ЦIунтIадерил депутатаз ганчIал речIчIана

12 октябралда ЦIунтIа районалъул администрациялъул минаялда ганчIал речIчIана бакIалъулал гIадамазул цо къокъаялъ. Гьелдалъун жагъаллъи ккана гьенир цере чIезарун рукIарал администрациялъулги районалъул бетIер Шамил МухIамадовасулги машинабазе.

 

ЦIунтIа райадминистрациялдаса «ХIакъикъаталъухъе» щварал баяназда рекъон, гьеб заманалда районалъул депутатаз бакIалъул собраниялъул нухмалъиялде Исрапил ГIабдулаев вищулев вукIана.
Гьелде щвелалде ГIабдулаев вукIана районалъул бетIерасул заместительлъун.
— Районалъул 23 депутатасда гьоркьоса 13 чи гIахьаллъана сессиялда. АнцIгоял рачIинчIо. Жал гьечIони, кворумги гIечIого, сессия тIобитIиларин ккун букIараб къагIидаха гьезда. Гьединлъидал лъугьана гьел, администрациялде ганчIалги речIчIун, сессия гьоркьоб къотIизабизе, — ян бицана газеталъе районалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Адам ГIалиевас.
Гъалмагъир гьабурал депутатазул анкьгояв ккун вугинги тIаде жубана гьес.
Администрациялде гIагарав цогиги чияс «ХIакъикъаталъе» баян гьабуна гьезие тIалъи жидехъе щвезе бокьун бугилан. Гьединлъидал тIоцебесеб нух гурила гьез гьединал хIаял гьарулел ругелдаса.
ЦIунтIа гьеб лъугьа-бахъин ккун нахъисеб къоялъ, жиндирго разилъи гьечIолъи загьир гьабун, МахIачхъалаялъул аслияб майданалде вахъун вукIана Шаури росулъа депутат МухIамад СагIидов. Гьесул рагIабазда рекъон, районалъул собраниялъул бетIерлъун Исрапил ГIабдулаев вищулеб данделъиялде риччан гьечIо. Гьединлъидал СагIидовасе бокьун буго гьеб хIужаялде республикаялъул тIалъиялъул кIвар буссинабизе.
Майданалде вачIун заман иналде гара-чIвариялъе гьев жиндирго кабинеталде ахIана ДРялъул бетIерасул МугIрузулаб округалда вугев вакиласул ишал тIуралев МухIамад Камиловас.