Рокъоб букIун бугеб лъикI…

  
 
 
Рокъоб букIун бугеб лъикI…
Карантиналъул пайда: коронавирусалъ «туснахъ гьаруразул» пикраби ва нилъ.
 
Коронавирусалъ тIубанго хисизабунин абизе бегьула нилъер респу-
бликаялда жамгIияталъул гIумру. 28 марталдаса байбихьун пачалихъи-
ялги пачалихъиял гурелги хIалтIул бакIал заманаялъ къан руго. Шко-
лазда ихдалил каникулал халат гьарун руго 12 апрелалде щвезегIан.
ХIалтIулел руго гIицIго чара гьечIого хъулухъ тIубазе кколел идараби.
 
ГIадамазда лъазабун буго къватIире рахъунгеян. Гьеб низам дагьабги кьваризабуна арбагI къоялъ, 1 апрелалдаса байбихьун. ЦIакъго хIажалъи ккун гурони рокъоса къватIире рахъине бегьулеб гьечIо. Кванил нигIматал ричулел хутIун, хутIарал киналго тукаби къан руго. Тахшагьарги саламатго чIобоголъун буго.
28 марталдаса байбихьун рес бугев чи, ахIвал-хIал гIодоцинегIан, магIарухъе гочана. Социалиял сетазда, ватцапгун инстаграмалде рехун рачIунелщинал видеоялгун аудиоял хурхарал руго гIаммаб унтиялда.
ГIемерисезул ццим буго, карантиналъул низамги хвезабун, къватIал сверулел ругел чагIазда. Бицунеб хабаралда рекъон, аслияб куцалъ гьел кколел руго гIолохъаби. Динияб идараялъги, республикаялъул нухмалъулев В. Васильевасги, тахшагьаралъул мэр Салман Дадаевасги гIадамазда гьарулеб буго рокъор чIайилан.
Нижеца хIукму гьабуна жакъасеб номералда карантиналъ рокъоре къотIарал гIадамазул пикраби кьезе. Щиб гьезда халлъараб гьал къоязда жаниб, кинал пикраби гьаризе тIамурал ва сунца рахIат хвезабун бугеб?
 
«Махачкалинские известия» газеталъул мухбир Бэла Бояровалъ гьадин бицана жиндирго бугеб хIал-хIукмуялъул хIакъалъулъ:
— Дида ккола карантиналъул кумекалдалъун лъикIго хIухьбахъи гьабизеги, хъизан-лъималгун заман тIамизеги рес щванин абулел гIадамал къо бахъанагIан дагьлъулел ругилан. Щайгурелъул (рачIанилъеца битIаралда битIарабин абизе) карантин гIезегIан захIматаб жо батана, хIисаб гьабураб мехалъ.
ГIадамалгун журан, гара-чIварун рукIараб къагIида лъугIи гуребги, гьелъ гIемераб жоялъе квекIенал гьаруна нилъее. ХIисабалде росун рукIарал ишал, сапарал, ракIалда рукIарал мурадал хIурудахъ ана, цебе букIараб чIара-хьараб гIумру гьечIо. РакI гIодобе биччазабулеб буго гьеб кинабго заманалъ бугеб жо кколин ва кватIичIого лъугIилин абураб пикруялъ.
Байбихьуда абун букIана карантин 5 апрелалде щвезегIан букIине бугин, амма дида кколеб буго гьеб жеги халат бахъинин.
Рокъой дун йиго ругьунал пишабазда. ХIалтIулей ва цIалдолей йиго интернет-бухьеналъул кумекалдалъун. Цадахъго хал ккола лъугьунеб-толелда хадуб, батIи-батIиял экспертазул гара-чIвариязухъ, теле-передачабазухъ ялагьула. Дагьай цеегIан ялагьун йикIана киназдаго лъалев Украинаялдаса тохтур Комаровскиясул гара чIвариязухъ.
Цогидаздаги абизе бокьун буго гьединал гара-чIвариязухъ, цIиял харбазухъ гIенеккейин, хадуб хал кквейилан. Месенджеразде рехун рачIунел щибго гурел чIандабазухъ гIенеккиялдаса, гьезулго хайир буго жакъа нилъее.
 
Республикаялъул фермеразул ассоциациялъул хIалтIухъан Раисат ГIалиевалъ гьадин тIамулел руго карантиналъул къоял:
— БитIараб бицани, гьелъие къимат кьезе жеги хехго бугин тана дица. Дидаго карантиналъул
кьогIлъи яги рокьукълъи жеги лъикIаланго хъатIичIо, халат рахъарал гIодоркъоязде гIадин ругьунлъана гьелде. Дунго бетIергьанаб минаялда гIумру гьабун йикIиналъ, дир рес буго гьеб заман пайдаяб куцалда тIамизе. Рукъалда цебе бугеб бахчаялде уна. Амма гьенибги пикру
гьабулеб буго къваридал квартирабахъ гIумру гьабун ругел гIадамазул гьабсагIат батизе бугеб ахIвал-хIалалъулги. Хасго цоцазда жаниб лъикIаб гуреб гьоркьоблъи бугел хъизамазе батила бищунго тIагIамхун. Хасго харжалъул бадире ралагьун рукIунел, официалияб гуреб
куцалъ хъулухъалда ругел гIадамазе цIакъго захIмат батилин ккола.
Дун рокъой яхчун чIанин абизе бегьула жамгIияб транспорталда гIадамалгун дандчIвачIого
йикIиналъул мурадалда. ХIалтIудаса къваригIарал документал росизеян сон ун йикIана гIагарав чиясул машинаялда. Шагьар бугоан чIобоголъун, гьеб киналъго кьогIаб асар гьабуна.
Гьединго цIакъ кIвар бугеб суаллъун дица рикIкIуна информациялъул сурсатаз хъван балеб бугеб
рищни-къулалдаса цIуниги цIакъ хIажат бугилан. Лъугьунеб бугеб ахIвал-хIалалъул цо дагьабниги
бичIчIи щун буго жакъа гIадамазе.
Гьединлъидал азарго нухалъ цого жо чIамулел соцсетазда жанир къан рукIиналъул магIна бихьуларо. Карантинги цIакъго чIалгIун, гьелдаса азун дун гьечIо, рокъоб квер хъвазе жо гIемер батула. Бищунго рахIат хвезабун буго нилъерго медицинаялде ккезе бегьулин абураб пикруялъ. Гьединго хIалтIиги гьечIого, тIаде бачIунеб гъурущги тIагIун хутIизе бегьулин абураб пикруялъги
толаро рахIат.
 
