Меликовас гIолилазе насихIат гьабуна

 

 

     29 сентябралда Избербашалда ахиралде щвана «Каспий -2021» абураб гIолилазул форум. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул нухмалъу­лев Сергей Меликовги.

Гьесул рагIабазда рекъон, 2011 соналда «Каспий» ургъун букIана цIакъ кIвар бугеб проект хIисабалда. Гьелъул аслияб му­рад кколаан гIолилазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи рагIизаби, бу­хьенал щула гьари ва гьунар бугел гIолохъаби тIатинари.

   Гьелдаса нахъе араб 10 соналда жаниб улкаялъул батIи-батIиял ре­гионаздаса гIолилазул анлъазарго чиясе, хасго гьезул гIелбащадазе гьаб форум лъугьана цоцазулгун пикраби дандразе ва цIиял, инте­ресал проектал гIумруялде рахъи­наризе рес кьолеб щулияб кьолъу­нилан абуна С. Меликовас.

 

А. ЮСУПОВ