Чундузул дунял

 

    Цогидал халкъазда цебе нилъерго республикаялъул хаслъиялъулги берцинлъиялъулги хIакъалъулъ бицунеб мехалда цере чIезаризе бегьула ЛъаратIа районалъул Белъелдаса Бадрудин Мусаев гIадал чагIи. Щайгурелъул гьев сабаблъун цIунун хутIун буго магIарухъ чундузул дунял.

 

    Бадрудин ккола «Дагестанский» абураб заповедникалда гьоркьобе унеб «ЛъаратIа» заказникалъул кIудияв инспектор.

    Азербайжаналъулгун ва Гуржиязул гIорхъода бугеб гьеб заказникалда руго леопардалги, дикобразалги, БагIараб ТIехьалде росарал мугIрузул дугIнулги, жеги нус-нус батIиял рухIчIаголъабиги.

      — Бадрудин, гьеб заказникалда дикобразаздегун леопардазде гIунтIун рухIчIаголъаби ругин бицараб харбида тIубанго божизе бачIунеб гьечIо…

    — Леопардал дора кидаго рукIана, амма 1950-абилел соназда тIубан лъугIизарун рукIана. Гьеб мехалда тIасан буюрухъ кьун буго чIван, загьру кьун, яги гудрал гъун леопардал тIагIинареян. Щай гьедин гьабурабали лъаларо.

    Нижер доба цебе киданиги букIинчIеб рухIчIаголъи ккола дикобраз. Грузиялдаса рачIун руго гьел гьенире. Гьелъулгун гIорхъодасан унеб габурлъиялда буго ТIохьотIа росу. Гьединлъидал тIоцере гьенир халлъана дикобразал, хадур – ЧIорода.

    Жинда дикобразал рихьанин тIоцебе нижерго инспекторас бициндал, ниж релъана. Хадуб дидаго бихьана гьеб, къаси мехалъ шагьранухдасан унаго. Нилъее цIиял рухIчIаголъаби рукIиналъ гьезул хIисаб-суал гьабун гьечIо жеги.

    Амма дица экспертазда гьикъана гьанже рахъун дикобразал нилъехъе рачIиналъе гIилла щибдайин. Гьезул цояс абуна цебе гIадаб квачги гIазуги гьечIолъиялъ, гьединго гIагарда бакI букIиналъ гочун ругила гьел Гуржиялъан гьанире.

    Цере ритIучIалги киналго ЦIоралдехун унаан. Гьанже санайилго 10-15 ритIучI нижер росдада сверухъ бугеб бакIалда чIола. ГъоркьегIанги рихьула гьел – ТIохьотIа, ЧIорода. Нижеда тIадехун ругел росабалъ чIоларо гьел, гIазуги цIикIкIараб, цIорораб бакIги букIиналъ.

    Гьедин цо ритIучIил тIинчI, ччукIччукIун, билълъанхъизе кIоларого батун, тIомуразул рахъалдехун унел гIолохъабаз бачун бачIун букIана дихъе. ИчIго моцIалъги хьихьун, рухI речIчIидал, дица гьеб Сарыкумалде битIун букIана. Амма гьениб гIалхуда хутIун, бацIица чIван батана.

    ЛъагIелгун бащдалъ цоги ритIучIил тIинчIги букIана дица хьихьун. Къамилухъ росдада гIагарлъухъ магIарда батанилан, цогидаб тIинчI дихъе гIиял вехьас бачIун букIана. Эбелалдасаги батIалъун, лъукъ-лъукъараб гьеб жибго цохIо хутIун бугоан рохьоб.

    Хадуб ЦIоралдехун гочунел ритIучIазул рехъада цадахъ ун, тIокIалъ тIад буссинчIо.

    ЦIакъ нижер рукъалъул боцIуде ругьунлъунги букIана гьеб. ГIачиязда цадахъ гIалхуде гъуни, хас гьабун дир гIакдада аскIоб чIун, яги бачазда цадахъ бугони, нижер бачида цадахъ чIун букIунаан. Нагагь гьелде чияр гIака багъани, нижерабги багъулаан чияр гIакдаде гьебги цIунун. Рехъалъа тIад буссунелъул, цогидаздаса цебе ккезе, сагIаталъ цебего бекерун щолаан рокъобе, щайгурелъул нижеца рахь кьолеб букIана гьелъие.

    Дагь-дагьккун ритIучIил тIинчI кIудияб гIуна. Байбихьана гьелъул гIамал хисизе. Рехъадаса батIа тIун, кватIун яги бачIинчIого чIезе хIал бихьулеб букIана гьелъ. Цинги ЦIоралде унеб рехъенгунги жубан, тIубанго билана. ГIалхуде ругьунлъани, тIокIалъ тIад руссунаро гьел. Къамилухъги ккун букIана гьединабго хIужа. ГIадамаз гIезабураб багIнасалъул тIинчI кIудияб гIедал, гIалхудеги ун чIана. ГIадамазул гьаракь рагIидал, рикIкIадасан баккун бачIунаан, амма аскIобе къалароан.

   Жибго заказникалда камураб жого гьечIо. Руго бисал, багIнасал, мугIрул цIцIани, дугIнул (безоаровые козлы), ритIучIал, циял, бацIал…

    Исана бакланалги рихьана рачIун. Гьез, аслияб куцалда, масакI-ччугIа (форель) кванала. Гьединлъидал дида ккола ГьоцIалъ ГЭСалъул хIорихъ гIезабулеб гьеб ччугIиде рачIарал жал ратилин гьел, гьенисан нижехъеги роржун рачIун ратила.

    Заказникалда бищун дагьал руго мугIрузул дугIнул (безоаровые козлы). ГIемерал рукIине гьезул ватIанги гурелъулха гьеб. Заказникалъул гъоркьияб рахъалда рукIуна гьел – Кьанада, ТIохьотIа, ЧIорода росабазда гIагарлъухъ. Гьениб гьезие хьвадизе гIемер кIудияб бакIги гьечIо. Нижеца гьел рукIунел бакIазда цIам лъун тола, чанахъаби рачIинаредухъ къаси-къаси хъаравуллъи гьабула. Нижер гIадамазни умумузул заманалдаса нахъего чан сезоналъул заманалда гурони гьабуларо. Амма цогидал районаздаса рачIун балъго чан гьабулел камуларо.

    МугIрузул дегIен кIиго яги цIикIкIун чIвани, миллион гъурщиде гIакIа къотIула. КъанагIалъун букIиналъ БагIараб ТIехьалдеги босун буго гьеб.

    Гьединго нижер заказникалда гIалхул хIайванал чIвазе изну кьолаан, гьанже кьоларо. Гьединлъидал гьел гIемерлъунги руго. Гьанже гьел бацIаз, цияз чIван яги гIонсокье ккун хола. ЦерегIан соназда цо гIанси тIураб бакIалда 18 бисалъул лълъурдул ратун рукIана дида ихдал, гIазу бииндал. Ахирал соназда гIазу гIемер балеб гьечIелъул, гIансабазул къварилъи гьечIо хIайваназе. Къварилъи буго бацIаздасаги чакъалаздасаги. Гьел чакъалалги рукIинчIел жалха дора. Гьанжеялдаса 10-12 соналъ цере рачIана гьел тIоцере нижер росулъе. Гьенисан гьел Шамил районалдехунги ана.

    Ихдал гьарурал бисазулги ритIучIазулги загIипал тIанчIи ккола чакъалаз. Гьеб куцалда гьезул чан халалъани, лъугIизеги рес гьечIищха ритIучIалги бисалги. БукIаниги, заказникалда жаниб чан гьабизе гьукъун буго. Гьеб сверухълъиялда кодоб туманкI ккурав чи ватаницин тамихI гьабула.

    Жеги чаниде туманкI битIизабурав чи гуро дун. Нижер рокъоб я хъизаналъ, я лъималаз кваналаро гьелъул гьанги.

    Сверухъ ругел районаздаса гIолохъаби рукIуна жидеца гIарацги кьелин, бисил яги ритIучIил, ялъуни мугIрул бурутI кквейин жидеейилан абун. Амма дие къабуллъулеб жо гуро гьеб. Нижер гIадамазги рикIкIуна кутакалда баркат бахъулеб жо бугин эбелалдаса тIинчI батIа гьабиян.

