида рихьичIел суратал цере тIамун. Додин кIудиял гьаркьал гьарун гIодилей йигей эбел, инсул гьурмада бихьараб къварилъи, хъолаго хъирхъириялда чIучIадилеб букIараб дегIен, гьитIинав, щибго бичIчIуларев, амма цо кIудияб балагь тIаде бачIун букIин лъалев дидаго гурхIун гIодулев вукIана дун. ГIодулев вукIана балъго, гIадамазда вихьизе гурев. Гьеб букIана дир тIоцебе гIадамазда рагIичIого вукIине гIодулеб мех. ГIемераб заман бана дица доб чIалуялда кIусун- квералги цIорона, хIатIалги цIорона. Дун лъицаниги валагьулевги вукIинчIо. Киве дун аравалиги лъидаго бихьичIо ва диде регIарав чиги вукIинчIо.

Хадуб букIараб дагьа-макъаб буго ракIалда. Дида аскIой цо херай гIадан… Гьелъ кверги ккун рокъове вачунев… Нижер рукъ… Росдал лъималги чIахIиялги чIарбида гIодорги чIун, чедгун гьан кунел… Цо чIегIераб ретIел ретIарай гIадан, кIудияб гелги босун, лъималазе гьагIу тIолей… Добцояб рокъоб столалда нахъа бихьинал… Гьезда гьоркьов эмен… Дида кинго бичIчIизе кIолеб гьечIо, дир эбел гIодилей йигеб мехалъ, кинабго росу щай нижехъ бугеб, лъимал щиб гьабулел чIиргъи-хъуялда, рохуца холаго гьанир кваналел. Цо бокIнив вукIинеги гьавун, диеги тIуна гьагIу ва кьуна кодобе чед. Дун цIакъ вакъун вукIана… гуро, дун вакъун вукIине кколаан, амма дида сундулго тIагIам лъалеб букIинчIо. Гъираго гьечIого чед чIамулев вукIарав дун ахIана эбелалъухъе. Дида ккана гьаб бецIаб рокъоре киналниги росдал руччаби ракIарун ругилан. Эбелалъ тIадеги яхъун, къвалги бан, дун жиндаго аскIов гIодов вукIинавуна, хIалицаго ккун магIугун:

— Мун кванаравищ, дир вас?

— Кванана…

— Нилъер Эльдар кив вугев?, — илан байбихьулаго дун эбелалъухъ валагьана… ва ниж кIиялго цадахъ гIодун риччана. Руччабиги гIодана. Гьеб хинаб рокъоб, эбелалда аскIов кьижунккун ватана дун. Радал вахъингун бищун цеве векерана унтарав вац вегун вукIараб бусада аскIове. Гьеб гьанжеги бакIарун батана. Азбаралъуй ятарай цо дир гIелалъул гIадай ясалъ абуна дида:

— Нужер Эльдар хун вуго… гьев хабалъ вуго, доле дова… Долъ килищ битIун букIана росдал хабзал ругеб бакIалде…

 

 

 

 

 

Сардилъ бахъараб кьвагьи

ва ЧIурмутIалда сухIмат-кечI

 

 

Гьадингоги батIи-батIиял цере тIамулел жалазул бицун хIинкъарав дун, дагьавги хIинкъизавун вукIана вацас, кавтараз гIадамал чIвалеб куцалъулги бицун…

 

1977 соналъул хасел букIана. Гьеб соналъ кинабго ЧIурмутI мухъ букIана, щайтIабигун жундузул гуреб, цойги ахIичIеб гьоболалъул кверщаликь. Цо къоялъ радал вац вачIана жаниве кIанцIун, нилъер бокьобеги лъугьун циялъ цо чахъу лъукъун бугила, цо цадахъ бачунги ун бугилан. Гьеб букIана, хаселалъ кьижизеги инчIого, сардилъ росабалъе бачIун, чахъабазда лал тIамулеб ци. Гьелъул сихIирлъиялъеги вахIшилъиялъеги гIорхъи-рахъ букIинчIо. ЧанцIул чанахъабаз ярагъгун гьеб бачIунеб гIадаб бакIалда цидуе къор гъуниги, гьелда тIаде ккезе кIвечIо. Къор гъурабго, гIадамаз жиндие рекIкI гьабулеб букIин лъараб гIадин, тIагIунаан гьеб ва гьеб сордоялъ хъаравуллъи кквечIого хутIараб росулъа чахъаби хъамун ун ратулаан.

