ЦIияб ГIурада ахирисеб цIумурги Суракъат гьавуралдаса 90 сонги

 

21 маялда ЦIияб ГIурада, мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловасул цIаралда бугеб школалда, тIобитIана кIиго тадбир цолъизабураб байрам.

     Росдал наслабазе тарбияги лъайги кьолеб, гьел гIадамалъе рахъинарулеб аслияб «чIинкIиллъи» рикIкIадасанго батIа бахъизе лъала берцинлъиялъги, жанире щведал ракI гIатIид гьабула гьелъул узданлъиялъги. Азбаралде лъугьанщинав чиясе салам кьолеб бугин ккола гьениб цIакъ рекъон бугеб, цIалдохъабазе къойилаб насихIат гIадаб, скульптор Гьимат Гьиматовас гьабураб Суракъатил бюсталъ.

Байрамалъул байбихьиго букIана улбузул бадиб магIу хулизабулеб, эбел-инсул куркьбазда гъоркь гIурал тIанчIи гьезда жеги бичIчIулареб дунялалде, жидерго куркьбазда рор- жине заман щвеялъ, гьезда бихьизе бугебщинаб бигьаяб гуреб нухда гьезул ракIазда улбузе хасиятаб ба- рахщиялъ цIураб.

Байрам рагьана школалъул директор ХIажиева ПатIиматица. Жиндир гьариги къабул гьабун рачIарал гьалбадерие гьелъ кьуна баркалаги. Диего рохеллъун лъугьана Суракъатил вац, профессор, Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур ГIабудало вихьиялъги гьесухъ гIенеккизе щвеялъги. Гьединго асар гьабуна росуцоязул цIияб гIелалъе нух битIулаго гьабураб профессор, медицинаялъул гIелмабазул доктор, ДГМАялъул проректор МухIамад ХIамидовасул насихIатаб каламалъги, доцент, физ- культураялъул кафедраялъул нух- малъулев МухIамад МухIамадовасги, педагогикиял гIелмабазул кандидат, доцент ХIалимат Инусовалъги, ДГУялъул доцент МухIамад Рамазановасги, СПКялъул председатель ГIали Асиятиловасги, лъималазул тохтур Залму МухIамадовалъги гьарурал кIалъаязги.

    Ахирисеб цIумуралъулги Сура­къат Асиятиловасулги байрамалда хурхун щивасе хасаб гьезул ка- ламалъги чIаголъи кьуна школа лъугIун унел гIолилазул улбузда букIараб гьидерил формаялъ дагьабги берцин гьабураб, ракIал сахаватал гIурадисез занкIун цIураб залалъе.

КIалъай гьабуна, гьединго, гIолилазул классалъул нухмалъулей ПатIимат НурмухIамадовалъ, улбузул рахъалъ мугIалимзабазе баркалагун цере рахъарал гьезул вакилзаби Мадина МухIамадовалъ ва ГIайшат Жаватхановалъ. КучIдулги, кьурдабиги, гIолилазул берцинлъиги, чIахIиязул гIакъиллъиги цолъараб байрамалъул ахиралда гьалбадерие хасаб, пашманлъи гъорлъ жубараб рохеллъун букIана Суракъатил бюсталда цере, гьесдаса чIухIиялъул асар гъорлъ лъурал тIугьдул лъезе рес щвей.

    Нухал ритIаги нужее, ЦIияб ГIу­­радаса гIолилал! Кидаялиго гIагараб школалде ТIоцебесеб цIумуралъул гьаракьалда гъоркь гьенибе тIаму­раб галиго гIадин, баракатаб батаги нужеда гьениб рагIулеб Ахирисеб цIурмил гьаракьалда гъоркь къватIибе тIамулеб галиги! Бокьулеб школалъ кьураб тарбиялда цадахъ кIочон тоге кIудияб цIаралъул росуцояв Суракъатил цIаралъе мустахIикъал рукIинеги, гьидерил къартIги, гьидерил кашги, гьидерил руччаби киданиги хисичIеб, гьезул паспорт гIадаб ратIлил формаги!

ТубхIат ЗУРГЬАЛОВА