Дагъистан-85-абилеб бакIалда

 

Дагъистан – 85-абилеб бакIалда

 

Гьал къоязда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана пачалихъиял ва муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел. Гьениб бицана регионалъе кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ.

Гьаниб кьолеб буго данделъиялда бицарал масъалабазул хIакъалъулъ къокъаб баян.

Коронавирусалдаса цIуни

ДРялъул сахлъи цIуниялъул ми­нистралъул ишал тIуралей Татья­на Беляевалъул баяназда рекъон, COVID-19 унтиялдаса цIуниялъул мурадалда республикаялда хIадурун буго лъабазаргогIанасев унтарасе бакI. ГьабсагIаталда гьеб унтуца кIвекIулев вуго кIиазаралда лъаб­нусгоялдаса цIикIкIун дагъистанияв. Гьезда гьоркьосаги кIинусгогIанасев чи вегизавун вуго реанимациялда­гун интенсивияб терапиялъул пала­таялда.

Вакцина гьабиялъул рахъалъ ул­каялъул субъектазда гьоркьоб Дагъистан буго 85-абилеб бакIалда.

ГIадлу гьечIо

13 октябралдаса 21 ноябралде щвезегIан Регионалъе нухмалъи гьа­биялъул централъ (ЦУР) гIуцIараб цIех-рехалда рекъон, республика­ялъул нухлул магIишаталдаги, ра­лел бакIазулги, лъим бачиналъулги ва ЖКХ цIигьабиялъулги рахъазда ругел масъалаби ккола гIемерал со­наз тIуразаричIого хутIарал. Гьедин­лъидал рес гьечIо гьел гIагараб зама­налда тIуразариялъе. ТIадежоялъе, гьелъие хIажалъула иш хIалтIулъ жавабчилъиги гIадлу-низамги. Гье­лин абуни, кьучIдасанго хисизаризе кколеб хIалалда ругин бицана дан­делъиялда.

   Дагъистаналда вугев ЦУРалъул нухмалъулев МухIамадсултан ГIабдуралимовас абуна, араб ан­кьалда жидехъе хитIаб гьабуни­ла щуазаралда щунусго дагъи­станияс. Гьезул гIемерисел руго МахIачхъала, Дербент, Каспийск, Хасавюрт ва Избербаш шагьараз­даса. ХитIабазда гьоркьосаги ас­лияллъун ккола минаби хинлъи­зариялъулъ ругел гIунгутIабазул хIакъалъулъ. Масала, ДРялъул Госжилинспекциялъул баяназ­да рекъон, республикаялда бугеб 50 гIемертIалаяб минаялда гьечIо хинлъи. Минабазухъе щолеб гьечIо бухIараб ва цIорораб лъим, ток, за­маналда кьолеб гьечIо социалияб выплатаялъул гIарац, гIолел гьечIо лъималазул ахал, къачIазе ккола ну­хал, цIикIкIинабун буго жамгIияб транспорталда рекIаралъухъ босу­леб гIарац.

Цо-цо мисалал

   ЦУРалъул нухмалъулес рех­сана гьадинаб мисалги. Цо чан­го сон унеб буго Бабаюрт росдал №2 школалъе лицензия кьечIого. Гьединлъидал школалъул ихтияр гIоларо аттестатал кьезе. Гьелда бан, эбел-инсуца лъимал ритIула цогидаб школалде. Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министрасул ишал тIуралев ЯхIя Бучаевас абуна, рех­сараб школалъул мина жеги бан бахъинчIезул сияхIалда бугилан ва гьеб рекъонкколарила проек­талъул документазул тIалабаздаян абун. 2022 соналъул февралалде гьеб масъала тIубазабеян тIадкъана ДРялъул хIукуматалъул председа­тель ГIабдулпатахI ГIамирхановасда.

   Каспийскиялда гIумру гьа­булел дагъистанияз ахIи балеб буго шагьаралъул къватIазда бетIергьанчи гьечIел ццидалал гьа­би гIемерлъиялда бан.

Загородный поселокалда ра­кьал кьун рукIана ФСИНалъ­ул хIалтIухъабазе. Гьенир рана минаби, школа ва мажгит. Да­гьалъ цебе федералияб хъулухъ­алъ лъазабуна, гьел бакIал изну гьечIого рарал кколин ва рих­хизаризе ругин абун. Гьеб суал тIубазабеян тIадкъана вице-пре­мьерасул ишал тIуралев Рамазан Жапаровасда. Гьесги бицана гье- лъул мурадалда хасаб хIалтIул къокъа гIуцIун бугин абун.

Данделъиялда бицана Цого­яб пачалихъияб сияхIалда мал- мулкалъул баяназул хъвай-хъвагIай гьабиялъул хIакъалъулъги.