КIагьадерил заводалъул пихъил тIагIамги дуниялги

 

     Дида ГIарипов МухIамад рагIун гурони, вихьун лъалев чи вукIинчIо. Амма 35 соналъ гьес нухмалъи гьабураб кIагьадерил консервал гьарулеб заводалъул хIакъалъулъ рагIичIев чи республикаялдаго къанагIатги ватиларо. ГIемераб хIалбихьана гьесул бетIерлъиялда къватIибе биччараб нигIматалъулги. МоцIалъ цебе гIадин газеталъул редакциялда ккана гьесулгун лъай-хъвайги.

    МухIамад гьавуна Гумбет районалъул Ингишо росулъ. ГIодоса тIадего магIишат гьабизе гьунарги бугел, захIматги хириял гIадамал рукIана гьесул умумул. Кутакалда гIадамаз адабги гьабулев, сверухъ ругезе къимат кIудияв чи вукIанин бицана гьесул эмен ГIарипил хIакъалъулъги.

   Инсул эмен Халитги вукIана гьитIинго ах-хуралдехун рокьи бугев, захIмат хирияв чи. МагIарухъ колхозал гIуцIараб, киналго ахал гIаммаб магIишаталде гъорлъе руссараб мехалъги умумузул букIараб ах рехун течIого, гурараб гъеж гIодобе биччачIого гьелъие хъулухъги гьабун чIана, гьадин тIадчIун хъулухъ гьабичIони, ах чIунтизе бугинги абун.

    Духъа ун буго гурищ гьаб ах, щай мун гьелъие хъулухъги гьабун чIун вугевин гьикъидал, мунагьал чураяс абулаан жеги щибдила, дир лъимал, лъалеб дунялалъул иш кин букIинебали. Гьанже ккола дида жинцаго абулеб букIараб куцалда заман тIадбуссараблъи бихьизе, чIаго вукIаравани гъовилан.

    Амма цохIо гьелдалъун къокълъичIо гьес гIагараб росдае гьабулеб хъулухъ. Росуцояз жакъаги бицуна гьесул бахIарчияб мисалалъул хIакъалъулъ. Цо-цоккун, кIи-кIиккун гIадамал ккун рачун унел, хIинкъарал 1930-абилел соназда росдал советалъул председательлъун вукIарав гьес ярагъ борчарал гIадамазухъе печать кьун гьечIо, биланилан багьанаги батун. Гьеб сабабалъе ккун, чанги чи хутIана гьезул росулъа, руссунареб сапаралде рачинчIого, рокъор.

 

 

    КАВУДУХЪАН БАЙБИХЬУЛА НУХ…

      Байбихьул классалдаса нахъего цIализе лъикIав вукIана МухIамад, щуйил тун батIияб къимат гьесие щолеб букIинчIилан бицунаан гьесул учительзабаз. ТIоцевесев учитель ГIалиев УзунхIажил чIухIилъун вукIана гьев. Районалда гьесул дарсазул хал гьабизе лъай кьеялъул инспекторал рачIиндал, гьасул хIалтIуда ракI рекъечIого, гьез тIасан кIалъай гьабидал, яхI гьабизе кIвечIого: «Дун гьединав хашав мугIалим ватани, ГIарипов гIадав мисалиял цIалдохъаби киса рачIунха дир классалада гIурал»,- ин бадибчIвай гьабула мугIалимас гьезие.

   Меседил медалалда школаги лъугIизабун, Москваялда цIализе ине рес букIарав гьес, гьудулзабаз гьаридал, тIаса бищула ДГУялъул технологиялъул факультет. 1973 соналъ тIокIлъиялда гьеб лъугIизабурав ГIарипов МухIамадил бажариги бихьун, гьев хIалтIизе восула республикаялъул Росдал магIишаталъул министерствоялде. ХIалтIана инженер-технологлъун, бетIерав технологлъун, кIудияв экономистлъун.

    Хадуб гьесухъе кьуна захIматаб участок – Хасавюрталъул магIишатазда гьоркьосеб предприятиялъул нухмалъулесул хъулухъ. ТIубан бичча-бихъан тун букIана гьениб хIалтIи, букIинчIо гIадлу-низам. ХIажат вукIана роцIцIараб пикруялъул, хIаракатав гIуцIарухъан. Гьеб букIана 1980 сон. АнцIго батIияб совхозалдаса пихъ бачIунаан гьенибе, цинги къачIан хадуб, битIулаан Россиялде. КIиго соналда берда бихьуледухъ хисизабуна ГIариповас гьениб хIалтIи. Хасавюрталда иш роцIцIинабун хадув, 1982 соналъ тIад вуссун Росдал магIишаталъул министерствоялде вачана гьев цIидасан.