УргъичIеб жо течIо гIадамаз гьеб чIвазейилан. Цояс хвараб гIакдал бохги бихьулеб гIадаб бакIалда бан, гьелъул ччобориялъулъ кьураби рихъ-рихъизарулеб капсулацин лъун букIана. Гьесул пикруялда, гьеб капсула долъул гIосокьеги ккун кьвагьизе кколаан. Цицайин абуни гьанги капсулаги берцинго цадахъ квана, щибго кьвагьиларедухъ ва гьаб нухалъги чанахъан хутIана чIового. Цо къалъараб моцIрол канлъи бугеб сордоялъ росдал гIолохъаби рачIана дир инсухъе, доб цийила росда цебе бугеб лъарги бахун, цо кибеялиго унеб бугилан. Инсуца, гьеб параялъ къватIивеги вахъун, битIун жиндирго азбаралъусанго кьвагьана, амма щванищ-щвечIищали лъидаго бичIчIичIо. Ци лъарал рагIалда рижарал хъархъазулъе тIерхьун ана.

Хадусеб къоялъ тIубараб росуго бакIарана чIвараб цида сверун. Я чIахIиязул, я гIисиназул гьенив камурав чи вукIинчIо. Жидеего гьелъ зарал гьабурал, аскIор ругел росабазул гIадамалги рукIана, гьеб ци унго-унгоги чIван букIиналда божизе кIоларого, бихьизе рачIун. БитIун ботIролъ щун бугоан гулла. Цо кесек хутIичIого гьеб цидул гьанги ана гIадамаз квине босун. Цо махсарачияс гьадинцин абуна: «Рес гьечIила ИсмагIилица жиндирго азбаралъуса речIчIун гьеб ци чIвазе, ци жибго гьеб гуллида данде бортун батилила»…

Цо речIчIаралъ ци чIварав дирго инсудаса чIухIиялъ, гьеб къоялдаса нахъе дир рагъа-рачариги рилълъинги лъалаго хисана. Дир вугев хIинкъи-къай лъаларев ва гIужилав эменилан лъималазе веццардун, дун свакалев вукIинчIо. Хасалил халатал сардаз ракI гъоларого ругел чагIазе гьеб букIана кIудияб лъугьа-бахъин, сухIмат-кеп. ЧIурмутIалъул гIадатазда рекъон, цIоко щола ци чIварасе, гьан бикьула квербакъанщиназе ва хутIани – бокьанщиназе. Хадуб гьеб лъугьа-бахъиналъул хIурматалда букIуна «Си бугьи» — йилан рохалилаб рилълъада росу свери ва гьеб давлаялъул цебелъей. Щулияб гIералда чIван цидул бетIергун, бищун къуватав ва рухI бугев гIадав гIолохъанчи вачIунев вукIана бищун цеве жиндирго чукъа-рахангун, ахIулаго кечIгун, гьабулаго гIадатлъун бугеб кьурдигун. Гьесул квегIаб рахъалдасан вачIунев вукIана гьединавго гIолохъанчи, цидул цIокогун квачIалги гьединабго гIералда бан, босун гьебгун. Кваранаб рахъалда — ци чIварав чанахъан ва гьесул сверухълъи. Бихьиназ щибаб рукъалда цебе цадахъ ахIулаан кечI:

Можер гIака чIвараб гьаб,

Можер хIама чIвараб гьаб,

Можер чахъу чIвараб гьаб,

Можер цIини чIвараб гьаб,

Жекъа гьаб жибгу чIвайла,

Муж чIвази щолу боъли,

Аб чIварав бахIарчиги,

Нежеа кьоров вугу…

Цо-цо мухъал такрар гьарулеб бакIалда кIудиял гьаркьалги гьиштIи-хъатги бахъунеб букIана. Аб тIомуразул мацI цодагьаб хисараб бугелъул, бичIчIичIезе болмацIалдаги хъвалин:

Нужер гIака чIваб гьалъ,

Нужер хIама чIвараб гьалъ,

Нужер чахъу чIвараб гьалъ,

Нужер цIцIеги чIвараб гьалъ,

Гьанже гьаб жибго чIвана,

Нуж чIвачIого рукIине.

