Туристал рази гьаре

 

    25 маялда Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда бицана туризмалъул хIакъалъулъ.

     «Республикаялде гIемерал туристал рачIунел ругелъул, гьелдаса дунги, дунго гIадин нужги, рохун ратила. Амма суал буго гьел къабул гьаризе нилъ хIадур ругищин абураб. Аэропорталдаса байбихьун балагьани, республикаялда гьечIо туристал разиго хутIуледухъ чIезарурал шартIал.

   Мисалалъе, гьечIо машинаби лъезе бакIал. ГьечIо гIураб къадаралда хIухьбахъиялъул рукъзал, ашбазал ва гьел гурелги чара гьечIого къваригIунел жал.

   Дида бичIчIуларо, щай бегьулареб гьел бакIал разе. Туристазухъа щвараб гIарцуца бецIилагури гьезда тIад харж гьабураб гIарац», — ан абуна С. Меликовас.

    Гьес бицана республикаялда букIине кколин щвалде щвараб туристазулаб комплекс. Гьединго щуго туризмалъул кластер хIадур гьабизеги бегьулин абуна бетIерас.

     Гьел кластералги ккола Сулахъ къварилъиги, Дербентги, Каспиялъул рагIаллъиги, ччугIа кколел хIоралги, гьединго мугIрузул мухъалги.

     — Дица цебеги бицана, цогидал регионазда гьечIеб бечелъи буго нилъер. Масала, гьайбатаб тIабигIатги, ралъадги, мугIрулги. ГIицIго нилъер гьаниб нахъе ккун буго Каспиялъул рагIаллъуда ругел хIухьбахъиялъул зонаби. Гьел бечед гьариялда тIад хIалтIизе ккела, — ян абуна республикаялъул нухмалъулес.

Ашахан ЮСУПОВ