«ХIакъикъат» газеталъ байбихьулеб буго, коронавирусалде данде къеркьолаго гIумруялдаса ратIалъарал, медицинаялъул хIалтIухъабазул хIакъалъулъ хъвазе.
ГIаммаб куцалда Россиялда гьезул 190 чи хванин хъвалеб буго интернеталда. МухIканлъи жеги лъаларо. Гьединго чIванкъотIи гьечIо Дагъистаналда хваразул рахъалъанги. Цояз 40-йин, цогидаз 50-йин рехсолел руго тарихал.
Кин батаниги, гьезул цояй ккола 28 апрелалда Аллагьасул къадаралде щварай Гъуниб районалъул Шангъода росулъа ПатIимат АсхIабова.
Жийго хIалтIулей йикIараб больницаялда хвасар гьайизе бажаричIо гьей. МахIачхъала шагьаралъул кIиабилеб больницаялъул медсестра кколаан ПатIимат.
Нижеца гара-чIвари гьабуна гьелъул яц ГIайшатилгун.
-Дир яц ПатIимат медучилищеялдаса хадуй цин ХIебда больницаялда хIалтIана кIиго соналъ. Гьелъул рос вуго Шамил районалъул Гьолокь росулъа.
1995 соналда, МахIачхъалаялдеги гочун, шагьаралъул кIиабилеб больницаялда реанимациялъул отделениялда медсестралъун хIалтIизе байбихьана гьелъ.
Ахираб чанго сон букIана ПатIиматил диагностикаялъул отделениялде ячIун. Пневмониялъги унтун, реанимациялда хIалтIизе захIмалъана гьелъие. Хадуй Москваялдеги ун, сахги гьаюна. Амма диабет букIана гьелъул.
Гьединлъидал нижеца гьелда кутакалда гьарана, гьаб коронавирус тIибитIизе байбихьидал, хIалтIудаса гIодой чIаян. Росасги гьарулеб букIана гьединго.
ПатIиматица цо къоялъ жиндирго сурат битIун бачIана дихъе. Гьеб мехалда дица гьелда абуна: «Я, дир яц, гьеле гьеб респираторги бан, цоцIул гурони лъезе бегьулареб чепчикги, гьединабго халгIатги ретIун мун щиб гьабулей гьений? Дур беразухъ балагьун, мун гьанжеялдего унтун йикIин йихьулей йиго дида», -ян. Мун гIадинал хIалбихьи бугел хIалтIухъабиги ритIичIони, жидеца щалинха унтаразда аскIоре ритIилелин абун буго гьелда.
Лъалароха, Аллагьасул къадарги букIун бихьуларищха гьединаб…
«БагIараб зонаялда» тIатIалаго микьго дежурствоги гьабун, рокъое ячIана ПатIимат. Дагьаб хIал хисизе байбихьун бугоан гьелъул. Амма букIаниги, росулъе зигараялъ инеги хIадурулей йикIана гьей. Гьеб мехалда нижер росулъ гIолохъанав вас хун вукIана. БитIун къватIие лъугьине хIадурулаго, гьелъ ясалда абун буго жиндир цIа-кан бахунеб бугилан. Гьедин ункъо къоялъги егун, щуабилеб къоялъул къасиялдехун ПатIимат кутакалда унтана. Гьеб мехалда хъамуна жийго хIалтIулеб больницаялде.
Сатурация 76 процент абун бихьизабун бугоан (бидулъ кислородалъул букIунеб къадар. Сахав чиясулъ гьеб 94 проценталдаса дагь букIине бегьуларо – ред.).
Нахъисеб къоялъул радал, сатурация 43-ялде ккедал, ячун йиго ИВЛалъул аппаратги бан реанимациялде. Амма гьеб мехалде гьелъул хIал дагьлъунго букIараб къагIидаха. ГIадалнахул гипоксия (кислород дагьлъи) лъугьун батана гьелъул.
Гьедин 28 апрелалъул маркIачIуда къадаралде щвана гьей…
— Чорхол хIал хисизе байбихьарабго щайдай гьей больницаялде инчIей?
