«Анжи-Аренаялда» гIи-цIцIаназул «парад»

«Гессаразул» гIи, Черкесазул чIегIерал куйдул, Калмыказул квас, «Гъизляралъул Дорпер», мармаралъул гьан ва 45 килограмм бахъулеб кьегIер

 

16 маялда Каспийскиялда, «Анжи-Аренаялда» байбихьи лъуна «XXIII Всероссийская выставка племенных овец и коз» абураб тадбиралъе. Дагъистаналда тIцоебесеб нухалда тIобитIана гьединаб даражаялъул кIудияб дандеруссин. РФялъул 26 регионалдаса 80-ялдасаги цIикIкIун гIияхъабаз, фермераз, зоотехниказ, росдал магIишаталъул церехъабаз гьоболлъи бана нилъеда.

 

«Анжи-Аренаялъул» сверухълъиялда кIудияб чIаголъи букIана. ЦIулал чалиялъ сверун къарал павильоназда жанир рукIана нусго батIияб тайпалъул гIигун цIцIани. Цояб рахъалда батIа тIезабураб чалиялда жанире къотIун рукIана: варани, залимаб бугъа, хIамул ва чуял.

 

Тадбиралъе официалияб къагIидаялъ байбихьи лъуна сагIат анцIгоялда. Сценаялде рахана республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги, РФялъул росдал магIишаталъул министрасул заместитель Андрей Разинги, РФялъул гIияхъабазул союзалъул нухмалъулев Харон ГIамирхановги ва цогидалги хIакимзаби.

Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул цIаралдасан баркиги цIалун, ГI. ГIабдулмуслимовас абуна:

— Дица баркула жакъа киназдаго гьаб тадбир. ХIакъикъаталдаги нилъер республикаялъе бергьун кIудияб кIваралъул ва даражаялъул тадбир буго гьаб. Республикаялда тIоцебесеб нухалъ тIобитIулеб Россиялъул чанго батIиял субъектаздаса гIи-боцIухъаби данде ракIарараб выставка. ГIияхъанлъиялъ нилъер республикаялда хасаб бакI ккола, Россиялъул базараздаги Дагъистаналъул гIиял гьаналъ чIел босана ахирал соназда. Гьеб бищун тIагIамаб бугилан абулеб буго гьелъул хIалбихьараз».

Гьесда хадув кIалъазе вахъана РФялъул росдал магIишаталъул министрасул заместитель Андрей Разин. Министр Дмитрий Патрушевас дагъистаниязде ва гьединго выставкаялъул тIолалго гIахьалчагIазде битIараб саламги цIалун, эркенго, тIанчидаса цIаличIеб кIалъай гьабуна гьес жиндирго рахъалдасан.

Выставкаялде рачIун рукIана Калмыкиялдаса, Кабардагун Балкариялдаса, Черкесиялдаса, Ставрополалдаса, Астраханалдаса, Ростовалдаса, Волгоградалдаса, Крымалдаса гIияхъаби. Гьединго рачIун рук1ана рикIкIадаб Сибиралъул ракьалдасаги.

 

Салул хIур гъорлъе биччалареб квасул къолден

 

Калмыкиялдаса бачIараб тайпадулаб гIи берчIварабаго батIа бахъизе лъалеб букIана. Гур-гурарал рачIаразул, риццатал гарбазул, михрал гIадал гургинал куйдул рукIана сверун цIулал чалиялъ жанибе къараб бакIалда хер кунел. ТIаде балагьун кутакалда кьараго рихьулел рукIана гьел. Гьединлъидал бацIцIадаб гьанал порода батилин гьебин хIисаб гьабуна. Амма мекъи ватана дун. Жидеца гIи гIезабулин гIицIго квасуе гIолойин бицана «Племенной завод Улан Хееч» АОялъул вакил Саврица.

— ГьабсагIат дуда бихьулеб тайпа ккола Россиялдаго бищун къанагIатаб тайпаялъул квас бугеб гIи. Гьединаб хIеренаб квасалъул тайпадулаб г1и цогидаб регионалда гьечIилан ракIчIун абизе кIвела дида. Гьанибе балагье мунго, — янги абун, тIаса биццатаб гъатги нахъе гьабун, гIазухъахIаб квас бихьизабуна гьес дида. — Киназдаго лъала нижер Калмыкиялъул ракь салул авлахъалда бук1ин. Гьороца добе-гьанибе сали хъвалареб къо гьениб къанагIатги букIунаро. Амма кигIан гьури пулеб къоялъги сали жанибе биччаларо гьабсагIат дуда бихьуле гIиял тайпаялъ. ТIабигIаталъго сайгъат гьабураб къолденалъ гIадин цIунула гьез жидерго квас.

