Пачалихъалъ бачина газ

 

    Гьал къоязда ДРялъул нухмалъиялда тIобитIараб данделъиялда бицана республикаялда газ бачиналъул хIалтIи щиб даражаялде щун бу- гебали.

   Президент Владимир Путинидаса байбихьун гьеб суалалде кIвар кьолеб ва гьелда хурхун гIуцIараб хасаб программаги бугин абуна гьениб. Амма гьедин букIаниги, газ бачинчIого республикаялда хутIун буго 11 район.

   Меликовасул рагIабазда рекъон, планалда бихьизабухъе, исана лъагIалил ахиралде газ бачине ккола гIадамаз жаниб гIумру гьабулеб 2 100 минаялъубе. Жидехъе газ бачеян гIадамаз МФЦязде, росабазул, шагьаразул администрациязде кьурал гIарзабазул къадарги 1 843-ялде бахун буго.

  Гьелдаго цадахъ руго гьеб газ бачине цебеккунго хIалтIи байбихьун букIарал бакIалги. Гьеб бачине ккола 23 333 минаялъубе. Гьелда тIад харж гьабизе буго 3, 7 млрд гъурущ.

  ДРялъул захIматалъулгун социалияб рахъалъ цебетIеялъул министр ГIабдурахIман МахIмудовас бицана цо-цо чагIазе пачалихъалъ бецIулин минаялда жанибе газалъул чагIаз гьабулеб хIалтIухъ (ракьулъан газалъул рогIрал рачаралъухъ, рокъор газалъул алатал рекъезаруралъухъ) унеб гIарац. Гьел ккола КIудияб ВатIанияб рагъулгун тылалъул ветеранал, къороллъуда хутIарал гьезул лъудби, лъимерлъуда концлагеразде ккарал гIадамал, тIоцебесеб группаялъул инвалидал, моцIрое щолеб хайир рукIа-рахъиналъе хIалтIизабулеб гIарцудасаги дагьал хъизамазда сакъатал лъимал ругел чагIи, лъимал гIемерал хъизамал.

Гьезие гIарац биччала республикаялъул бюджеталдаса.

    Гьединго документал гьечIел минаби гIемерлъиялъги квалквал кколеб буго газ бачиналъе. Росреестралъул сияхIалде гьел росизе документал электроннияб къагIидаялдаги кьезе бегьулин бицана Росреестралъул нухмалъулев Арсен ПирмухIамадовас. Жидеца гьанже бигьалъизабун бугин гьел щолеб къагIидаянги абуна гьес.

Республикаялда гIезегIан хIалтIи гьабун буго газалъул рогIразул магIишат рукIалиде ккезабиялъе. РогIрал лъил (кинаб идараялъул) бетIергьанлъиялде кколелалиги лъазабун, жакъа къоялде анлъазарго километралъул манзилалда лъурал газалъул рогIразул сияхI гьабун буго Ракьулгун мал-мулкалъул министерствоялъ.