Египеталда вугониги, ракI – Дагъистаналда

 

  Бокьула дирго гIелцоялгун, гIолилалгун гара-чIваризе, гьезул пикрабиги сверухъ бугеб дунялалдехун бугеб бербалагьиги дандекквезе.

Цадахъ хIалтIулей ПатIимат ГьитIиновалъ бицана, цо къоялъ нилъехъе, Египеталда гIумру гьабун вугев, бащдав магIарулав, кутакалда Дагъистанги магIаруллъиги хирияв гIолилав вачIине вугин. Гьелъ гьедин бицаралдаса нахъе кIудияб гъира букIана гьевгун дандчIвазе, бицунелъухъ гIенеккизе, гьесие суалал кьезе.

 

  Ва гьале — итни къоялъ рачIана МахIмуд ХIосаммудинги гьесул эбел Мариямги.

П. ГьитIиновалъ цебеккун хъванги букIана Мариямил гIажаибаб къисматалъул хIакъалъулъ. ЛъаратIа районалда гьаюрай ва гIурай Мариям, цIализе Египеталде арай гIадан, гьенийго хутIана. Къисматалъ гьелъие сайгъат гьарурал хазинабазул цоявлъун кколев МахIмудги вачун ячIана гьей редакциялдеги.

«МахIмудие цIакъ бокьула Дагъистан. Щуго сонгIаги букIана гьев гьаниве щвечIелдаса. ЧIезе кIоларого, яхI хун вукIана, Дагъистаналъухъ урхъун. Санайил киналго цадахъ рачине ресги санагIатги кколаро. Исанаги Дагъистаналде ине щвечIони, цIали гьабизе къуватги сабруги гIезе гьечIин жиндирин абуна МахIмудица», — ян бицана Мариямица.

МахIмудихъа эркенго гаргадизе бажарулеб бугоан ингилис ва гIараб мацIазда, мадар гьабулеб букIана гIурус ва магIарул (эбелалъул росулъ бицунеб къагIидаялъ) мацI бицинеги.

— МахIмуд, сундехун дур цIайи бугеб? Кинаб хIалтIи-пиша рекIее гIолеб?

— ГьитIинаб къоялдаса нахъе анищ буго пилотлъун вахъине. Бокьун букIана байбихьудасаго гьениве лъугьине, амма инсуца абуна цин инженериялъе лъикIаб кьучI лъейин. Хадуб гьелъиеги цIализе хьул буго.

РекIее гIола инженерияги. ГьабсагIаталда дун цIалулев вуго Египеталда бугеб Британиялъул университеталъул филиалалда компьютернияб инженериялъул факультеталда. Дун вахъана кIиабилеб курсалде, тIоцебесеб курс лъикIал къиматазда лъугIизабуна. Гьединлъидал, исанасеб цIалул сон щуго проценталъ учузгоги гьабуна гьез дие.

Бокьун букIана Москваялда ялъуни Санкт-Петербургалда цIализе. Амма инсуца абуна гьанивго чIани лъикI букIинилан.

— ГIолилазе церетIеялъе чIезарурал шартIал мун разиял ругищ?

— Египеталдаги ресал гIезегIан руго, амма гьанир ругел шартIал гIемерго лъикIал ругин ккола.

— Гьанир ва нужер дора ругел гIолилазда гьоркьоб дуда бихьулеб батIалъиго бугищ?

— Дагъистаналда, Москваялда, Белоруссиялда руго дир гIезегIан гьудулзаби. Гьанир ругезе цIикIкIун спорт бокьула, добайин абуни гьелдехун руссунел гIемер рукIунаро. ЦIалуде гъира, церехун ине шавкъ бугел гIолилал гьанирги гIемер халлъулел руго. Щайин абуни, цIали лъугIун хадуб, гьаниб киб букIаниги хIалтIи щола, гIолохъабаз щиб гьабунги, жидеего чIаголъи гьабула. Доба гьеб рахъалъ захIматго букIуна. ЦIали лъугIун хадуб, хIалтIи щунгутIиялъ, гIолилал дора-гьанир тира-сверулел рукIуна. Лъаялдегун цIалуде гъира бугел гIолилал дораги гIемер руго. Амма гIемеразул рес гьечIо сунде ругониги руссине.

— РухIияб культура киназул цебетIураб бугин толеб дуца?

— Дагъистаналда, доба бугелдаса, цоцазде бугеб адаб-хIурмат цIикIкIараб буго. Культураги гьаниб цебетIураб бугин ккола.

— Спорталъул кинал тайпабазул дуе интерес букIунеб?

— АнцIго соналъ хьвадана дунги дир вацги лъим ххай лъазабиялъул секциялде. ГIахьаллъана гIезегIан къецаздаги. Каиралъул, Александриялъул чемпионатазда призалъулал бакIалги росана. Египеталъулазе цIакъ бокьула футбол. Амма церетIуразул тайпабазул цояллъун ккола лъим ххай, гандбол, сквош.

— Культураялъул кинал тайпабаздехун цIайи букIунеб Египеталъул гIолилазул?

— Культураялъул рахъалъ дора гIадамал церетIурал руго. Гьезие цIакъ бокьула кечI ахIизе, гIемер хьвадула театразде. Университеталда рукIунел культуриял кружоказдаги гIахьаллъула гIолилал. Диегоги бокьула театр. ГьитIинаб мехалъ, магIарухъе щвезе арав дун, цо нухалъ Авар театралъул спектаклялдеги ун вукIана. Гьебги дие цIакъ рекIее гIуна.