Зарипат ГIалимирзаева, МахIачхъалаялдаса лъабго лъимадул эбел:
— Рокъоб батIаго квеш гьечIо.
ТIагIамаб квен-тIех гьабизе, гIорцIизегIан кьижизе рес щванин абизе бегьула, рокьулел кинофильмазухъ ралагьула. Амма кин букIаниги, лъималазда чIалгIун буго рокъор
чIезе ккей.
Гьаб кинабго махсара гуреблъи лъала, амма гIадамаз щай гьеб гIадахъ босуларебали бичIчIулеб
гьечIо. ГIабдалзаби гIадин цере ккараб бакIалде уна, унгеян хитIабал гьарун ругониги. Жалго сабабалъун цогидазулги сахлъиялъе зарал ккезе букIиналде щай гьел ургъуларел?
Гьеб киналъго ццим бахъинабичIого хутIулеб гьечIо.
 
МухIамад Лабазанов, «Дагъавтодор» гIуцIиялъул хIалтIухъан:
— Дир пикруялда, карантин лъазаби цIакъ битIараб хIукму буго, батIияб нухалдалъун гурони, гьеб гIузру (коронавирус) бергьинеги кIолеб батуларо. Амма нилъер гIадамазул гьелдехун цIакъ агъаз гьечIеб бербалагьи букIинги бихьулеб буго. ХIинкъи букIиналъухъ балагьичIого, гIемерав
чи вуго къватIахъ. ХIатта, маршурткабазда, тукабазда хIалтIулел гIадамаз гIадатиял маскаби ххунцин цIуна-къай гьабулеб гьечIо. Гьездасан унти цогидазде бахине рес бугелъул
Дун сабруги гьабун рокъов вуго.
Рес щвани, магIарухъе ина гьаб кинабго гIодобцинегIан. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, черхалъе рахIатги гьабун сабруялда рукIине лъани, цIакъал гIадамал рукIинаан нилъ. Аллагьас гьадин хъван букIун бугоха, щиб гьабилеб?
 
МахIач Мусаев, ДНЦялъул археологиялъулгун этнографиялъул гIелмияб институталъул нухмалъулев:
— Щибаб лъугьа-бахъиналде дун балагьула гIелмияб рахъалъул кьучIалдасан.
Карантиналъул заманалдаги дида, тIоцебесеб иргаялда, халлъараб жо ккана, онлайн-низамалда
лъай кьезе бокьараб къапилаялъул хIаракат цIикIкIин. ГIадатияб куцалда кьолеб букIараб лъай гьелъ хисизе рачIайилан лъугьун буго цо хасаб къокъа. Амма дица рикIкIуна онлайн-низамалда кьолеб лъаялъ киданиги хисуларин классикияб лъаялъул пайда. МугIалимасулги цIалдохъанасулги битIахъегояб бухьен гьечIони, кинаб дарс гьеб букIунеб?
Онлайн-низамалда кьолеб лъаялъул руго жиндирго лъикIал рахъал, гьеб учузго чIола пачалихъалъе.
Къогоги лъебергоги мугIалимасе харж кьезе кколаро, цо вугониги гIола. Гьебги хIисабалде босун,
бугIулеб буго гьанже гьеб къагIида.
Амма гьеб къагIида хIалтIизе биччани, гIемерал школал къазе руго магIарухъ. Школал къай абуни кола росаби чIунтиялъе ругел тIоцересел галабазул цояб.
Жибго хас гьабун карантиналъул бицани, гIемерисев чиясда бичIчIун гьечIо гьелъул бугеб хIинкъи. Хасго магIарулал цIакъ тIаса-масаго ралагьулел руго гьелде. РакIалде кколеб буго дун унтани сахлъилин, сахлъичIони, Аллагьасул къотIи гьединаб букIун бугин, щиб гьабилебилан. Амма гьезда бичIчIулеб гьечIо цо чи унтани, гьесдалъун тIубараб шагьаралдего гьеб бахине
бегьулеблъи. Гьединлъидал дирго хIалтIухъабазда дица абуна, щивав батIаго ахIун, дурго сахлъиялъул ургъел дуе батичIони, дурго гIага-божаразул сахлъиялъулниги ургъел гьабейилан. Киназулго гурелъул щулияб иммунитетги сахлъиги букIунеб. Мун сабаблъун дур гIага-
божарал унтани, гьеб дур яхIалда тIад букIинесеб мунагь бугилан бичIчIизабуна щивасда.
 
 
 
***
 
Гьадин буго шагьаралда ругезул хIал-хIукму. МагIарухъ хисараб жо гьечIин абизе бегьула.
ГIадамал ругьунаб ишалда, ихдалил хIалтIабазде руссун руго. Амма бугониги, мугIрузул щибаб мухъалдаги коронавирусалде данде къеркьеялъул тадбирал лъазарун руго.