Гьаб чIварав бахIарчиги

Нилъеда гьоркьов вуго.

Рокъоса къватIивеги вачIун, хважаинас ци чIварасе баркала кьола ва сайгъатал ракIарулеб таргьа баччарасухъе сайгъат кьола. Бищунго гIемер кьолеб жо букIана гуржиязул чIачIа, бакъвараб гьан яги бакь. Цо-цояз гIарацги кьолеб букIана. Гьев рукъалъул хважаинги цадахъ вилълъине кколаан. Гьедин кинабго росу сверун бахъингун, ци чIварав чанахъанасул рокъореги рилълъун, гьениб гьабулаан халат бахъараб рохалилаб сухIмат. Гьеб буго дир лъимерлъиялъул бищунго ракIалда чIаразул цо ракIалдещвей. Гьанжего гьанже дунял лъазе байбихьарав васасе гьеб букIана кIудияб балъголъи, сихIру, бичIчIизе кIолареб жоялъукьа хIинкъи – росулъеги бачIун циялъ чахъаби-куйдул рачун ин… хадуб гьеб чIвай… чияр чияс гуреб… дирго инсуца. ГIорхъи гьечIеб рохелги инсудаса чIухIиги… Росдал лъималазда гьоркьов дирго тIадегIанлъи бичIчIи. Дирго инсуца ци чIваялдаса чIухIи… БатIияв чияс чIван букIарабани, гьеб тохлъукьего ккараб жо букIин ва дир инсуца дагьабги лъикI гьеб чIвазе букIараблъи чIезабизеги кIолаан дида. Гьединал рукIуна дора магIарухъ лъимал.

Гьаниб шагьаралда кинал гьал лъимал рукIунелали, жеги кIвечIо бичIчIизе, дунго лъабго лъимадул эмен вукIаниги. Гьеб лъималазе бадибчIвай гуро, букIаниги, гьаниб щибги гьабун лъимал инсудаса чIухIилелалицин лъаларо дида. Къо бахъанагIан лъицаниги цIалуларел газет-журналал рахъулев вугин эмениланищ дидаса лъимал чIухIилел? ГьечIо гьезул инсул юргъачу, дир инсул гIадаб, ингилис туманкIги гьечIо, цо речIчIаралъ чIвараб циги гьечIо. Дун дирго вас вукIаравани, дунги чIухIилароан инсудаса, цо дагьав нечезецин нечелаан…

 

Дун школалде вачин

 

    1979 соналъул хаслихълъи букIана. Дун вачана Салда байбихьул школалъул подклассалде. Радалго чвердезеги гьавун, рахьдалкьераб гордеги, тIасан, Володя Ульяновасул сурат бахъараб октябренокасул значокги каранчвантида бараб, тIеренаб пиджакги ретIун, тетрадьгун ручкаги кодобе кьун, дун эбелалъ школалде нухарегIана.

 

   Гвангъун щвараб бакъул къо букIана. Данде кканщинав росуцояс махсара-хочIалда тIовитIун, отличниклъун вукIине щулияб ниятгун, тIоцебесеб партаялда нахъа гIодов чIана дун, амма дида ракIалде ккараб гIадаб бигьаяб масъала батичIо гьеб отличниклъи. Дун квегIаб квералъ хIалтIулев вукIана, мугIалимас гьеб кинабго гьабун ругьунаб дир квегIаб квералъухъаги бахъун, ручка кваранаб квералъуб къазабуна: «Квараналъ хъван ругьунлъе!» — ян лъазабуна. Гьеб букIана захIматаб масъала, суратал рахъизе махщел букIинчIо, хатI букIана квешаб, жубай-бахъиги бокьулароан. Щибха нахъе хутIараб гьениб? Ай цIалул байбихьи лъикIаб букIинчIо.