— Динияб рахъалдехун цIакъго кIвар кьолеб батила Египеталда?

— Кьола. БукIине кколеб хIалалъ динги гьабун, битIараб нухдасан унел гIемер руго. Амма камуларо, гъваридго кинабгоги бичIчIичIого, жидерабго билълъинабулелги.

— Туристазул ретIа-къаялдехунги хьвада-чIвадиялдехунги кинаб бербалагьи букIунеб?

— Курортал гIемерал ва туризм цебетIурал Египеталъул цо-цо шагьаразда бокьараб хIалалъ ретIа-къан рукIуна. Жибго Каиралда гьелъул рахъалъ кьвара-гъари букIуна. Керен-бетIер цебелъураб ретIа-къай доба данде кколаро. Гьенир гIемерал насраниял руго, амма гьезулги гIорхъолъа араб хьвада-чIвади букIунаро. Гьедин ретIа-къарав чи вихьани, бадибчIвайги гьабула гIадамаз.

Амма, дир пикруялда, инсанас гьабулеб зарал гьечIелдаса нахъе, гьесда хIал гьабун, ретIакъазеги рукIа-рахъинеги малъизе кколаро. ВукIа-вахъиналъул жаваб щивав чияс жинцаго кьола. Нилъехъе гьоболлъухъ рачIарал чагIазе гьумер бухIараб бадибчIвай гьабуни, гьел рикIкIалъизе руго. ЦIакъго гьукъараб иш гьабулеб бугони, берцинго бичIчIчIизаби — гьеб батIияб иш буго.

Инсуца нижги гIодор чIезарун бицуна нижеда бегьулелъулги бегьуларелъулги. Гьеб киналъулго хIисабги гьабун, бокьараб нух тIаса бищизе рес кьола.

Дин буго нилъедаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб жо. Цогидаб гьенибе гьоркьобе бачине бегьуларо.

— Дур гIелцоял-египеталъулазда Дагъистаналъул хIакъалъулъ лъалищ?

— ГIемерал машгьурал гIадамазул ВатIан хIисабалда гьенир ругездаги лъала Дагъистан. Дицагоги бицуна гьезие. Руго чанги Дагъистаналъухъ рокьи ккаралги, нилъер тарихалъул интерес бугелги. Масала, дида дандчIван вукIана Шамилил гIумрудул тарих лъикI лъалев чи. Гьес бицана жинца гьитIинаб къоялдаса нахъе лъазабулеб бугин гьебин. — ГIемерал машгьурал гIадамазул ВатIан хIисабалда гьенир ругездаги лъала Дагъистан. Дицагоги бицуна гьезие. Руго чанги Дагъистаналъухъ рокьи ккаралги, нилъер тарихалъул интерес бугелги. Масала, дида дандчIван вукIана Шамилил гIумрудул тарих лъикI лъалев чи. Гьес бицана жинца гьитIинаб къоялдаса нахъе лъазабулеб бугин гьебин.

Гьанжесел гIолилазда Дагъистан лъала ХIабиб НурмухIамадовасул ВатIан хIисабалда. Руго блогер Хасбик лъалелги. Расул ХIамзатовги лъаларищха. Гьениб гьесие бараб бюстги буго.

— Щай мун ракIалъ гьаб хIалалъ Дагъистаналде цIалев? Щиб дуе гьаниб рекIее гIолеб?

— Египеталде дандеккун, гьаниб рацIцIа-ракъалъиги, сундулъго низамги буго. Масала, дора цIакъго кIудиял, аслиял нухазда гурони, светофорал рукIунаро. Гьанир гали бахъа-бахъаралъур гьел рукIин рекIее гIола. Гьебги инсанасул адаб гьабилъун рикIкIуна.

Гьанир ругел гIадамазул рукIа-рахъинги хьвада-чIвадиги буго батIияб.

Шагьаралдаса цIикIкIун магIарухъ кIодоэбелалъул доба бокьула. МагIарухъе щведал, рекIелъе батIияб эркенлъи рещтIуна, бокьула сверухъ бугеб тIабигIаталдехун пикрабиги машгъуллъизарун вукIине. ЛъикIаб хIухьбахъи ккола гьаниб. Масала, дие цIакъ бокьула цIад. Доба къанагIат гурого баларелъул.

Дида берцин бихьула магIарул кьурдиги кечI-бакъанги. КвентIехги цIакъго бокьиларищха. Добаги эбелалъ нижее зама-заманалдасан гьарула магIарул квенал.

Дагъистаналъул цIар бахъидал, ракIалде рачIуна мугIрулгун гIоралги, буртина ретIарав, бухари лъурав магIарулавги.

— Хадубккун Дагъистаналда гIумру гьабун чIезе къасд бугищ дур?

— ЦIакъ бокьилаан. Гьанив, сверухъе балагьараб мехалъ, гьабги гьабилаан, гьабцоябги гьабилаанин абурал гIемерал пикраби рачIуна ботIролъе. Масала, гьанир разе бегьула кIудиял дармилал кIалгIаби. ГIадамазе руссине бакIги букIина, гIолохъабазе хIалтIиги щвела. РачIарал туристазеги щвалде щварал шартIал рихьулел гьечIо. Масала, лъикIал, киналго шартIал чIезарурал отелал. Гьединго, бегьулаан канаталъул нухал гьаризе. Дун гьеб киналдаго тIад ургъулев вуго, пикрабиги анищалги гIемер руго.

Гара-чIвари гьабуна МухIамад Манаповас.