Макьасда — кIиабилеб «Сочи»

Нужеда ракIалда батила, 2012 соналъ Хунзахъ района­лъул Макьасда курорт базе байбихьун букIана. Чанго нухалъ нахъги бахъун, чIун хутIана гьениб гьабулеб букIараб хIал­тIи. Гьанже цIидасанги гьеб проекталде тIадруссине хIукму ккана ни­лъер республикаялъул нухма­лъулезул. 

 

16 январалда гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъиялда премьер-министр Артем Здуновас бицана Макьасда курорт базе бахъун букIараб проект рехун тун дандекколарин, гьениб тIубараб соналъ гIадамаз хIухьбахъи гьабизе бегьулеб зона базе кколилан.
ТIоцебе гьениб курорт базе байбихьун букIана «Северия­б Кав­казалъул курортал» абураб гIуцIиялъул нухмалъиялда ву­кIарав АхIмад Билаловас. Амма Сочиялда Олимпиадая­лъул объектал ралаго риччарал гIунгутIабазе гIоло, Билалов дагь-дагьккун рикIкIалъана цин республикаялдаса, хадув тIу­ванго Россиялдаса.
Хадур вацал бизнесменал Му­хIамадовалги тIаделъун рукIана Макьасда тIегьараб ахалда релълъараб бакI гьабизе. Гьезулги къисмат кин сверарабали нилъе­да лъала.
Гьанже «Макьасда» проект цIигьабилалде жидеца гьенир сверухъ чанги хIалтIабиги гьарунин бицана Артем Здуновас 16 январалда букIараб данде­лъиялда. Макьасда аскIоб бугеб Сивухъ росулъе газ бачана, машинадул нухал къачIана, гьаруна цогидалги хIалтIаби.
Макьасда курорт базехъин бугилан хабар баккарал тIоцересел соназдаго гьелда дандечIун букIана сахъадерил жамагIат – жидер ракь хвезабулеб бугилан.
Гьаб нухалъ жамагIаталъул кинаб пикру бугебали лъазе нижеца бухьен ккурав «Возрождение» абураб Сивухъ росдал жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъу­лев Якъуб МухIамадовас бицана: «Доб мехалъ гIадин тIубанго дандечIун гьечIо жамагIат. ДандечIунги щиб гьабилеб, ралагьун нижги тун, рагIалде ба­хъинабулелъул хIакимзабаз жидерго хIукму. ГIицIго нижер му­рад буго росдал гIадаталдеги, ша­ригIаталъул хIукмуялдеги данде­кколареб гьава-бакъ жаниб букIунеб бакI гьабуге­йин Ма­кьасдаян хIукуматалъул нух­малъулезда бичIчIизабизе. Мех­тараб умматалъул хъуди­ги, исламалде дандекколареб чо­роклъиги, тIабигIат пасат гьабулеб хьвада-чIвадиги гьеб хIухьбахъиялъул зонаялда бу­кIине нижее бокьиларо. Нижеца гуребги, бокьарав бусурманчияс къабул гьабиларо жиндаго хьолбохъ гьединаб пасалъи.
Сивухъ росдал жамагIаталъе бокьун буго росуги цIунун хутIулеб, тIаде рачIарал гьалбалги разиго хутIулеб куцалда базе Макьасда курорт.
— Мигьлъун буго росу тIубанго. Унел руго гIадамал гьениса гочун. Официалияб къагIидаялъ, 45 цIараки хутIун буго жакъа Сивухъ. Гьедин иш бугони, школаги къала, яслиги хутIиларо. Гьеб гьедин ккечIого хутIизе рес буго Макьасда этнотуризм цебетIезабуни. Гьалбадерил рукъ­­­зал­­ги рани, музейги рагьа­­ни, шар­гIалъул низамалда данде­кко­лел квана-гьекъолел, хIухьба­хъи гьабулел бакIалги рагьани, квеш ккела­роан букIараб. Росулъ ругел гIа­дамазе хIалтIиги букIина, жа­магIатги, хасго гIолохъабиги ра­­зиго хутIилаан. Биччанте гьениб лыжабазда хъещтIолеб база­ги цогидабги букIине. Аслияб жо бу­го умумузул гIадаталдаса ва шар­гIалда кьуричIеб тартиб цIу­ни».