Нижер классалда рукIана анлъго васги ункъо ясги. Подклассалда нижее дарсал кьезе вачIана гьоркьохъел соназул, дида росдал бертабалъ зурма пулев вихьун вукIарав чи. Дица цIакъ гIажаиблъи гьабуна гьев вихьарабго. Цо моцIалъги цебе гьединаб хиса-баси цебе чIезабизецин кIвелароан дида. Учительзабиги гIоларого, гьарун букIун буго гьесда, нижер классалъе дарсал кьезе вачIайилан.

Учителас цIакъ нижер тIалаб гьабулаан, партаялда нахъа битIун гIодор чIезе малъулаан, кверал берцинго лъезе малъулаан, тенкезеги гаргадизеги бегьуларила, кIвар кьун жиндихъ гIенеккизе кколила, гIемераб жо бицана гьев чияс. ЛъикIав чи вукIана, мугIалим хIисабалдаги квешав вукIинчIо, махсара-хочI гьабун, лъималазе живго вокьизавизеги лъалаан, амма гьес бицунеб жо дида захIматго гурони бичIчIулеб букIинчIо. Гьес бицунеб букIана магIарул болмацI. Ниж ругьунаб росдал тIомуразул лугъат гуреб, тIахьазда букIунеб литературияб магIарул мацI букIана гьес бицунеб.

Гьеб мацI дида цо нухалда рагIун букIана, росулъе ретIел-кун бичизе рачIарал хьиндалазул руччабаз бицунеб. Цойги, пластинкаялдасан гьеб мацIалда ахIулел кучIдулги рагIун рукIана. Гьезда цадахъ ахIизецин ахIулаан, амма бащдабги магIна бичIчIулароан.

Нижер мугIрузда гIурус мацI рагIизего рагIулароан, радиоялдасан рагIани гурони. Цойги, дида Гуржиялде унел цо туристаздаги геологаздаги дир эмен гIурус мацIалда гаргадулев рагIун вукIана. Телевизоралги доб заманаялъ нижер дора рукIинчIо. Лъималазул ясли-ахалги рукIинчIо. Гьеле гьеб лъаялъул нахърателгун байбихьана дица: мама, хлеб, Родина, река, медведь ва цойгидалги рагIабигун «великий и могучий» гIурус мацI лъазабизе.

Школалде ун чанго моцI аралдаса, цIализе ругьунлъигун, кьуна нижее мугIалимас рокъоб рекIехъе лъазабизе гIурус мацIалда кIиго куплет бугеб кечI. ХIалицаго гIадин лъазабуна цо мухъ, гьебсагIатго кIочонги тана… Гьеб нагIана батаяб кечI сабаблъун гIемер гIакъуба бихьана. ЧIвараб магI гIадин — «Мун киналго щуйил къиматазда цIализе ккола», — ян абурал инсул рагIабиги рукIана гIаданир рагъилел. Бищунго ургъел чIвараб жо гьеб букIана, инсул берзукь вортизеги бокьун гьечIелъул. Гьаб бакъул дунялалда дие, дол соназда, инсудаса кутакав чиги вукIинчIо.

Заман унеб букIана, цо мухъги ракIалда чIезабизе кIолеб букIинчIо кечIалъул. Цо нухалъ, микьабилеб классалда цIалулев кIудияв вацас, цIалун рекIехъе кечIги бицун, жинда хадуб такрар гьабейилан тIамулев вукIана дун. Дихъа къосарун, бажарулеб букIинчIо. Гьев дида тIад велъанхъулев вукIана. Дун довгун къацандилев, гIодилев, вагъулев вукIана. ГIодиялъ багIарлъун бералгун, кодоб ккун букIкI-букIкIараб тIехьгун, печалъул хьибилалда гIодов чIун дун вукIаго, тIаде вачIана эмен. Гьесда бихьана вачIинахъего дир пашманлъи ва ахIана аскIове. Кроваталдаги вегун, къандалъоги битIа-бишизабун, дун жиндаго аскIов вегизавуна. «Гьа, щибха ккараб жо?» Инсудаса нечеялъ, довехунги вуссун, тIехьги къан, дица лъидаго рагIиларедухъ гIод-гIодун биччан тана. АскIове вачIун вацас бицана, гьесда кечI рекIехъе лъазабун бажарулеб гьечIилан. Инсуца тIехьги рагьун балагьана дир кечI ва цо-цоккун гьел рагIабазул магIна гьикъизе жувана. БичIчIана дида цониги рагIул магIна бичIчIулеб гьечIолъи. Инсуца щибаб рагIи дида бичIчIулеб мацIалде сверизабуна, гьений яхъарай яс йихьизаюна ва кочIол магIна бицана. Бащдаб сагIаталда жаниб дида ракIалда чIана кечI ва гьале кIикъогоялдасаги соналъ унаро ракIалдаса, гьеб дир тIоцебесеб кечI:

«…Я спрятала куклу,

Играть не хочу.

