ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIиябгун лъай кьеялъул комплексалда (мазкар) 10 марталда гвай бана Гъуниб районалъул Гьонода росдал жамагIаталъги. Щибаб районалъул росдае цо-цо къо бихьизабун буго гьениб хIалтIизе.
Мадинатул Наби — нур бараб шагьар
ХIалтIул къо букIиналъухъ балагьичIого, рачIун рукIана гьенире гIадамал. КIиабизе, лъабабизе рачIаралги рукIана. ХIакъикъаталдаги кумек къваригIараб хIал буго гьениб. 30000 квадратияб метралъул кIодолъиялда балеб гьеб мажгиталъул проект ккола Мадинаялда, салат-салам лъеяв МухIамад аварагасул цIаралда бугеб мажгиталъулго гIадинаб.
«Мадинаялдаго гIадин, гьалъулги букIине буго хирияв аварагасул равзаялда тIасанго гIадаб гIурччинаб къуба», — ян бицана рухIияб централъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев АхIмад ХIабибовас.
Гьениб букIине буго салат-салам лъеяв аварагасул асарал жанир цIунулеб рукъги. Мажгиталде жанибе лъезе буго кинабниги 23 рагьу. Жанире-къватIире хьвадулел гIадамазе хIалкъай букIунареб куцги хIисабалде босун буго архитектораз.
Какичурулел рукъзалги ракьулъ жанир гьаризе ругин бицана АхIмадица. ГIаммаб куцалда, 20 000 чи жаниве гьунеб мажгит букIина гьеб.
ГIурччинаб сверухълъиялъ
бацараб мазкар
Гьанжего цебе чIолеб бугин мажгит рагьараб къоялъ гьаниб букIинесеб суратилан ругоан гвавулъе рачIарал гIадамал.
20000 чиясда гьоркьоса гIемерисезухъ машинаги букIунелъул, гьел лъезе бакI балагьулаго щиб къодай бихьила бетIергьабаздаян абулелги рукIана.
Гьеб рахъги цебего хIисабалде босараб къагIида — 5000 машина лъезе бакI къачIалеб буго гьениб. Мажгиталда сверухълъи гIурччинлъиялъ цIезабизе ракIалда буго. Гьединго аскIобго балеб буго муфтияталъе цIияб минаги.
«Халкъияб аллея» абун цIарги лъун, батIи-батIиял гъутIбуз берцин гьабун, къачIазе буго мажгиталде рачIунеб нух.
«РухIияб центр балеб буго, аслияб куцалда, халкъалъ садакъаде кьураб гIарцухъ. ГIемерав чияс харж гьабуна гьанибе жиндирго боцIи. ГьабсагIатги гьабулеб буго. ГIарац кьезе бокьарав чиясе кидаго рагьараб кассаги буго, хIалтIулеб бухгалтерияги буго. Узухъда, гьабизе хIалтIи жеги гIемер буго. Гьанжего-гьанже къадал эхетиялъул иш рагIалде бахъанин абизе бегьула. Жеги цебе буго буго тIохалъул ва жанир хIалтIаби гьариялъул иш. 2025 соналде, киналго хIалтIаби рагIалде рахъун, рухIияб центр хIалтIизе биччазе ракIалда буго, ИншаАллагь», — ан бицана АхIмадица.
Исламалъулъ буго хвасарлъи
ГIун бачIунеб гIелалда рухIияб центр балеб куц бихьизе гьенире экскурсиялъ рачIунел руго школазул цIалдохъабиги. Советияб заманалда атеизмалъул идеологиялъул асаралда гъоркь куцалеб букIана гIолеб гIел. Жакъайин абуни, Аллагьасе рецц, Аллагьасул нухда куцазе рес кьун буго. Гьелъ лъикIал хIасилалги кьолел руго. Мадрасабазде хьвадулел лъималазул кьерал цIилъулел руго соналдаса соналде. БацIцIадаб исламалъулъ бугин нилъее хвасарлъийин абулеб буго гIалимзабазги, имамзабазги, гIумру бихьарал гIакъилал харабазги. Терроралъулгун лъугIел гьечIел КТОязул дандерижиялъул бакIалда, будунасул роцIараб гьаркьица чIаголъизаризе къваригIун руго чIунтун ругел гIадамазул ракIал.