Больницабигун ясли-ахал разе кумек

 

            Араб анкьалъул ахиралда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирханов щвана Гъуниб районалъул щуго росулъе.

       Гъуниб росулъ премьерасда бихьизабуна 1932 соналъго бараб басрияб ясли-ах. Гьелъул бакIалда цIияб мина базе рагIи кьуна гьес.

 

       Гьединго Гъуниб росдал учительзабаз гIарз бахъана райцентралда бугеб школалъулги. ЦIализе рачIунел лъималазул къадар соналдаса соналде цIикIкIунеб бугин, амма школалъул мина бас- ралъун букIиналъ гьел киналго гIураб къадаралда къабул гьаризе рес гьечIин бицана мугIалимзабаз премьерасда. Гьединлъидал гьанже школалъе реконструкция гьабизе буго.

       Гьединабго басралъараб школа бихьизабуна ГI. ГIамирхановасда ЧIохъ росулъги. 1911 соналъго бараб минаялъуб жаниб хIебтIун буго жакъа гьеб. Ахирисеб нухалъ гьениб капиталияб ремонт гьабуна 53 соналъ цебего. Гьелъул къадал кьватI-кьватIун руго.

     ЧIохъ буго 1970 соналъго бараб участкаялъулаб больницаги. ГьабсагIат гьелъ къабул гьабула анлъго росулъа гIадамал. Амма гьеб басралъун буго. ХIажат буго цIияб, гьанже заманалъул тIалабазе дандекколеб сахлъи цIуниялъул рукъ.

    ЧIохъ школаги цIияб больницаги базе кумек гьабизе рагIи кьуна хIукуматалъул нухмалъулес.

    ЧIохъдерил больницаялъулго гIадаб къисмат буго Кудали росулъ бугеб унтарал сах гьарулеб идараялъулги. Биххун иналда хIинкъи буго гьелъул. Кудали росдал больницаялъги щуго росулъа чагIи къабул гьарулел руго жидехъего. Больницаялъул хIалтIухъабаз цебегоялдаса нахъе гьарулеб буго цIияб мина базе кумек гьабеян.

     Гьединго реконструкция гьабизе кколеб хIалалда буго Кудали росдал маданияталъул рукъги.

    СалтIа росулъ ГI. ГIамирханов щвана М. Рамазановасул цIаралда бугеб школалдеги росдал амбулаториялдеги. 1978 соналъго бараб гьенибе бачун гьечIо лъим, гьедин- го гьечIо лъим къватIибе унеб рахъги. Больницаялъул нухмалъулез премьерасде гIарз бахъана жидее хIажат бугин цIияб медицинаялъул къайи, цаби-гIусал къачIалеб рукъ, лъабго автомашина, гьединго ИВЛапппаратал абун.

    Щуябго росулъеги щун, бихьарагIаралъул хIасил гьабулеб данделъи тIобитIана премьерас райцентралда. Гъуниб район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъе гьабсагIат ругел гIунгутIаби лъугIизаризе, щибаб министерствоялъе тIадкъай кьуна гьениб.

    Ашахан ЮСУПОВ