ТIабигIиял сурсатазул гьарзалъиялъул рахъалъ, тIолабго дунялалда- го Россиялъ тIоцебесеб бакI ккола. Амма кинха гьеб кинабго бечелъи хIалтIизабулеб бугеб? Гьеб буго чIванкъотIараб жаваб щвезе захIматаб суал. Мисалалъе, 2021 соналда Россиялда бахъана 760 млрд куб. метр тIабигIияб газалъул. Гьеб рахъалъ нилъ руго кIиабилеб бакIалда. ТIоцебесеб бакIалда буго США (870 млрд куб. метр), лъабабилеб бакIалда...