Не буду играть –

Я буквы учу!

Из буквы я сама

Составляю слова.

Сама прочитала:

«Трава и дрова.

Дрова на дворе

Трава на лугу».

Теперь, как большая,

Читать я могу…»

    ГьечIищха кутакаб кечI? Дарсида учителас гьикъана, лъица кечI рекIехъе лъазабурабилан. Киналго руцIцIун чIана, дица хIинкъадго квер борхана. АхIана доскаялде, вахъун цевегун бицана. Зурмихъан гьакIкIан кIалгун хутIана, лъималаз гIажаиблъи гьабуна. Дир лъабго куплет кочIол, гьоркьоб къотIичIого чваххун бачIунеб гIурус мацI рагIун, хIайранлъун букIана классги, мугIалимги. ТIоцебесеб щуйилги босун, чIухIадго партаялда нахъа гIодов чIана дун.

   Ана цIалул соналъул тIоцебесеб четверть. Эбел ун йикIана райцентралде отчетал кьезе — гьей йикIана росдал фельдшеразул пункталъул заведующая. Эменги эхеве ун вукIана. Учителас кьуна къиматал лъураб табель, эбел-инсуца гъулбас гьабизе. Добайин абуни берцинхъваялъе лъабилаб къимат букIана. «Чистописание» абураб предметги букIана нижер. Дица кIудияй яцалъухъе кьуна гъулбас гьабеян. Гьей ялагьана къиматазухъ, «дица лъабилазе гъулбасал гьаруларо», — йилан гьурмалъ речIчIун бачIана дир табель. Гьейгун вагъана, хьандана, гIодана, ахирги, барщун, щиб гьабилебалиги лъаларого вукIаго, ракIалде ккана яцалъул гъулбас дицаго гьабизе. Доб дирго лъабилаб щвараб, гьетI-гьетIараб, цоцалъчIвараб хатIалъ «Зугьра» абун хъвана табелалда ва вилълъана школалде. Дир табелалъухъги валагьун зурмихъанасул хIал хисана, гьесда бихьарабго лъана жинца лъабил лъураб хатIалъ гьабураб гъулбас, ццин бахъун багIарлъана ва босун кьабун бачIана указка бетIералда, бекулеб хIалалъ. «Гьаб жо буго государственный документ!!! Гьаб гъоба районалда лъани мун туснахъалде витIула!» — ян вагъана гьев диде. Классцоялги цоял рохун, цогиял гурхIун рукIана дида — гьитIинав такъсирчиясда. Зурмихъанас инсуда бицинилан хIинкъун вукIана бищунго. БицинчIо. ЛъикIав чи ватана дир тIоцевесев мугIалим. БитIараб бицани, гьесухъ байбихьул классазул мугIалимлъи цIикIкIун букIана зурмихъанлъиялдаса.

 

 

Дуа маарухъ гимищ бехьри?

 

Дир эбелалъул рахъалъан кIудияв эмен, ЧIородаса ГIабдурахIимил МухIама хвараб мехалъ, дун жеги гьитIинав чи вукIана. АнцIго сон бан букIана гIумруялъул. Дида дов батIибатIияв чIола цеве. РакIалда вуго, хаслихъе гIиял рехъенги цебе къотIун, магIардаса гIурухъе рещтIунев… РакIалда буго гьесул чу, гьесул гьой, гьесул гъалараб вехьасул тIагъур, гучаб, борхатаб лага-черх, гьесул свери-россен, гьесул калам, гьесул гъасда, цIадухъ, жинцаго жиндиего ахIулеб букIараб кечIги, кидагосел, лъугIуларел какалги. Амма, бищунго ракIалда чIана гьесул рокъоре ракIарулел рукIарал гIадамал, гъасда накъит, къисаби, маргьаби, махсараби. Кутакаб махщел букIана кIудадал гIадамал хIайранлъиледухъ хабар бицине. ГIадамазеги цIакъ бокьулаан гьесухъ гIенеккизе. Бицунаан гьес бихьаралъул, рагIаралъул, мугIрузда бараб гIазул, ЦIоралде рукIарал сапаразул, гIадамазул, лъугьа-бахъиназул, хIикмалъабазул… ГIадамаз бицуна, гьесухъ гIенеккараб мехалъ, гьабсагIат жидеда цебе гьеб лъугьа-бахъин лъугьунеб бугеб гIадаб асар лъугьунаанилан.