-Нижеца киназго гьебго жо абулеб букIана гьелда. Нижер кIудияв вацги тохтур вуго. Гьарана… Амма гьей чIана жиндир ясги тохтурлъиялъе цIалулей йигелъул, гьелъ гьариларищин жиндие уколал. Гьединго жий гьедигIан кутакалда унтун гьечIин, жиндасаги захIматал чагIазул цIун ругин гъора палатаби, гьездаса унти жиндеги бахине бегьулила.
ТIадежоялъе гьуърузул КТ-сурат бахъун хадуб цо тохтуралъ гьелда малъун буго реамбериналъул капельницаби гьарейилан. Амма гьелъие гьеб гьабизе бегьулеб букIун гьечIо (пневмония бугел чагIазул гьуърулъе дагьабги лъим бакIарулеб рагIула реамбериналъ).
Валлагь, ясалъги гьабунаха гьелда хадуб кутакалда хъулухъ. Амма, гъоб диабет букIиналъ, йорчIизе кIвечIо гьелда.
ЦIияб вирус букIиналъ, щиб дару гьелда данде гьабилебали лъаларогоги хутIун ратила байбихьуда тохтурзаби. Гьединго, жалго цIуна-къаялъе ретIунеб ретIелги бихьулеб букIинчIо гьезда тIад. Нижеца больницаялъул азбаралъурги чIун ахIулаан яцалда хадур хъулухъ гьабулел медиказде щиб-кин бугебан. Гордуги рагьун, гIадатиял халгIатазда гъорлъ раккулаан гьел къватIире. Вай, нужер форма киб бугебан ахIулаан дица…
Гьанжени киназего щвечIищха гьел комбинезоналги очкабиги. Доб мехалда рукIинчIо гьел.
… Гъоркьгоги загIипай мун гьанже гьаб хIинкъи цIикIкIараб мехалда хIалтIуде яхъинчIониги бегьуларищин чIолаан дун гьелда. Дунги дир росги хIалтIулел гьечIин, ниж ракъун хутIун гьечIо гурищилан. Гьеб мехалда лъугьунаан гьей мун медик гурелъул, дуда бичIчIуларин гъоба (больницаялда) бугеб хIал. Жийги инчIони, цогидалги рокъор чIани, унтараз щибила гьабизе бугеб.
Амма жийго гьедин хIалтIизе аниги, ниж цIунизеги хIаракат бахъулаан. Дун росулъ йиго унтарав вацасе хъулухъги гьабун. Гьединлъидал жиндихъе ячIине ккеларила, мун вацасда аскIой къваригIунила, эбелалъухъеги тIаде-гъоркье щвезе кколила. КъваригIани, телефоналъ ахIаниги гIелила.
Унти тIибитIизе байбихьараб заманалда гьелъ гIагарлъиялъухъе битIараб аудиоги буго вацапалда цIунун. Гьениб гьелъ ракIунтун бицунеб буго больницабазда бугеб хIалалъул, гьарулеб буго къватIире рахъинчIого чIайин.
Нижер нусги йиго гьебго больницаялда хIалтIулей. Гьелъ бицунаан, реанимациялда хIалтIулеб мехалда, гьенив щив хваниги, гIодойги йикIун, гьезул гIагарлъиялда цадахъ гIодулаанила гьей. Жал ругьунлъун рукIанила гьелде.
Кутакалда ракI лъикIай, кьибил-тухумалда, хъизаналда хадуй холей гIадан йикIана мунагьал чурад.
КватIичIого кIиго лъагIел бала нижер эмен хваралдаса. Гьебги захIмалъун букIана гьелъие. Лъабавго вацасул цояв – бищун гьитIинав -вуго гьабсагIаталда горбол гьодги бекун. Гьесда хадубги ракI унтун йикIана гьей. Вацасе щвечIого, жинцаго кванан жо эхебе унарилан абулаан гьелъ. Рес кканщинахъе росулъе гьесде яккизеги ячIунаан.
Унго-унголъунги гьеб хIалтIуе йижарай гIадан йикIана гьей, больницаялда хIалтIизе гьитIинаб къоялдасаго анищги бугей. Гьанже гьеб анищ гьелъул ясалъ тIубалеб батила -медакадемиялда ункъабилеб курсалда цIалулей йиго гьей.