Фондги, рогIралги, 48 млн гъурущги

 

   Гьал къоязда тIобитIараб Халкъияб Собраниялъул сессиялда Сергей Меликовас бицана Украинаялда хасаб операциялда къварилъи ккарал, гIумруялдаса ратIалъарал дагъистаниязул хъизаназе кумекалъе хасаб фонд гIуцIулеб букIиналъул (чIварал рагъухъабазул хъизамазе 1 млн гъурущ кьолеб буго), ДНРалдегун ЛНРалде гуманитарияб кумек (800 тонна) битIиялъул хIакъалъулъ.

   Гьединго МВДялъул министр ГIабдурашид МухIамадовас баян кьуна гьабсагIаталда республикаялда такъсирал рагьиялъул иш, Россиялъул цогидал регионазда дандеккун, чанго нухалда цIикIкIун бугилан.

Избербаш шагьаралъул мэр МухIамад ГIисакъовас бицана гьекъолеб лъел къварилъи букIиналъул хIакъалъулъ. Гьединго рорхана батIи-батIиял суалалги.

   Амма аслияблъун букIана С. Меликовасул доклад. Масала, республикаялда социалиябгун экономикияб рахъ цебетIезабизе гIуцIараб программаялъул бицунаго, гьес тIадчIей гьабуна промышленносталда.

   Меликовасул рагIабазда рекъон, цIикIкIун буго улка цIуна-къаялъе къваригIунеб къайи-цIа, энергия хIадури, МахIачхъалаялдагун Буйнакскиялда рагьун руго хьитал гьарулел фабрикал. 10 предприятиялъе кьун буго 50-гIан млн гъурщил къадаралда субсидиял.

  Пачалихъалъ кумек гьабун буго республикаялда индустриалиял паркал рагьизеги. Лъабнусгоялдаса цIикIкIун гектаралда рагьараб гьединаб анлъго парк буго гьабсагIат республикаялда. Гьез кьун руго 600 млн гъурщил къадаралда налогалги.

   Меликовас бицана газалъул масъалабазул хIакъалъулъги. Масала, гIезегIан хIалтIи гьабун буго лъицаго милатги гьабичIого рехун тун рукIарал газалъул рогIрал рукIалиде рачиналъе. Гьедин кадастралъул сияхIалда лъун руго 1,5 азарго км халалъиялда ругел рогIрал. «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъухъе ижараялъе кьун руго республикаялъул бетIергьанлъиялда ругел 4,5 азарго км халалъиялъул газалъул рогIрал.

«100 школа» абураб проекталда рекъон, гъоркьиса 31 муниципалитеталда къачIан буго 105 школа.

   БакIалъул инициативабазда хурхараб проект сабаблъун, 300 млн гъурущ харж гьабуна 27 районалдаги ункъо шагьаралдаги инфраструктура лъикIлъизабиялда тIад.

Социалиябгун экономикияб рахъалъ мугIрузул росаби цере­тIе­заризелъун гIуцIараб программаялъул мурадалда, пачалихъалъ 48 млн гъурщил кумек гьабуна 152 чиясе (жидеца гьарурал харжазухъ рецIалие гIарац кьеян гIарзаби хъван руго гьез хасал идарабазде).

Хадубги Сергей Меликовас бицана ресукъазегун лъимал гIемерал хъизамазе гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ.

   Дагъистан уна хIалтIиги гьечIого хутIарал гIадамал гIемераб анцIго регионалда гъорлъе. Амма пачалихъалъ ресал ратулел руго гьединал гIадамазе цогидаб рахъалъниги квербакъи гьабизе, гьединго лъимал гIемерал хъизамаздехун хасаб бербалагьи бихьизабизе. Щуабилебги хадусебги лъимер бугеб 1,8 азарго хъизамалъе ва ресукъав 7,7 азарго чиясе гIаммаб куцалда 870 млн гъурущ щун буго гъоркьиса пачалихъалъухъа.

Цинги Меликовасул ирга щвана шагьранухазде.

   «Кавказ» федералияб шагьранух хIинкъи гьечIеблъунги сана­гIатаблъунги гьабизелъун гьеб къачIазе бокьун букIин загьир гьабун букIана С. Меликовас улкаялъул президент Владимир Путинилгун букIараб дандчIваялда. Гьелъул хIасилалда исана цIидасан къачIазе байбихьана 73 км халалъиялда бугеб ункъо батIияб нух. Ункъо кьер гьабун транспорт унеб куцалда гIатIилъизаризеги руго гьел. Хасавюрт, Дербент, МахIачхъала шагьарал сверун шагьранухалги рахъизе руго исана.

З. ХIажиева