Росабалъ минаби ралезе-гIарац

 

   Росабалъ гIумру гьабулел гIадамазе минаби разе ва росизе пачалихъалъ гIарац кьезе буго «Комплексное развитие сельских территорий» абураб программаялда рекъон.

  Гьединаб хIукму гьабуна ДРялъул росдал магIишаталъулгун продовольствиялъул министерствоялъ гьал къоязда.

  Гьединал мурадазе Дагъистаналда квадратияб цо метраялъухъ кьолеб социалияб гIарцул къадар кколеб буго 9 азаргогун 120 гъурущ. Гьелда тIадеги росабалъ ругел минабазухъ гьединаб гIарац кьолелъул квадратияб цо метраялъул багьа гьабула 30400 гъурущ абун. Гьедин, масала, цо чиясе щвезехъин буго лъабнусазаридасаниги цIикIкIун гъурущ, кIиго чиясе – 383040 гъурущ.

  ПалхIасил, гьединаб гIарац щвеялде хIажалъи бугев чияс гIарза кьезе ккола жинца гIумру гьабулеб районалъул (росдал) администрациялде.