   Амма цох1о х1алт1уде вуссун чIечIого, тIадеги жиндирго лъай камил гьабиялда тIадги хIалтIана МухIамад. Москваялъул пищевой институталда цIалун инженер-виноделасул махщелги щвана гьесие, гьелда чIечIого лъугIизабуна ТIолгосоюзалъулаб росдал магIишаталъул заочнияб институт (экономист) ва гьелдаса хадубги республикаялдаго тIоцевесезул цоязда гьоркьов гьев вукIана Москваялъул Менеджменталъул университеталъул хасаб лъабго курс лъугIизабурав чи.

    Ункъо батIияб тIадегIанаб цIалул идараялда щвараб лъайги камил гьабун, бокьараб магIишаталда гъеж гурун гьавудизе гъираялда вугев МухIамад 1986 соналъ витIула Гъуниб районалъул «Гьудуллъи» совхозалъул директорлъун. Амма цин гьениве вачIиналде, совхозалъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIумаров МухIамаднабихъеги ун, гьесда абула: «Дида тIад къалеб буго совхозалъе нухмалъи гьабизе, амма дун духъа хъулухъ бахъизе вачIунев чи гуро, дур разилъи батичIони, дица гьеб тIаде босуларо», — ян.

    Амма гьелъие жиндир щибниги инкар гьечIилан гIодове виччазавула МухIамаднабица гьев. Цебесеб чIаголъиялда совхозалъе бетIерлъи гьабун бажарулеб гьечIин жинхъайиланги абула гьес. Гьедин вачIана МухIамад 1986 соналъул январалда Гъуниб районалде.

   Нахъа ГIариповас махсараялдалъун ракIалде щвезабулаан жеги щиб-кинали лъалареб бакIалде ракь-хасало вачIине ккани лъабго росдал жамагIаталде гьоркьове гьебги бахIарчилъиялда бащадаб иш букIанин абун.

 

    ХIАРАКАТАЛЪУЛ БАРАКАТ КАМУЛАРО

 

      Лъабго росу (ХIотIочI, Хьиндахъ ва Гъоркь КIогьори) жанибе унеб «Гьудуллъи» совхозалда дагьал рукIинчIо гIунгутIаби. Къокъабго заманалда гьесул хIаракаталдалъун бан бахъана Хьиндахъ росдае 320 чиясе цIализе бакI бугеб школаги, ясли-ахалъул корпусги. ХIотIочIисезе бана ясли-ахалъул кIиго корпусги тукенги, амма бищунго гьел рохараб жо ккана росулъе лъим бахъи. ТIокIаб жо гьабичIониги, росулъе цохIо лъим бахъаралъухъ тарихалде инин ГIарипов МухIамадин разиго абулаан гьез чанго сон ун хадубги.

   ЦIияб школа бана Гъоркь КIогьорибги. Амма аслияб хIаракат ГIариповас буссинабуна гьеб росдал консервал хIадурулеб заводалде. Гьеб къачIана жаниса, босана цIияб къайи-цIа, амма бищунго кIудияб хIасиллъун ккана завод сордо-къоялъ чIечIого хIалтIулеб низамалде бачин. Гьединаб жо жеги лъугьун букIинчIо магIарухъ. Росулъ ругел гIадамал ругьунлъун рукIараб хIалтIул низам хисизабуна ГIарипов МухIамадица. Гьанже хIалтIухъаби вахтаялъул автобусалдаги рекIун сардилъ заводалде рачIунаан рогьинегIан гьенир хIалтIизе. Гьеб цIирагьиялъ хIасилги кьуна: сезоналъе 3,5 миллион банка къватIибе кьолеб букIараб заводалъ гьанже биччазе байбихьана 8 миллион.

    Къокъаб заманалда жаниб цебетIураб кIагьадерил заводалъул мисал бачине байбихьана мугIрузул мухъазда ругел гьединалго заводазе.

      1989 соналъ 12 районалъул 27 магIишаталъухъа 2000 тонна къабул гьабун букIана заводалъ, къватIибе биччана 8 миллион банка консервадул. Гьединаб хIаракатаб, бергьун кIудияб хIалтIухъ ГIариповас нухмалъи гьабулеб магIишаталъе щвана КПССалъул ЦКялъул, СССРалъул Министрзабазул советалъул , ВЦСПСалъул ва ВЛКСМалъул ЦКялъул ХIурматиял грамотаби.

    1995 соналдаса нахъе ахбазаналъул ва гIечул сокал росун руго «Россиялъул бищун лъикIал кванил нигIматал» абураб каталогалде.

 

    МАГIАРУХЪА НИГIМАТАЛЪЕ ОКЕАН БАХУН КЪВАТIИБГИ КЬУРАБ КЪИМАТ

 

      Базаралъулаб экономика улкаялда тIегьазе байбихьидал, цогидал консервал хIадурулел заводазул киназдаго гуро кIвечIо цIияб заманалъул конкуренция хIехьезе кIвараб цоцоял чIун хутIана. Амма «Гьудуллъи» АОялъул магIишат жакъа къоялъги цебехун туркIулеб буго.

     КIогьориб заводалъ хIадур гьабураб ахбазаналъул сокалъе кIудияб къимат кьуна Америкаялъулгун Россиялъул Дармилгун промышленнияб палатаялъцин. «КIудияб даражаялъул нигIмат хIадураралъухъ — ЦIияб Эра» абураб медаль кьуна гьез ГIариповас кIвар кьун гIезабураб нигIматалъе. Гьаб заманалъул, химиялда гъорлъ буцун гIезабураб тIагIам тукадул полкабаздаса нахъе цузе кIвелародайилан хьулалда, заводалъул нухмалъи РФялъул хIукуматалъул программаялда гъорлъ гIахьаллъизе ахIун букIана Москваялъул мэриялъги. ФРГялъул Ольденбург шагьаралъул бургомистрас цо выставкаялда, мугIрузул росулъ гIезабураб тIагIамалъул хIалги бихьун, абуна: «Огь, ахбазаналъул сокалъул гьуинлъи – зер гут абун». Немцазул мацIалда гьабураб гьеб кIудияб калам гьелдаса нахъе заводалдаса къватIибе унеб щибаб шишида тIад хъвазе тIалаб гьабуна ГIариповас.

      Цоги гьединабго выставкаялда доб заманаялъ Россиялъул росдал магIишаталъул министрасул тIоцевесев заместительлъун вукIарав МухIамадтIагьир ГIабдулбасировас цо нухалъ гьадин абуна: «ЦохIо ГIарипов МухIамад гурони лъаларо дида жиндирго мобильнияб телефоналъул номер къватIибе унебщинаб банкаялда этикеткаялда тIад хъвазе нахъе къачIев нухмалъулев. Жиндир нухмалъиялда гъоркь хIадур гьабураб нигIматалъул татуялда хурхун, лъилниги бадибчIвай щвани, живго гьелдаса хIинкъуларевлъи загьир гьабуна гьес. Гьединаб мисал, Россиялдани киб гурин, Европаялдацин гьечIо».

    КIудияб къимат гьабулаан ГIарипов МухIамадил, дол соназ Гъунив КГБялъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вукIарав ГIандиса Жавпар Рамазановас.

    Гьес ракIалде щвезабула цо гьадинаб лъугьа-бахъинги. Совхозалъе цIияб ах гIезабизе чанго гектаралъул ракь букIана райкомалъ бихьизабун, росун рукIана гьенир чIезе цIиял гъутIбиги.

   Райком хIалакун букIана гьеб суал роцIцIинабунилан баян республикаялъул обкомалде кьезе. Гьелъие гIололъун тIобитIун букIана данделъи.

     Амма гьанжеялдаго цIиял гъутIби чIезе жив рази гьечIилан лъазабуна данделъиялда ГIариповас. «Корводстрой» тресталъ цIияб ах лъалъазе насосалъулаб станция жеги бан бахъун букIун гьечIо, гIисинго ругел гъутIби лъалъазе лъимги гьечIого, гьел чIезе бегьулеб иш гурилан чIана совхозалъул директор.

   Доб мехалъ Гъуниб райкомалъул вукIарав секретарь М. У. ГIалиевасул цIакъ ццим бахъинабуна гьесул тIирунчIеялъ, хIатта ГIарипов хIалтIудаса вахъиялъул суал гьоркьоб лъезецин тадбирал гьарулел рукIана.

   Амма МухIамад жиндирго пикруялдаса вуссинчIо. Райкомалъул бюроялъул гIахьалчагIазда гьоркьоса гьесул рахъ ккуна цохIо Жавпар Рамазановас.

    Ашахан ЮСУПОВ