Цогидал гIиязда гъорлъ бессун букIуна гьеб сали, гьаб тайпаялъул гIиязда дуда гьеб батизе гьечIо, — ян бицана Саврица

Гьезухъа бичун босараб квас къватIисел пачалихъаздеги бит1улеб буго. Аргентина, Италия, Франция гIадал пачалихъаз хирияб маркаялъул костюмал гьаризе х1алтIизабулин жидер гIиял квасин разиго бицунеб букIана Саврица. Бихьулеб букIана жидерго захIматалдаса гьесул ва къайицадахъазул бугеб чIухIиги рохелги. Гьесда аскIор кьерухъе жеги лъабгогIаги павильон букIана Калмыкиялдаса гIияхъабазул.

Гьезда дандбитIун букIана Гумбет районалъул ЦIиликьа Чумаев ГIисаца бетIерлъи гьабулеб чед абураб КФХялъул павильон. «Артлухский меринос» абураб цIияб тайпадулаб гIи гьес гIезабизе байбихьараб куцалъул кIиго соналъ цебего бицун букIана нижеца газеталдасан. Гьезул тайпадулаб гIиги берцин бихьун, Белоруссиялдасацин рачIун ругоан гьезухъе гIи босизе чи. Гьезул хIакъалъулъ нижеца гIатIидго бицина газеталъул хадусел номеразда

 

«Эдельбай» куйдузул мармаралъулаб гьанги гьелъул тIагIамги

 

Хунзахъ районалъул ТIанусиса ГIабдулаев ГIалица чанго соналъ цебего кьучI лъураб Эдельбайский абураб, цебеккун нилъер гьаниб бихьун букIинчIеб батIияб тайпаялъул гIиги букIана выставкаялде бачIун. МагIарухъ букIунеб кьур-кьурал лълъурдузул, кIургIараб ва гъалгъараб тахтадул квасул гуреб. ТIарцаб, гIиснабго квасги тIад бугел рорхатал, чIахIиял, лъурдул гьечIел куйдул ругоан ГIалил васасул вас, МухIамадрасулица выставкаялде рачун рач1ун.

— Гьаб буго Казахстаналдаса бачIараб порода. Мунагьал чураяв кIудияв инсуца колхозалъул председательлъун вугеб мехалъго калмиказул доба ижараялъе ракьги босун, гьениб гIезабизе кьуч1 лъуна. Риидал магIарухъе гочинабулаан, гьезие рии нилъер гьаниб бигьаяб букIуна тIамизе, кьин абуни калмиказул доба тIамула.

ГIицIаб гьанае гIоло хьихьулел ратилаха нужеца гьел. Гьан кинаб букIунеб гьезул?

— Гьезул букIуна цIакъ тIагIамаб гьан. «Мраморное мясойилан» абула гьелда (цо гъат кьаралъиялъул, цо гъат ччоборидул бук1уна. Авт.). Гьоркьоб щибниги лъамалъиги гьечIеб, кваназе татуяб гьан букIуна цIакъ.

Гьесдаго аскIор ругоан Гиссарские абураб тайпалъул гьединалго куйдул. Амма рихьизе гьелъ дагьалги рорхатал, чIахIиял ругоан. Нилъер гьава-бакъалъул шартIаздеги хехго ругьунал, хьихьизеги щибго захIмалъи гьечIеб тайпа кколин гьебин бицана МухIамадрасулица.

 

Австралиялъул ва Германиялъул тайпаги цолъизабун лъугьараб куй

 

Гъизляралдаса Закариев ХIажицаги вас Рустамицаги гIезабулеб цIияб тайпаги бихьана гьеб къоялъ выстакаялда. К1иго батIияб пачалихъалъул: Австралиялъул ва Германиялъул гIиял хьонги цолъизабураб куйдул ругоан гьезухъ. Гьумерги габурги лахIгIан чIегIерал, хутIараб бакIал хъахIал. Гьеб тайпалда гьез жидецаго ургъараб цIарги бугоан «Кизлярский дорпер» абураб. Гьеб тайпадулаб гIи гIезабизе бабйихьараб куцалъул гьадин бицана ХIажил вас Рустамица.