КIудадал харбазул, хIалицаго дида ракIалда чIана кIиго хабар. Гьебги дида дос бицунаго бичIчIун гуро (гьеб бичIчIизе гIураб бетIер букIинчIо дир доб мехалъ), кIудада хун хадуб чIахIияз бицун. Гьаниб дица бицине буго кIиябго лъугьабахъиналъул. Цояб — гьитIинав гIолохъанчи дир кIудада гьоболлъухъ санагIалъи гьечIеб бакIалде ккеялъул ва цо кIудияв чияс хвасар гьавиялъул. КIиабилеб – дир кIудадаца, гIемерал сонал ун хадуб, кIудияб ригьалъул чияс, гьединабго бакIалде ккарав жиндирго гIолохъанав гьудул хвасар гьавиялъул. Гьеб бицуна гьале гьадин:

БитIун завалалде вахарав гIолохъанчи дир кIудада вугеб мехалъ, цо кьерхараб роол къоялъ, нуцIидаги кIутIун, жаниве вачIуна цо чи ва ЦIоралъул лугъаталда кIалъала:

— Гьаб щиб росу, дун ккараб бакI щиб? – илан.

— Гьабали ЧIорода бугин… Мун жаниве вачIа, гьаниб ургъилин киве мун ккун вугевали, — йилан кIудадаца гьобол тIаде къабул гьавула. Гьев вукIуна гьоркьохъеб гIелалъул чи, магIарул гьава-бакъалде данде кколареб тIеренаб ратIлилъ. Гьесул ретIелги букIуна биччун, живгоги вукIуна квачан соролев. КIудадаца печьги бакун рукъги хинлъизабула, бакъвараб, хинаб ретIелги кьола, кваназеги гьавула, вегизе бакIги бихьизабула. Радал гьоболас абула, гьадинго тира-сверизе ва мугIрул гьава цIазе къватIиве вахъарав чи вукIанилан.

— Валлагь цIайха, гьудул, гьале дуе мугIрулги, гьале дуе гьаваги. Я кванил, я регизе бакIалъул гьаниб щибго ургъел гьабизе кколеб жоги гьечIо, — ян абула кIудадаца. Анкьица гьоболлъиги бан вукIуна гьобол. Цо пуланаб къоялъ сапаралъ вахъуна, хъун бурутIгун, гьанги белъун, гIиял хIанги цадахъ лъун, нуха регIула кIудадаца ЦIоралде гьев. Чанго соналдасан кIудадаги щола гьениве, хасалоялде рукъалъе, квание къваригIарабтараб босизейилан. РещтIуна Белоканалда гIумру гьабун вугев жиндирго цевегосев гьобол Гъара Халилихъ. Гьал кIиялго гьалбал гурелги, кIудиял гьудулзабиги рукIуна. КIудада вачIиналдаса вохарав Халилица тепси тIибитIула ва кинавниги, кIудада лъалевщинав чи вакIарула гьелда сверун. Байбихьула магIарухъ гIумруялъул цIех-рех гьабизе. БитIун киналго данделъун, лъикI рукIаго, тIаде вачIуна дов, магIарухъе вачIун вукIарав гьобол. ЦIарги гьесда Ширин букIуна. Киназего саламги кьун, гьев столалда нахъа гIодов чIола. КIудада лъугьуна гьасда гьикъа-бакъаризе, рокъове лъикI щваравищ, иш кин бугеб рокъосан-къватIисанилан. Ширин лъугьуна веццаризе гьасие жиндир бугеб берцинаб рукъила, кIудияб ахила ва бугеб эркенаб гIумруйила ЦIоралда абун ва цинги, гьаракь борхун тIаде жубала:

