Харабазул гIакълу, гIолилазул къуват

ДРялъул бетIерас вертолеталдасан халгьабуна Табасаран районалде бачунеб 23 километралъул халалъи бугеб лъел мухъалъухъ. Гьеб хIалтIи гьабулеб буго «Дир Дагъистан – дир лъим» абураб проекталда рекъон. Лъим бачунеб буго рехсараб районалъул анлъго росулъе.
 
Гьелдаса хадуб регионалъул нухмалъулев ана Хучни росдал №1 гьоркьохъеб школалде. Гьеб къачIан буго «100 школа» абураб проекталда рекъон. Владимир Васильев рази хутIана школалда гьабураб ремонталдаса. Гьес бицана республикаялда налогал ракIариялъул хIасилалда гьарулел ругел социалиял хиса-басиязул хIакъалъулъ: къачIалел руго школалгун лъималазул ахалги, цIигьарулел руго лъел мухъалгун нухалги, гIумруялде рахъинарулел руго «Росдал учитель» ва «Росдал тохтур» абурал проекталги.
 
Школалдаса республикаялъул хIакимзаби ана районалъул администрациялде. Гьениб тIобитIана харабазул советалъул вакилзабазулгун дандчIвай. Гьенибги Васильевас бицана республикаялда гьарулел ишазул хIакъалъулъ.
 
 «Дир Дагъистан – дир лъим» абураб проекталде харж гьабуна кIиго миллиардалдаса цIикIкIун гъурущ. «Дир Дагъистан – дир нухал» абураб проекталъе биччана 770 млн гъурщидаса цIикIкIун гIарац «Дир Дагъистан – санагIатаб шагьаралъул сверухълъи» проекталъе биччана цо миллиардалдаса цIикIкIун гъурущ ва гьелъухъ къачIана 228 объект.
 
Харабазул советазул вакилзабаз бицана жиде-жидер росабалъ тIуразаризе кколел масъалабазул хIакъалъулъги.