— Нилъер гьаниб цIакъ къанагIатаб тайпа ккола гьаб. Гьелъул цохIо кьагIрида бахъула 45 килограмм цIайи. Сордо-къоялда жаниб 450-500 грамм цIайиялъул бакIарула гьез тIаде. Гьеб буго гьезул хаслъи. Гьел ккола гIицIаб гьанал порода. Ихдал къунцIизеги гьел кколаро, квас жибго уна гьезда тIаса гъун.

 

— Нилъер гьава-бакъалъул шартIал дандекколищ гьезие?

— Ккола. Дагъистаналда согIаб хаселги, кьварарал гьава-бакъалъул шартIал рукIинги киназдаго лъалеб батила. КигIан согIаб хасел бачIаниги гьеб бигьаго нухда тIамуна гьез, — ин бицана Рустам Закариевас

Кабардагун Балкариялдаса чIегIерал куйдулги рачIун рукIана выставкаялде гIахьалъизе.

Лъабго гьезулги кIиго черкесазул щуго павильоналде жанире къотIун рукIана лахIчIегIераб тIомалъул лъикIал базалиял куйдул. Рихьизеги квеш гьечIоан. МагIарухъ къанагIат гурони дандчIваларо гьединал чIегIерал куйдул. Амма кутакалда тIагIамаб гьан букIунин гьезулин бицунеб рагIун букIана гьитIинго. Гьеб ритIухъ гьабуна выставкаялде вачIун вукIарав «Дарган» ОООялъул бетIерав зоотехник Сейитг1али Гебеновас.

— Бищун тIагIамаб гьан бугилан абула хIакъикъаталдаги гьелде. Гьазул гьанада гъорлъ гьечIо цо процентцин холестериналъул. Дунялалда цоги гьединаб тайпа гьечIо гIиял. БацIцIадаб, татуяб, гьоркьоб щибниги зарал гьечIеб гьан буго гьеб.

 

Цеве хIукуматлъул нухмалъулесул заместительлъун вукIарав Гъуниб районалъул Гьонодаса Набиюлла МухIамадовги ватана выставкаялда. Гьесги вас Мурадицаги Кочубеялда рагьун буго «Агроком» абураб гIуцIи. КIиазаргогIанасеб тайпадулаб гIиял бетIер буго жакъа гьезул магIишаталда.

— 2006 соналъ кьучI лъуна нижеца гьелъие. Байбихьуда дагьабго гурони къадар букIинчIо. ГьабсагIат ункъо вехьги вуго, саламатаб кIудияб рехъен гIиязулги буго. Мисалалъе гьале гьаб, — янги абун, цо куй бихьизабуна Набиюллагьица. — Гьалъул чIагояб цIайи буго 145 кило. Хъун хадуб бацIцIадаб гьанал 80 килограмм бахъула.

Хьаргабиса ЗайнулгIабид ХIусеновги вачIун вукIана жиндирго гIиги бачун. Нижеца гьесул хIакъалъулъ хъван букIана дагьаб цебегIан. ЦIакъ разиго вугоан выставкаялда гIахьаллъи гьабизе щвеялдаса. ХIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас рагIи кьунин хадубккун жиндие кумек гьабизеян бицана ЗайнулгIабидица.

Гьединаб букIана выставкаялъул тIоцебесеб къо. Цогидаб рахъалда рукIана щибаб муниципалитетазул майданал. Цояб рахъалда жидецаго хIадур гьабураб къайи-цIа бичулел чагIи. АхIулеб кечIги ва бежулебгун белъунелъул махIги бугоан.

БатIат1езабун гьабураб чалиялда нахъа ругоан хъахIаб вараниги гьелъул тIинчIги. АскIоб бугеб чалиялда жаниб бегизеги бегун рагI бахунеб бугоан, магIарзул къалазда горги бараб цо залимаб бугъа. Дагьал дорегIан ругон хIамул ва чуял.

Къалъудаса хадур гьенире рачIана гьал къоязда Ташкенталда боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионаллъун рахъарал Муслим ХIажимухIамадовги Шарапудин Атаевги.

Аэропорталда букIараб дандчIваялдаса хадур рачIинахъего выставкаялде рачIун ругоан гьел. Гьенибги гьарзаяб дандчIвай гьабуна чемпионазда. Щивасе цо-цо куйги кьун, гьезда бергьенлъи баркана ГI. ГIабдулмуслимовас.

 

Бакъанидехун гIадамал дагь-дагьккун гьениса рикьа-риххун ине байбихьана. Выставкаялъул тIоцебесеб къоялъул хIасилал гьарулаго гьадин бицана «ХIакъикъаталъе» республикаялъул росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министрасул тIоцевесев заместитель Шарип Шариповас: