МагIарулазул кIиабилев «Камалил Башир»

 

   Исана 75 сон бала магIарулазул машгьурав актер ва режиссер, ДРялъул халкъияв артист СалихI Имангъолов гьавуралдаса. Гьединго, исана 10 сон балеб буго гьев къадаралде щваралдаса. Хеккого гIумрудул кунги тIун, нилъедаса ватIалъаниги, театр бокьулел магIарулазул рекIелъ гьев кIиабилев Камалил Баширлъунги цояздаса цоял лъикIал спектаклял лъурав режиссер хIисабалдаги ракIалда хутIана. Жакъаги уна Авар театралда гIемерал Имангъоловасул спектаклял. Цере гьес лъун рукIарал, халкъалъе рокьулел рукIарал спектаклялги лъолел руго цIи гьарун. Масала: «Москваялдаса бахIарав», «Ясазул дада», «Берцинал ясал хъамулеб куц», «Я къвал бала, я къоно чIвала», «Мун дир эбел йиго» ва гь. ц.

 

   Нижер пикру ккана СалихI Имангъоловасда цадахъ хIалтIа­рал, гьев лъикI лъалел гIадамазул цо-цо ракIалдещвеял газеталда кьезе. Жакъа кьолеб буго СалихIил курсцояв, пишацояв, божарав гьудул ХIусен Казиевасулгун гьабураб гара-чIвари.

 

— ХIусен, кида ккараб дур СалихIилгун лъай-хъвай?

— Гуржиязул театралияб институталде лъугьунеб мехалъ гьесул 17 сонцин букIинчIо, дир букIана 18 сон. Гьенире лъугьунаго кканаха нижер лъай-хъвайги. Дагъистаналдаса жидерго доре цIализе рачине васал-ясал тIасарищизе рачIараб комиссиялъ, СалихI, гьитIинав вугинги абун, вачунев вукIинчIо. Гьеб мехалъ, гьесул рахъги ккун кIалъана гьесул ункъгIал ГIайшат Маммаева ва гьелъул рос МухIамад Батиров.

 Нижеда гъорлъ гьев вукIана бищунго гIолохъанав. Амма, киназдасаго гьитIинав вугониги, сундуего бергьараб махщел-гьунар бугев вас ватана. Нижеде данде ккунги, гьев кидаго киназдаго вихьулаан. СалихI вукIана кутакалда гьайбатав, киназулго рекIелъе бортулеб тIабигIаталъул гIолохъанчи. ТIоцебесеб курсалда ниж цIалулаго, нужер гьанив цо гьитIинав, цIакъ берцинав вас вугин рагIанин, гьев вихьизе бокьун бугилан аудиториялде раккун рачIунаан чIахIиял курсаздаса ясал. Гьев живго вукIана нечон хварав чи.

ТIоцебесеб къоялдаса нахъе ккана нижер гьудуллъи. Ниж кидаго цадахъ тира-сверулел, цогидал миллатазул спектаклязде хьвадулел рукIунаан. Цоцазул ургъел-къварилъи цоцазе гьурщулаан, хIатта рокъоса рачIарал кагъталгицин цоцазе цIалулаан.

  Общежитиялда эркенаб заманалда, батIияб рокъовеги ун, кидаго жиндаго тIад хIалтIулев вукIунаан гьев. Махщел-гьунар тIалаб гьабизе гьесул бугеб шавкъ халлъана мугIалимзабаздаги.

Санайил, батIи-батIиял шагьаразде, пачалихъазде унаан институталдаса делегация. Ректорасги проректорасги нижеда гъорлъа, бищунго мустахIикъав вугинги абун, СалихI вищана Чехословакиялде витIизе.

Институт лъугIун хадубги, гьесул рес букIана Типлисалъул музыкалияб комедиялъул театралде хIалтIун чIезе. Амма, магIарул театралде тIадвуссине кколин живинги абун, инкар гьабуна гьенив чIезе. Гьенирги нижехъ-гIолохъанал артистазухъ балагьун чIун рукIана. СалихIица аслияб роль хIазе лъезе росун рукIана «ТIагьир ва Зугьра», «Камалил Башир» спектаклял.

