Дагъистан – хIалтIи гьечIезул рахъалъ лъабабилеб бакIалда

Исана лъагIалил ахиралде щвезегIан 35000 чи хIалтIудалъун хьезавизе вугин бицана дагьал церегIан къоязда республикаялъул нухмалъиялъ тIобитIараб данделъиялда ДРялъул экономикаялъул ва бакIалъулаб цебетIеялъул министр ХIажи Султановас. Гьесул рагIабазда рекъон, 18000 чиясе хIалтIулаб бакI гьанжего гIуцIун буго. Гьелда гьоркьоре уна къокъаб заманаялъе хIалтIи щваралги.

Официалиял баяназда рекъон, Дагъистаналда хIалтIи гьечIезул къадар 9,9 проценталда бащалъула. Гъоркьисаялде дандеккун исана гье-диназул къадарги цIикIкIун буго 6,7 нухалъ. Гьеб буго хъвай-хъвагIай гьабуразул къадар. ХIакъикъаталдайин абуни гьединал чагIи жеги гIемер ратулеблъи хIакъаб буго.
РФялъул президент Владимир Путиница лъазабун букIана хIалтIи гьечIолъиялъул масъалаялде кIвар кьезе кколин абун. Росстаталъул баяназда рекъон, Россиялда хIалтIи гьечIезул къадар 4,8 миллионалде бахуна (6,4 процент). 2020 соналъул сентябралда 3,7 миллион чи восун вуго хIалтIи гьечIезул официалияб сияхIалде. Пандемиялъул заманалдайин абуни гьединазул къадар 1,7 проценталъ тIадеги цIикIкIана.

Пандемиялъул заманалда бигьалъаби

Дагъистаналда хIалтIи гьечIезул къадар цIикIкIиналъе гIиллаби батIи-батIиял руго. Пандемиялъул заманалда хIалтIудаса махIрумлъаразул сияхI хъвараб бакIги кибго батичIо. ХIалтIи гьечIезул официалияб къадар цIикIкIиналъе аслиял гIиллабазул цояблъун министрас рехсолеб буго — хIалтIи гьечIезе кьолеб пособие цIикIкIин. Дагъистаналда хIалтIи гьечIезе ва гьезул лъималазе пособие кьезе биччан буго 23 миллиард гъурущ.
Исана лъагIалил тIоцебесеб лъабго моцIида жаниб хIалтIудалъун хьезариялъул хъулухъалъул идараялъ къабул гьарурал гIарзазда рекъон, 20000-ялдасаги цIикIкIун чиясе кьолеб буго хIалтIи гьечIого хутIиялъул пособие. Пандемиялъул заманалда «Тут работа» ва «Госуслуги» сайтаздасан, Интернеталъул кумекалда-лъун, хIалтIудалъун хьезариялъул хъулухъалъул идараялдаса пособие щвезе гIарза кьун буго 41000 чияс.
ХIалтIи гьечIезе кьолеб пособиялъул къадарги ккола 1500 гъурущ. Пандемиялъул заманалдайин абуни гьелъул къадар лъабго нухалъ цIикIкIинабуна. Цебе пособие лъабго моцIалъ кьолеб букIун батани, гьанже кьолеб буго анлъго моцIалъ.
МагIарухъ чанги ратула ресукъал, хIалтIи гьечIел хъизамал. Гьединлъидал гьединазеги кIудияб кумеклъун ккана гьеб пособие.

Гьоркьохъеб харж — 37490 гъурущ

ДРялъул Экономикаялъул ва бакIалъулаб цебетIеялъул министерствоялъул баяназда рекъон, республикаялда 9,9 процент гурони хIалтIи гьечIезул къадар батичIони, «Труд всем» яги «Работа в России» порталалъул баяназда рекъон, 13,5 процент буго. Гьеб ккола хIалтIи гьечIезе пособие ва хIалтIи щвезе гIарзал хъвалеб Интернет-портал. «Труд всем» порталалда кьун буго улкаялъул киналго регионазул экономикаялъул, хIалтIи гьечIезул, гIумру гьабиялъе хIажатал нигIматазул багьабазул баяналги. Масала, ДРялда гIумру гьабизе цо рукъалъул квартира кквезе хIажалъулеб буго, гьоркьохъеб хIисабалда, 14000 гъурущ. ГIумру гьабиялъе бищунго хIажатал нигIматазухъ ва къайия-
лъухъ, гьоркьохъеб хIисабалда, унеб буго 14,540 гъурущ. Лъималазул ахаздалъун хьезариги гьоркьохъелдаса гIодобегIанаб буго. Гьоркьохъеб харжин абуни 37490 гъурущ бихьизабун буго. Гьединаб харж республикаялда гьечIин абизеги рес буго. Амма гьеб ккола пуланав хIакимасе моцIрое щолеб 100 азарго гъурщилги, гIадатияв хIалтIухъанасул 15000 гъурщилги хIисаб гьабун бачIараб гIаммаб
къадар.
ЦохIо харжалъухъ балагьун чIечIого, кIиабилеб хIалтIи цIехолелги камуларо. «Кинха гIолохъанаб хъизамалъ гIумру гьабизе бугеб 15000 гъурщихъ?» Гьедин гьикъани, гIемерисезул жаваб букIуна гьадинаб: «Хадусеб моцIрол харж бачIиналде налъаби гьарун, рассрочкаялда рекъон къайи босун, гIагарлъиялъ кванил нигIматаздалъун кумек гьабун», — абун.
ХIалтIудалъун хьезариялъул ра-хъалъ РФялъул ЗахIматалъул министерствоялъ захIмалъаби ругел регионазда гьоркьоб рехсола Дагъистанги. ХIалтIи гьечIел гIадамазул къадар цIикIкIиналъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб лъаб-абилеб бакIалда буго нилъер республика. КIиабилеб бакIалда буго Северияб Осетия-Алания республика. ХIалтIи гьечIезул къадар бищунго цIикIкIун буго Ингушетиялда (26 процент).

Дагъстаталъул баян: 212 000 чи вуго хIалтIи гьечIого

Дагъстаталъ 2020 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIалил гьабураб цIех-рехазда рекъон, республикаялда хIалтIи гьечIезул къадар бахана 17,4 проценталде. Дагъистаналда 16 соналдаса пенсиялъул ригьалде щвезегIан хIалтIизе бажарулел гIадамазул къадар буго 1220000-ялдаса цIикIкIун чи. Республикаялда гIумру гьабун ругезул 39,4 процент ккола гьеб. Гьезда гьоркьоса 212000 чиясул хIалтIи ва харж бачIунеб бакI гьечIо.
Дагъстаталъул баяназда рекъон,
2020 соналъул тIоцебесеб лъабго моцIида жаниб республикаялда вукIана 184000 хIалтIи гьечIев чи. Пандемиялъул заманалдайин абуни, хIалтIи гьечIезул гIаммаб къадар 212000-ялде бахана. ГIицIго пандемия сабабалъун гуребги, хIалтIизе бажарулел ва гьеб къваригIарал гIолилазул къадар цIикIкIунеб букIинги буго гьелъие гIиллалъун.
МахIачхъала шагьаралъул хIалтIудалъун гIадамал хьезария-лъул централъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилазда рекъон, 2019 соналъул октябралде дандеккун, исана гьебго заманалда жаниб хIалтIи гьечIел хIисабалда гIарза хъваразул къадар бахун буго 7135 чиясде. Гъоркьиса октябрь моцIалда хIалтIи гьечIезул сияхIалда 564 чи гурони вукIинчIо.
Исана хIалтIухъаби къваригIара-зул хIисаб гьабуни, рехсараб центр гьоркьобккун, лъагIалидаго жаниб 483 хIалтIухъан валагьулев вукIана. Гъоркьиса букIана 340 хIалтIул бакI. ХIалтIи кьолезулги, гьеб къваригIаразулги хIисаб гьабуни, цохIо хIалтIи къваригIун къеркьолев вуго 16 чи. Гъоркьиса кIиго чи гурони вукIинчIо.
ЦIарагI чурулел гIадамал, техничкаби, къадахъаби ва цогидалги хIалтIухъаби хIажат ругин абун рукIуна гIемерисел лъазабиял. Нилъер гIолилал кверда хIур хъвалеб хIалтIи гьабизе чIухIулел ругин бицуна хIалтIи кьолезги. Киназего къваригIун буго гIемераб гIарацги щолеб, ратIлида хIурги хъвалареб хIалтIи.
Нилъер республика рикIкIунеб буго туризм цебетIезабизе бегьулеб ва гьелъул кумекалдалъун гIадамал хIалтIудалъун хьезаризе ва экономикияб рахъ лъикIлъизабизе рес бугеб регионлъун. Хьул буго туризмалъул кумекалдалъунгIаги хIалтIи гьечIезул къадар дагь гьабизе кIвелин абураб.