ХиралъичIеб жого гьечIо

 

 

  16 марталда ДРялъул Росдал магIишаталъул министр БатIал БатIалов, багьабазул ахIвал-хIал цIехон, щвана республикаялъул ква- нил нигIматазул базаразде. ГIаммаб куцалда цо-цо нигIматал хира­ лъун ратана. Мисалалъе, багьа бахун буго чакаралъул, семечкадул на- хул, ролъул ва гьел гурел цогидалги нигIматазул. Амма ахираб кIиго къоялда жаниб багьаби дагьалъго гIодоре кканинги бицана министер- ствоялъ кьураб баяналда.

    Гьединго хисичIого чIун буго гьанал багьаги. Хиралъун буго чадил буханкадул багьа. 32 гъурщиде бахун буго гьеб.

  Украинаялда хасаб операция тIобитIизе байбихьаралдаса ва гьеб сабаблъун БакътIерхьул пачалихъаз Россиялде санкциязул гьужум гьабизе лъугьаралдаса нахъе улкаялда ва гьелдаго цадахъ республикаялдаги кванил нигIматазул багьаби рахине байбихьана. ЦохIо кванил нигIматал гурелги хиралъун руго. Амма аслияб куцалда гIадамазул рахIат хвезабун буго кунеб жо хиралъун букIиналъ.

   Мисалалъе гьадин бицана нижее МахIачхъалаялъул автостанциялда аскIоб бугеб «ЦIумадисезул» абулеб базаралда хIалтIулев МухIамадица.

     — ХиралъичIеб жого гьечIо. Гьекъолеб лъедаса байбихьун, пихъиде гIунтIун. Гьуинлъи цIакъго хиралъун бугин абизе бегьула. Москваялда ругел, нижер гьанибе къайи битIулел фирмаби, багьабазул иш рукIалиде бачIинегIан хIалтIиги чIезе тун руго. Бищунго цIакъ хиралъун буго семечкадул нах. Гьелъул цо шишаялъул бищун гIодобегIанаб багьа буго 130 гъурущ. 150 гъурщиде бугел бакIалги руго. Ахираб анкьалда жаниб хиралъана чипсал, лъималазе росулел киндер-сюрпризал, къокъго абуни, Европаялъул пачалихъаздаса гьанибе бачIунеб букIанщинаб гьуинлъи.

ХIатта абулеб буго «Марсалгун» «Сникерсал» Россиялдаса тIуранго тIагIине ругинги. Щайин абуни, Россиялда хIалтIулел рукIарал Европаялъул улкабазул фирмаби гьаниса нахъе унел ругелъул.

   Багьаби хиралъизе байбихьарал тIоцересел къояз гIадамазул рихха-хочи букIана. КIванагIан жоялъул нахърател гьабизе, гIемераб жо босизе ниятгун рачIунел гьезул кIудияб читIир букIанин абизе бегьула. Дагьалъ хадур гьел гIодореги руссана.

   Ургъун рахъун нижеца багьаби хира гьарурал гIадин, нижеде, ай ричарухъабазде хьандолелги камуларо. Киназдаго бичIчIизабун бажарулеб гьечIо багьабазул хIакъикъат нижеда бараб жо гуреблъи.

   ГьабсагIаталда чакаралъул килоялъул оптовияб багьа буго 80 гъурущ. 90 гъурщидеги буго цо-цо бакIазда. Цоги нухалъ тIад руссун абуниги, аслияб къагIидаялъ, хиралъун буго къватIисел улкабаздаса гьанибе бачIунеб букIараб къайи-цIа.

    МахIачхъалаялъул №2 базаралда гьедигIанго хIалуцин гьечIин бицана гьенив вичарулев, Гумбет районалъул Килалъа Шамсудин Жамалудиновас.

    Багьабазда хадуб низам чIезабиялъул мурадалда республикаялда рагьун буго Оперативияб штабги. Улкаялда захIматаб ахIвалхIалги бугелъул, кIванагIан багьаби рахинаричIого тейин абун ричарухъабазде хитIаб гьабуна ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги.