Бищунго гIемер майнинг- фермаби – Дагъистаналда

 

 

    5 маялда ДРялъул МВДялъулгун ФСБялъул хIалтIухъабаз МахIачхъалаялда рейдал гьарулаго тIатинарун руго криптовалюта хIадуризе хIажалъулеб 1476 аппарат. Масала, гьел алатал лъураб цо майнинг-ферма гьанжего-гьанже балеб минаялъуб батун буго гьезда.

Гьел фермабазул бетIергьабаз бухIараб токалъухъ цIакъго дагьаб гIарац кьолеб букIиналъ гьезда щаклъун руго закон цIунулел идарабазул хIалтIухъаби.

   СКФОялда босани, бищун гIемер майнинг-фермаби Дагъистаналда ратулел руго. Гьедин ахираб лъабго соналда жаниб тIатинабураб 60 фермаялъул кIикъогояб нилъер гьаниб батун буго.

  Гьединго Россиялъул ЦIехрехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Управлениялъ гьал къоязда судалде битIун ана Игьали росдал депутатасда хурхараб уголовнияб дело. Гьениб хъвалеб буго Временный посёлокалда майнинг-фермаги лъун, гьес пачалихъалъе анлъго млн гъурщил зарал гьабун бугила токги бикъун. Гьелъулъ гьесие кумек гьабун буго «Дагэнергоялъул» хIалтIухъанас.

Гьеб ферма Временныялда тIатинабун букIана гъоркьисала 25 ноябралда.