— Бицуна, Камалил Баширил роль хIан хадуб, магIарул халкъалда гьоркьоб машгьурлъанин СалихIил цIар…

— СалихI магIарул халкъалъе вачIинахъего вокьана. Гьесда абулаан руччабазе вокьулев артистилан. ТIатIала, 10-12 нухалъ, кьабун цIурал залазда цере рихьизаруна гьел спектаклял. МагIарухъе гастроляз араб мехалъ, гьев вихьизе, гьесда кIалъазе къватIире рахъун чIун ратулаан лъималазулги руччабазулги тIелал. БитIахъе, рокьумахх гIадав, жиндирго берцинаб тIабигIаталъ киназулго рекIелъ восулев чи вукIана СалихI.

   «Камалил Баширалда» хIа­ла­ан СалихIица Баширил, дица — гьесде данде чIарав Чангъиласул ролал. Дир герой — Чангъиласул чIужуялъул гьесухъ рокьи ккун бугин абун, мацIалги гьарун, чIваларищха ахиралда Башир. Унго-унголъунги гьеб гьедин бугеб гIадин, гьев чIвазе «квербакъи гьабунилан» гIадамазул дида цIакъ ццин-кIвар букIунаан. Цо нухалъ, гьеб спектакль хIалаго, антракталъул заманалда хъалиян цIазе къватIирехун щвана. Ниж кIиялго хабар-кIалалда рихьараб мехалъ, цо-кIигояз абуна, балагьейила, дол цоцазда кIалъалел ругилан. Цере цIакъ божулаан гIадамал сценаялда лъугьа-бахъунеб жоялда.

ГIемер ракIалде щола цо гьадинаб лъугьа-бахъинги. Цо пуланаб росулъе ун рукIана ниж гьеб спектакль хIазе. Гьенисан нижго рега-рахъун рукIунеб общежитиялде унаго, къаси кватIараб мехалъ нижеде данде ячIана, чемодан-къайиги босун, цо-кIиго яс. Нуж кире унел чагIийилан гьикъидал, гьез жаваб гьабуна СалихI Имангъоловасда хадур рилълъарал чагIи ругин. Спектаклялдасан гьезул рокьи ккараб къагIидаха гьесухъ. Гьединаб жо бегьуларин, гьев жакъа гьанив, метер дова вукIунев артист вугилан, тIадруссинаруна нижеца гьел ясал.

— Халкъалъе гьедин вокьулев вукIараб мехалъ, щайдай СалихI, актерлъиги тун, режиссерлъиялде варав?

— Гьесие бокьана жинцаго спек­таклял лъезе ва гьев Мос­кваялде режиссерлъиялъул курсазде ГИТИСалде цIализе ана. ЛъагIалица гьенивги цIалун вачIиндал, гьес байбихьана гьитIинал комедияздасан.

     СалихIица лъечIо кIудиял трагедиял, драмаби. Гьес лъолаан комедиял. Комедиялги рукIуна гIумруялдаса ратIа рахъизе лъаларел. Гьел лъолеб мехалъ, гьесул аслияб мурад букIунароан гIадамал релъизари. ГьитIинаб лъугьа-бахъин кIудияб проблемаялдеги сверизабун, гъвари­лъудеги лъугьун, кIвар бугеб, унтараб суалалъе жаваб балагьулаан.

Цониги спектакль лъолеб мехалъ, гьениб захIматаб ялъуни магIнаялъул рахъалъ мукъсанаб бакI батани, гьес, тIад хIалтIун, ургъун, гьелъул саламатаб жо лъугьинабулаан. Гьес абулаан, гьаб пуланаб бакIалда релъизе, гьаб бакIалда гIодизе кколин гIадамалин. Масала, «Я къвал бала, я къоно чIвала» абураб спектакль буго комедия. Амма дора гIадамал гIодула. Гьесул комедиял рукIунаан трагедиялъул, драмаялъул гIаламаталги асарги гъорлъ бугел. Масала: «Булбулалъул кечI», «Якьад рихаразул росу» «Мун дир эбел йиго», «Бабал васищ, лъадул росищ» ва гь.ц. Сценаялда бихьизабулеб щибаб ишалъул гьесда ракIалде ккараб хIасилги букIунаан.

