Хасел щвана, хинлъи гьечIо

 

 

   13 октябралдса 21 ноябралде щвезегIан, регионазул нухмалъулеб централде (ЦУР) 5 500 гIарза бачIун буго гIадамазухъан. Аслияб куцалда гьел руго  ток, лъим ва нухазул гIунгутIиялда хурхарал.

   ГIемерисел гIарзал рачIун руго МахIачхъала, Каспийск ва Дербент шагьаралдаса. Бищун цIи­кIкIун гIадамазул гIарз буго рукъзабахъ хинлъи гьечIилан. Гьедин республикаялда гьаб­сагIаталда жаниб 50-гIан гIемертIалаяб минаялъуб хинлъи гьечIо.

  Мисалалъе, ДагъОгни шагьаралъе щун гьечIо хасалиде хIадур букIин  тасдикъ гьабулеб паспорт.

Гьеб гуребги, гIадамазул гIарз буго бухIараб ва цIорораб лъим гьечIин, нухал хашго ругин, социалиял квегIенлъабазе биччалеб гIарац щолеб гьечIин ва гьединго ясли-ахазда бакI щолеб гьечIиланги. Гьединго гьел рази гьечIо рекIадухъ багьа бахинабиялдасаги.