Каспиялъул рагIалда — цIияб шагьар

 

   5 сентябралда Владивостокалда байбихьана Бакъбаккул рахъалъул экономикияб форум. Исана анкьабилеб нухалъ тIобитIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана щуазаргоялдасаги цIикIкIун чи. Гьаруна рикIкIен гIемерал къотIи-къаял, рукIана презентациял. Форумалда аслияб кIалъай гьабуна улкаялъул нухмалъулев Владимир Путиница. 7 сентябралда тIобитIараб форумалъул пленарияб данделъиялда гIемераб жо бицана гьес. БатIи-батIиял пачалихъаздаса гIемерал гьалбал данделъараб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги.

Гьеб сапаралъул мурад щиб букIараб ва нилъее пайда бугеб хIасил кканищ гьелъул? Гьеб суалалъе жаваб балагьизе хIалбихьилин.

 

Лъабго триллион гъурщил хайир

   «Бакъбаккул экономикияб форум» тIобитIана Владивостокалъул «Русский» абураб чIинкIиллъиялда. Лъабго къоялъ кIудияб багъа-бачари букIана лъеца сверун ккураб гьеб чIинкIиллъиялда. Жидерго пачалихъалъе ва регионазе пайдаял дармилгун экономикиял къотIи-къаял гьарулел, проектал цере лъолел, презентациял тIоритIулел рукIана гIахьалчагIи. Лъабго триллионгун бащдаб гъурщиде къотIи-къаял хъвана форумалда. Дальний Востокалъул федералияб округалда вугев президентасул вакил Юрий Трутневасул рагIабазда рекъон, пандемиялдаса хадуб анкьазаргогIанасев чи данде гьавураб, к1удияб даражаялъул тIоцебесеб экономикияб тадбир букIана гьеб.

    Лъабго къоялъ форумалда жигараб гIахьаллъи гьабун, республикаялъе санагIалъаби ралагьун, кIудияб хIалтIи гьабуна Сергей Меликовасги. Мисалалъе, Каспиялъул рагIалда курорталъулаб ц1ияб шагьар базе къваригIун бугин абураб пикру улкаялъул бетIерасда рагIизабуна гьес. Гьеб базе ракIалда буго Гъаякент районалда.

— Жакъа нилъехъе рачIарал туристазе хIухьбахъи гьабизе бокьулел бакIазул цояб ккола ралъдал рагIалги. Гьединлъидал гьеб рахъалъ цебетIей щвезе кIудиял ресал руго Дагъистаналъул. Гьеб цIияб шагьаралъул проект цебелъуна дица президент Путинида. Щайин абуни, гьеб гIумруялде бахъинабизе кIвани, Северияб Кавказалдехун бугеб бербалагьи думалъго хисизабизе кIвелаан нилъеда букIараб. Маданияталъулги, лъай кьеялъулги, цIирагьиязулги рахъалъ (инновации) рекъараб бакI лъугьине буго гьеб шагьар-курорт. ТIадежоялъе, гьениб букIина 110 000 чиясе хIалтIизе бакIги.

Гьединго гьеб курорталъ халкъазда гьоркьосеб даражаялда хасаб бакI кквезе буго. Каспиялъул рагIалда ругел пачалихъазул цонигияз рахъкквечIо, бакътIерхьул пачалихъаз Россиягун кьалги ахIун нилъедехун лъазарурал ахIмакъал экономикиял санкциязул. Гьелъин абуни кIудияб рес кьолеб буго нилъер улкаялъе экспорталъул рахъалъ лъикIаб цебетIей щвезе.

     Гьединал проектазда нахъа кIудияб букIинесеб буго. Гьеб буго дун разияб пикруги. Амма бищунго вохараб хIужа ккана, дица загьир гьабураб пикруялъул рахъ президентасги кквей. ЛъикI къабул гьабуна Дагъистаналъул проект гьениб. Узухъда, ракIалда бугеб рагIалде бахъине ккани, гIемераб гIарацги хIажалъила, гьабизе хIалтIиги гIураб буго. Амма ниж гьелде хIадур руго ва хIалтIудасаги захIмалъиялдасаги нижер халкъ хIинкъуларо, — ян абуна Сергей Меликовас форумалда.

РакIалда букIараб къагIидаялъ кинабго ккани, тIадеялъулалдаса байбихьун, 2030 соналде бан бахъине ккола шагьар-курорт.

 

ВачIанщинав гьобол рази гьавуни…

    Владимир Путиница гъираялда къабул гьабуна республикаялъ цебе лъураб проект. Туризм хIатталдаса ун цебетIолеб бугелъул гьаниб ва Россиялдаса рачIарал рикIкIен гIемерал гьалбадерие нилъер ракьги тIабигIаталъул берцинлъиги рекIее гIураб куц бихьун батила гьесдаги. РекIее гIолареб хIалалъищха гьанире рачIараз Дагъистаналъул мугIрулги, тIагIамаб миллияб квенги, рохуца холаго гьалбал къабул гьаризе хIадур ругел гIадамалги реццулел ругел. КочIохъабазги реццана, машгьурал киноактеразги зодоре рахинаруна нилъ. Гьал къоязда интернеталде рехун бачIана гIурусазул машгьурав кочIохъан Олег Газмановас Дагъистаналде щун хадуб хъвараб цIияб кечIалъул видеороликги. РагIа-ракьанде щун бихьизабун буго гьес гьениб нилъер тIабигIаталъул берцинлъи.

   Северияб Кавказалда ругел туристикиял комплексал церетIезаризе ругел ресазул бицараб кIалъай гьабуна Путиница Владивостокалда. Мисалалъе, Каспиялъул рагIалда бугеб «Гъаякент» курорталъулаб зона цIигьабуни лъикIаб букIинин абуна президентас. Советияб заманалда машгьурлъи щвараб, цIакъ гIемерал туристал рещтIунел рукIараб бакI букIана гьеб. Гьанже цIидасан къачIан, цIиял ресалгун ва санагIалъибигун хIалтIизе биччани, гьелдаса цIакъаб бакI цоги батизе захIмат бугин абуна улкаялъул бетIерас. Востокалъулаб экономикияб форумалда С. Меликовас борхана Дагъистаналда туристазул полиция гIуцIани лъикIаб букIинин абураб суалги. Щайин абуни, мисалалъе, нилъер гьанире рачIарал туристазе бадирчIваял гьарулел, хъачIго кIалъалал гIадамал камулел гьечIо. Гьединго рукIана хIужаби гьезул гIумруялъе хIинкъи бугелги. Гьединлъидал гIадлу-низам гьабиялъе квегIенлъи букIинаанин туристазул полициялъулин абуна форумалда республикаялъул бетIерас.

«Новое Дело» газеталъул экономикияв обозреватель Андрей Меламедовас цIияб шагьар баялда хурхун гьадинаб пикру загьир гьабуна нижер басмаялъе:

   — Соналдаса соналде нилъер гьанире рачIунел туристазул къадар цIикIкIунеб букIин хIисабалде босани, узухъда, гьединаб шагьаралъул квалквал букIинароан. Амма суал буго кин гьеб базе бугебин абураб? ТIоцебесеб иргаялда, инфраструктура: газги, лъимги, токги, цогидабги гьечIони, щиб гьелъул ккезе бугеб? Гьенибе биччалеб гIарцуда барахщизе бегьиларо. Туристал къабул гьарулеб бакI букIине ккела щвалде щвараб.

   КIиабизе, къваригIун бугищ гьединаб курорт Дагъистаналъе? Буго. БецIал, лъай мукъсанал, гIадан вокьуларел, рокьукъал чагIилъун рихьизариялдаса, гьалбалги хириял, магIишатги гьабизе лъалел, адаб-хIурматги бугел чагIилъун лъан лъикI нилъ гьалбадерида. Гьеб гуребги, ралъдал рагIал ккола къватIиса вачIарав чиясул ракI тIаде цIалеб гьайбатаб бакI. Гьединаб бакIалда бараб шагьаралдаса разиго хутIила гьалбалги нилъги.

Гьединабго пикру буго республикаялъул турфирмабазул хIалтIухъабазулги.

Ашахан Юсупов