 — Нуж щибизегIаги гьадал мугIрузда гIумру гьабун ругел? БетIер бугел чагIаз гIумру гьабулеб бакI гуро доб! Квешал нухалги, квачараб гьава-бакъги, гIисинал, санагIалъи гьечIел рукъзалги, кин гьададинаб бакIалда гIумру гьабулеб? Я инжир бижулареб, я пихъ-мичI букIунареб, гIантал чагIи гурони чIоларо дора, — ян абула. Бащдаб къоялъ чода рекIунилан, лъабго къоялъ вилълъун бажаруларев кинавалиго къажарас жиндир ватIаналде ва магIарулазде гьединал жал аби кутакалда квеш букIуна кIудадада, гьоболлъухъги вукIун, кин гьесда «щвезабилебилан» ццидахун вукIуна. Гьеб бихьарав ва бичIчIарав рукъалъул хважаин Халилица гьикъула Ширинида:

— Ле, Ширин, дуа маарухъ гимищ бехьри? (Дуда магIарухъ гамущ бихьарабищ?) — БихьичIо, — йилан абула Шириница.

— Хъазал рихьарали?

— РукIунаро дора ганщалги хъазалги.

 — БитIараб буго, сухъмахъалда тарани, кьурулъа гъоркье гирун уна доб гамущ. Хъазазухъаги бажаруларо дора рилълъун, хIухьел гIечIого гIодорги речIчIун хола. Гьел рукIуна гьанир гIодор, хIарщулъги герегахъдун, щвара-щвараб чороклъиги кванан. Дора рукIуна рорхатал кьурабалъан рекерун, кIанцIун бажарулел мугIрул бисал, берциберцинал тIугьдулги кванан, гIазул мугIрузул тIогьисан дунялалъухъги ралагьун. Дора зодор роржанхъула эркенал, къадруял, чIухIарал цIумал. ГIадада ун вукIун вуго мун магIарухъе. Дур бакI гуро доб. Дур бакI буго гьаниб — ганщаздаги хъазаздаги аскIоб. Гьединлъидал, мун мугIрузда гIумру тIамулел бисазеги, цIумазеги, гIадамазеги къимат кьезе лъугьунге, — йилан абула гьесда Халилица.

 Ширин, битIахъе, цо данде жаваб гьабизе рес гьечIеб къуваталъ кIаркьен чIварав гIадин тIуркIунги вачIун, чара хун, вуцIцIун чIола. КIудада цIакъ разилъула магIарулал гIодорегIан гьаризе лъугьарасе гьудулас кьураб гIакъилаб жавабалдаса. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб, нижер тIомураз, шагьаралдаса яги ЦIоралдаса рачIун магIарулазул гIумру-яшав какизе лъугьарал чагIазда абула: «Дуа маарухъ гимищ бехьри?» (Дуда магIарухъ гамущ бихьанищ?), — илан. Киназдаго бичIчIула гьеб суалалъул магIна. Гьеб буго нуж гIадал чагIаз гIумру гьабулеб бакI гурин магIаруллъийилан абулеб жо.

  Белоканалдаса Ширинин абуни, гьелдаса хадувги чанги щвана магIарухъе: цин гьанилан, цинги гьоцIойилан, хадувги хIанилан, амма гьесул батана цойги цIакъ рекъечIеб гIамал. Щибаб нухалъ вачIингун, гьес балагьула батIияб росуги, цIияв гьоболги. МугIрузул законазда рекъон, гьобол хисулеб гIадат гьечIониги, ЦIоралъулазги гьеб лъикIаблъун рикIкIинчIониги, гьесул батана гьединаб хисардулеб гIамал. ТIаса лъугьун телин, гIамал камурав чиги вукIунарелъул, амма дир мунагьал чураяв кIудадаца гIемераб бицунаан гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ, хасго магIаруллъи какулев чи ккани. Гьесие цIакъ бокьулаан магIаруллъи, магIарул тIабигIат, магIарул гIамал, жалго мугIрул ва гьенир гIумру гьабулел гIадамал.