ГIалахъ хъутаналда — школа

Бабаюрт районалъул ракьалда бугеб Болъихъ районалъул ГIалахъ росдал хъутаналда гьал къоязда рагьана жакъасел тIалабазда данде кколеб кIудияб школа.

 

 

1964 соналда гьениб рагьун букIана байбихьул школа. 1977 со­налда хIарщул кирпичалъул бакIги тIаде бан, гьелъул лъугьинабуна микьгосонилаб школа.

 

 

ДРялъул хIукуматалъул офи­циалияб сайталда хъвавухъе, тIадеялдаса тIаде гIадамалги гIемерлъун (800 чи), хъутаналъе кIудияб школа хIажалъун буго.

 

Гьедин 2014 соналда гьениб нус­го лъимералъе бакI бугеб школа базе кьучI лъун букIана. Гьелъул проекталъул гIаммаб багьа ккола 86 млн гъурущ.