Гьес лъурал бищун машгьурал спектаклязул цояб букIана «Берцинал ясал хъамулеб куц». Гьеб халкъалъ цIакъго лъикI къабул гьабуна. Цо нухалъ, Буйнакский къотIносан унел нижеда цо-кIигояв дагIбадулел рихьана. Цо заманалдасан, нижеде аскIореги рачIун, абуна «Берцинал ясал хъамулеб куц» спектаклялдаса чIужу борхьида релълъинаюлеб сцена бихьизабуни, жидеца нуж рестораналде рачинилан. БолкъотIнорги рукIун дицаги СалихIицаги бихьизабунаха гьеб сцена. Артистазда цадахъ гIодор чIезе щвей гьезие кIудияб къо-асс букIинарищха.

— Цогидал режиссераздаса ба­тIи­ял кинал хасиятал, методал рукIарал гьесул?

   — СалихIица абулаан, сценаялда артист халкъалъул рекIелъ восулевлъун вукIине кколин. КигIан квешав героясул роль хIалеб бугониги, гьесул лъикIал рахъалги ралагьизе кколин абулаан гьес. Гьеб дида цоги режиссераз абулеб рагIичIо. ТIубанго чIегIерав чи хIагеян абулаан дос.

Театралде хIалтIизе вачIараб мехалъ, тIоцебесеб заманал­да дихъе квешаб гIамал-хасия­та­лъул ролал гурого кьолел ру­кIинчIо. Хадуб, СалихIица спек­таклял лъезе байбихьараб мехалъ, гьес гьениве вачана дун хIазе ва лъикIа-лъикIаб гIамал-хасияталъул героязул ролалги кьуна. Гьеб мехалъ, дагь-дагьккун магIарул халкъалда гьоркьов машгьурлъанин абизе бегьула дунги. ПалхIасил, СалихIица дун гIадамазе вокьизавуна.

— Актерлъун хутIун вукIаравани, гьев дагьавги машгьурлъилааниланищ дуца толеб ялъуни режиссерасул нух тIасабищи битIараб ишлъунищ рикIкIунеб?

  — ЛъикIав актерасул квешав режиссер вахъинеги бегьула. Гьесул цохIо роль хIазе гуребги, кьурдизеги, кечI ахIизеги, кинаб букIаниги хабар бицинеги махщел букIана. Актерлъун вугеб мехалъги, режиссераз гьесда щибниги малъулароан: жинцаго ургъулаан гIодов чIезе, тIаде вахъине бакIги, гьабизе хIалтIиги. Гьеб мехалъго киназдаго бичIчIана гьесул лъикIав режиссер вахъунеблъиги.

Дир пикруялда, гьес режиссерасул нух тIасабищи цIакъ битIараб иш гьабуна. Гьеб гьес лъурал спектаклязги бицуна.

  СалихI хун сонал аниги, жакъа къоялдаги гIемерал гьесул спектаклял жеги-жеги рихьизарула Авар театралъул сценаялдасан. Гьел киналго халкъалъе жакъа къоялдаги цIакъ рокьула ва абизе кIола аслияб къагIидаялъ СалихIил спектакляз хьихьун бугин Авар театрилан. Бищун захIматал, СССР биххулеб заманалда, гьеб мехалъги СалихIил спектакляз ккун букIана театр.

— ГIадан хIисабалда, кинав чи вукIарав СалихI?

— Дида СалихIидасан цониги тIекъаб рагIи абулев чи театралдаги къватIивги дандчIвачIо. СалихI вукIана сундулъго кутакалда гIаданлъи бугев чи.

ЦIакъ ракIбацIцIадаб, хIере­наб гIамал-хасияталъул инсан вукIана. Нилъерго вац-васлъун вукIине вокьилев гIадав чи вукIана мунагьал чурад.

    Ахирисеб къоялъ кIалъан вачIана гьев дихъе, жив гIагарав чагIазул берталъе цо-кIиго кечI ахIизе щун вугилан. Нахъисеб къоялъ ниж дандчIвазе кколаан. Амма дихъе хабар щвана гьенив берталъ гьев къадаралде щванилан.

Гьесул спектаклял хIалеб мехалъги гьадингоги рекIелъ кIудияб рокьигун ракIалде щвезавула нижеца СалихI.

Гара-чIвари гьабуна  МухIамад Манаповас.