Байрам

Лъимал релъулел руго

 

МахIач­хъалая­лда тIоритIана байрамалъе сайгъат гьарурал тадбирал

Гьелъие байбихьи лъуна хъизамазул парадалъ ва гьеб байбихьана шагьаралъул аслияб майданалдаса ГIурус театралде цере щвезегIан. Лъималазда ва гьезул улбузда байрам баркана «Халкъияб фронт» гIуцIиялъул председатель Жамбулат МухIамадовас. Цинги байбихьана МахIачхъала шагьаралъул музыкалиял ва искусствабазул школазул цIалдохъабазул концерт.
Концерталъухъ халгьабун йигей дида ракIалдещвана цо гьадинаб хIужаги. Гъоркьиса миллияб биб­лио­текаялда тIобитIулеб «Тарки-Тау» тIахьазул выставкаялде рачIун ру­кIана Россиялъул батIи-батIиял ша­гьараздаса хъвадарухъаби ва ша­гIирзаби. ТIахьазул конкурса­лъул хIасил гьабулаго, цо шагIирас абуна (цIар ракIалда гьечIо) жинда кколеб бугин гьаб выставка, Дагъистаналда гуреб, централияб Россиялда тIобитIулеб бугеб гIадин. Гьес абуна миллаталги мацIалги гIемераб Дагъис­таналда тIобитIулеб выставкаялда цIакъ дагь гурони гьечIин Дагъистаналъул миллиял мацIазда хъварал тIахьалин.
Гьединабго пикру гьабуна дицаги, концерталъул гIахьалчагIазухъ ялагьидал. Кинабго лъикI букIана. КучIдул ахIана, кьурдана. Миллиял кьурдабиги рукIана. Амма кьурдабаз мацI малъуларо. РагIичIо миллиял мацIазда ахIулел кучIдул. Миллиял мацIазда сверухъ ахIвал-хIал хIалуцарал гьал къоязда гьелъ пашманаб асар гьабуна. ГIурус мацIалда кучIдул ахIаразухъа бажаризе букIана миллиял мацIаздаги ахIун. Щай гьелде кIвар кьолареб? Щай лъималазда бицунареб, бихьизабулареб гIурус мацIалдаго цадахъ жидерго миллиял мацIазул берцинлъиги?
Тахшагьаралъул цIалдохъабазул церерахъиналдаса хадуб байбихьана лъималазул художествияб творчествоялъул республикаялъулаб фестиваль. Гьенир гIахьаллъана ЛъаратIа, Хунзахъ, Хасавюрт, Хъумторхъала, Кули, Нугъай ва цогидал районаздаса гIисинал гьунарчагIи. Дол пашманал пикраби хисана рохелалъ. Сценаялдаса рагIулеб букIана Дагъистаналъул миллиял мацIазул чвахи.
Лъималазда байрам баркана ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас ва шагьаралъул бетIерасул ишал тIуралев Абусупян ХIасановас.
Лъималазеги улбузеги хIухьбахъи гIуцIун букIана МагIарул театралда цебе, Родопалъул бульваралдаги. Спортивиял къецазги, музыкалиял церерахъиназги, цогидаб ихтилат-кепалъги — гьеб киналъго байрамалъу­л гIахьалчагIазе сайгъат гьарулел рукIана лъимерлъиялъул талихIал лахIзатал.
Шамай Хъазанбиева

*** 

Рохалие гIорхъи букIунаро

1 июнь байрам хIисабалда кIодо гьабизе байбихьана 1950 соналдаса нахъе

ТIолабго дунялалдаго гIадин, гьеб къо Дагъистаналдаги кIодо гьабула щибаб соналда ва тIоритIула батIи-батIиял тадбирал. Масала, иса­на «Надежда» абураб реабилитациялъулаб централъул коллективалъ гьеб къоялъ гьенир сахгьарулел ругел лъималазе гIуцIун букIана унго-унгояб байрам.
Централъул лъималазда байрам баркизе гьезухъе гьоболлъухъе ра­чIун рукIана ДРялъул захIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул ми­нистрасул тIоцевесев заместитель И. Зайналов ва ДРялъул тIабигIат цIуниялъулгун экологиялъул министрасул заместитель Мария ГIалиханова. Гьелъ централъе сай­гъат гьабуна телевизорги ноутбукги.
ЛъикIаб концертгун лъимал рохизаризе ва гьезда байрам баркизе рачIун рукIана ЦIияб Лак районалъу­л Гамиях ва ЦIияб Кули росабазул школазул кьурдухъаби, эстрадаялъул артистал Зумруд Мусаева ва Ислам Рамазанов. Байрамалъул хIурматалда киналго лъималазе кьуна сайгъаталги.
Реабилитациялъулаб централъул директор МухIамад Ибрагьимовас абуна жидер коллективалъул ва унтарал лъималазул улбузул рахъалдасан, газета гьоркьобккун, бокьилаанила баркала кьезе лъималазе сайгъаталгун рачIарал ЦIияб Лак районалъул МФЦялъул директор Д. СултIановасе, МахIачхъала шагьаралъул Кировский районалъул МФЦялъул директор А. Къурбановасе ва тахшагьаралда бугеб лъималазул къайи бичулеб тукадул директор С. ГIалиевасе, Каспийск шагьара­лъул «Атмосфера» тукадул директор К. Жахаевасе.
Гьаб хирияб моцIалъ гьабураб гьезул садакъа Аллагьас азариде бахинабеги.
Нури Нуриев