    2009 соналде щвезегIан изну букIана гьениб чан гьабизе. Амма гьеб соналда заказник заповедникалда гъорлъе жубана, гьединлъидал цIакъго кIвар цIикIкIараб бакIлъунги гьабуна.

    БукIаниги, байбихьуда гIемер рачIунаан цере-цереги гьенире щун ругьунал чанахъаби. Хадуб бичIчIизабуна гьезда тIалабал хисун рукIин.

    ГIорхъаби цIунулел дора чIаралдасаги цIакъго бигьалъана нижее гьеб рахъалъ хIалтIи гьабизе.

     — Ахираб заманалда заповедникалда рухIчIаголъабиги гIемерлъун, гIадамазул рагьтIегицин рачIунел ругин рагIана.

      — Масала, цияз нижер гьоцIо толеб гьечIо. Цо колотIеги бачIун, квачI бан, рортизарун цере лъурал ящикалгун, гьацIул щуго рамка кванан батана цица дагьалъ цебе. Гьениса гьоцIо лъугIун хадуб, цогидаб гьоробе ххарулеб букIун буго гьацIуда хадуб. Амма ящиказда тIад лъураб кIудияб гамачIги квачIида тIаде бортун, лъутун ун батана.

     — Масала, цияз нижер гьоцIо толеб гьечIо. Цо колотIеги бачIун, квачI бан, рортизарун цере лъурал ящикалгун, гьацIул щуго рамка кванан батана цица дагьалъ цебе. Гьениса гьоцIо лъугIун хадуб, цогидаб гьоробе ххарулеб букIун буго гьацIуда хадуб. Амма ящиказда тIад лъураб кIудияб гамачIги квачIида тIаде бортун, лъутун ун батана.

     Гьелдаго цадахъ болъоназулги буго гьужум. Росдада цебе бугеб магъилъ гIемерисез картошка бекьула. Хурзал кигIан щула гьаруниги, толаро болъоназ картошка.

     — Ахираб заманалда Азербайжаналъулгун гуржиязул гIорхъабазул демаркация гьабун гьечIолъиялъ нилъер ракьалъул цо къадар гьез ккун буго. Гьеб рахъалъ заказникалъе квекIен ккарабищ?

     — 10 азарго гектаралъ гьитIинлъана гьеб. Цебе заказникалъул кIодолъи документазда бихьизабухъе букIана 84,5 азарго гектар. Гьанже картаялда 70 азарго гектар гурони гьечIо. Гьебги гуржиязул рахъалдасан гьитIинлъун буго. Масала, гьанжего-гьанже заказникалда хIалтIизе лъугьараб заманалда ниж хьвадулел рукIарал сухъмахъалги хIатталдаса ун берцинал хIоралги гьанже гуржиязул рахъалде ккун руго.

     — Заказникалда жанир руго ЧIарада ва Гъуниб районазул гIибоцIи хьихьулел мучIдул. Гьелъул квалквал букIунищ нужее?

     — ГIалхул хIайваналги, чуялги, хIамулги, чIегIербоцIиги малъичIого, риидал заказникалда жаниб кванала гIаммаб куцалда нусазарго гIиялъажо. Гьеб гIемер буго. ТIадежоялъе, гьел цIунулел гьабзазул ахIи-хIурги, кваназе жоги дагьлъулеб бугони, чундузе квалквал гурони щибха букIинеб. Амма хIукуматалъе гIи-боцIухъанлъи цебетIезабизе бокьун бугелъул, кибеха гIиги инеб? Заказникалъул бакI пачалихъияб мал-мулкалда гъорлъе уна, гьединлъидал кьун рукIана чанго соналъ цере гьел ракьал дол районазул цо-цо росабазухъе ижараялъе. Гьанже цо-цоял рачIунелги гьечIо гьенире, гIи дагьлъиялъ. Гьединго цо-цо бакIазда гьанже гIорхъаби цIунулел руго чIун.

     Жибго заказникалда жаниб микьго росу буго нижер. Амма гьезул цоцоял чIунтунги руго.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.