80 соналъ халалъараб рагъулаб нух

5 декабралда Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал хабалалъ вукъа­на КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи Муса Маркъулов. 1941 сонал­да рагъде арав гьесул хабар къотIун букIана. ГIагарлъиялда лъалеб букIинчIо гьесул къисмат. Гьеб лъана гIицIго 79 соналдасан. Краснодар краялъул Туапсе районалъул Шаумянское росдада аскIор ратана гьесул рукьбузул хутIелал.

 

Муса Маркъуловасе къадар щун буго Шаумянское росдада аскIоб бу­геб 396-абилеб борхалъиялда. 1942 соналъ гьеб бакIалда унел рукIарал захIматал рагъазда, аскIоб кьвагьа­раб минаялъул хIасилалда чIван вуго гьевги гьесда цадахъ вукIарав чанго чиги. Гьезул рукьбузда тIаде ккун руго «Кубаньпоиск» абураб рагъда тIагIарал солдатал ралагьулеб отря­дазул ассоциациялъул хIаракатчагIи.

 

Муса Маркъуловасул жаназаялъул хутIелал гьел рукIинги чIезабизе кIун буго, гьенир аскIорго ратарал гьесул алатазул кумекалдалъун. Сол­датасул флягаги, каска-тIагъурги, рахханги, цадахъ босулеб хьагги ра­тун руго гьениб. Гьеб хьагида тIад бикIун батараб Маркъулов абураб фамилиялъул кумекалдалъун кIун буго гьев Дагъистаналдаса вукIин чIезабизе.

 

 

«Кубаньпоиск» къокъаялъул ас­социациялъ бухьен гьабуна Гъу­ниб районалъул Сугъралъа гьесул гIага-божаразулгун. КIудияв инсул вацасул хутIелал гIагараб ракьалде росизе, 2 декабралда Краснодаралде ун вукIана Ризван Маркъулов. Гьев ккола Муса Маркъуловасул вац Риз­ванил васасул вас.

 

1941 соналда рагъде унаго гье­сул документазда хъван буго гьев ЧIарада районалъул рагъулаб ко­миссариаталъ фронталде ахIанилан. Гьеб мекъаб баян сабаблъун, гьесул цониги кагъатги бачIун гьечIо рокъобе.

 

 

«Мекъаб адресалда рекъон унел рукIиналъ нухдаго тIагIун рукIине ккола гьесул кагътал. Краснода­ралъул «Кубаньпоиск» къокъаялъу­лаз гьесул хутIелал ратун хадубги, хьагида бикIун батараб цIаралда рекъон, МухIамад Маркъулов абун хъван батана гьесул хIакъалъулъ. ХIакъикъаталдайин абуни гьев ккола Муса», — ян бицана Р. Маркъуловас.

 

Гъуниб районалъул Сугъралъа ВатIанияб рагъде ун вуго ункъо вац: Ризван, Муса, ГIумар ва Расул. Муса кколаан кIиабилев. Гьезул кIигоял — Мусаги ГIумарги рагъда чIвана, цояв вац Расул, доб заманалда ди­зертирлъи гьабулев ватун Гъунив кквезе щварав такъсирчиги вачун витIулаго, дизертирасул квердасан хола. Рагъдаса чIаго вуссана Ризван. Инсул тIолабго гIумру анин вацасул къисмат цIехолагоян бицана нижее гьесул вас МухIамадица.

 

 

«Эмен, л ъабго н ухалда л ъукъун хадув вуссана рагъдаса. Муса ккола­ан гьесдаса хадусев, гьесул кагъат­цин бачIинчIо рагъдаса. Хадусев вац ГIумарил кIиго кагъатниги бачIун букIана. Амма Мусал къисматалъ­ул щибго лъалеб жо букIинчIо. Ин­сул анищ букIана гьев вукъараб бакIгIаги лъазаби, хутIичIо му­нагьал чурад чIаго гьесул хабар лъазегIан. Инсуда аскIов вукъана нижеца гьев.

 

Краснодаралдаса ругьел бачIиндал, дица абулеб букIана гьенивго тейин гьев, ай ватарабго бакIалдайилан. Амма гIагарлъи разилъичIо ва росулъе вукъизе восана», — ян би­цана М. Маркъуловас.

 

 

Рагъде инегIан росулъ цIулал устарлъи гьабулеб букIун буго Муса­ца. Жакъаги нахъе руго доб мехалъ гьес гьарун рукIана нуцIби. Жеги хъизан гьабичIев чи ун вуго гьев фронталдеги.

 

Гьаб кIиабилеб хIужа кко­ла Гъуниб районалдаса КIудияб ВатIанияб рагъда тIагIарал солда­тазул хутIелал ватIаналде тIад рус­синарураб. Анкьго соналъ цебеги, 2013 соналъул апрелалда, СалтIа росулъ рукъана Къураев Сайпуди­нилги хутIелал. Рагъ байбихьараб 1941 соналъул риидал армиялде арав гьевги рокъове вуссинчIо. 1943 соналъ Сайпудинил эбелалъухъе кагъат бачIуна дур вас араб бакI лъачIого тIагIанин абун. 1956 со­налдаса нахъе гьесул гIагарлъиялъ, Оборонаялъул министерствоялъул цIаралда кагътал ритIулел рукIана Сайпудинил къисмат цIехон. 2012 соналъул октябралда гьезухъе кагъат бачIана, Къураев Сайпудин Украинаялъул Одесса шагьаралда аскIов хандакъалъув ватаниланги абун. Щивав солдатасухъ букIунеб эбанитовая капсулаялда жаниб лъураб кагътида тIад жиндирго росдалги, эбелалъулги ва жиндир­гоги хIакъалъулъ киналго баянал мухIканго хъван рати сабаблъун ккун буго Сайпудинил жаназадул хутIелал ратиялъе.