Гьурмалъ гулла щваниги, бер къапичIеб къвекIаб цIум

 

2 августалда Шамил районалъул МачIада росдал ракьалда бугеб лъималазул лагералда дандчIвай гьабуна цогидал дагъистаниязда цадахъго Украинаялда унго-унгояб бахIарчилъиги къохIехьейги бихьизабурав Ибрагьимхалил ХIажиевасда.

    Байрамалде гIадин, чIухIун къачIараб гьелъул спортзалалде ракIарун рукIана киналго. ХIажиев жаниве лъугьаравго, киналго тIадеги рахъун, хъатчIваялдалъун, игитасе гIаммаб салам кьуна гьез. ДандчIваялъул хIурматалда биччана Россиялъул гимн, хадуб Украинаялъул рагъда чIварал ракьцоял ракIалде щвезариялъе, киналго тIадеги рахъун, тIобитIана сихIкъотIиялъул минут.

Украинаялда чIварал районцоял-бахIарзазул сураталги цере ккун, лъималаз къокъго бицана гьезул щивасул гIумруялъул ва рагъул нухазул хIакъалъулъ.

Церерахъараз гIемерал хинал ра­гIаби абуна Ибрагьимхалилил хIа­къалъулъ. Хадуб рагIи кьуна гьесие жиндиего. Аслияб куцалда Ибрагьимхалилица бицана Дагъистана­лъул гIолохъабаз гьеб рагъда бихьизабулеб бугеб бахIарчилъиялъул ва къохIехьеялъул хIакъалъулъ, рехсана гьезул цо-цоязул цIарал.

Жиндирго хIакъалъулъ цIар бахъизе бокьун гьечIолъи бихьаниги, лъималаз гьесда гьикъичIого течIо гьурмада ругъун кин лъурабин абун.

Гьадин ракIалде щвезабуна гьеб къо Ибрагьимхалилица.

«Доб къоялъ нижер батальоналъ Украинаялъул нацистаздаса эркен гьабулеб букIана Донецк областалъул Красная Поляна росу. Тушманас ккун букIана бакIалъул школаги гьелъул ракьги. Гьенир кьабун яргъица цIун рукIана гIемерал машинабиги цо БТРги. Нижер гранатометалъ гьезда тIаде гулла бана ва тушманасул кинабго техникаги ярагъги хвезабуна. Гьеб ахIвал-хIалалда вугев дида тохлъукьего бихьана цолода нахъасан тушманас нижеде кверзул гранатомет кьвагьизехъин букIин. Ургъизе заман букIинчIо, дица хъата-масан гIодор регизаруна ротаялъул командир, асатIинав Сослан (фамилия кIочон буго) ва мухъилав Сулеман Мажидов, амма дунго кьвагьа-гIанхъиялда гъоркье ккана. АскIосан речIчIун гранатометалдасан бараб гулбузул цIадалъ дун цIакъ захIматго лъукъана: бащдаб кIаркьен бачIана гьоркьехун чIвазабун, бер кIанцIана къватIибе, чанагъ батана гъурун…

Циндаго дида бичIчIичIо щиб лъугьа-бахъунеб бугебали. Гьединлъидал тушманасдаса къисас босизеян гьенисан цевехун унев дун, хадурги рачIун, дица хвасар гьарурал Сосланицаги Сулеманицаги чIезавуна. Лъавуде вачIиндал, бугоха цояб рахъалде бакIлъун гьумер, гIодобе далун бер ва кутакаб унти. РакIарун, жидерго бакIалде ккезаруна дица бегIукълъизабураб гьурмадул лугбал. Госпиталалде инарилан тIирун чIунги вукIана.

Гьарулеб букIана, хехго батальонцоязул кьерда чIезе, дун заманаялъ рагъулаб бункералда теян. БатIияб нух дир букIинчIо. Цогидазда хIал лъазе биччаялдаса, магIаруласе лъикIаб жо буго бихьинчи гIадин хвей. Гьеб ахIвал-хIалалда дир гьалмагъзаби хун рукIаралани, дида кIвелароан гьеб гIайибгун гIумру гьабизе. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ лъарабго, Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовас дихъе ахIун бачIана ва баркала кьуна», — ян лъугIизабуна ХIажиевас.

   Ибрагьимхалилил хабаралъ хIайран гьарурал лъималаз жеги гIемерал суалал кьуна гьесие, масала, «Сундасаниги хIинкъулищ мун?» абун. Гьеб мехалда зодибе килищги битIун, Ибрагьимхалилица къокъго абуна: «Аллагьасдаса», — ян.

ДандчIваялъул ахиралда киназего бокьана ХIажиевасулгун суратал рахъизе. Балъго гьабун щай, гьевгун цадахъ бахъараб сурат дицаги дирго мобильникалъубе ккезабуна.

БакI ккун букIаго, бокьун буго дагьаб гIатIидго ХIажиевасул хIакъа­лъулъ цIалдолезда бицине.

   Ибрагьимхалил ХIажиев ккола Шамил районалъул МачIада росулъа. Гьавуна ва гIуна Буйнакск шагьаралда. Гьенив анкьабилеб школалда киналго классазда ХIажиев цIалана лъикIал къиматазда, цоги, гьев машгъуллъун вукIана эркенаб гугариялъул ва каратэялъул чемпион хIисабалдаги.

Школалдаса хадуб бергьенлъиялда лъугIизабуна финансазул ва кредитазул университет.

   2013-2014 соназда гьес хъулухъ гьабуна контракталда рекъон. Гьелдаса хадуй ячана лъади ва 2016 соналдасан байбихьун, анкьго соналъ хъулухъ гьабуна Буйнакскиялъул мотострелковияб бригадаялъул 136-аб. рагъулаб часталда. Гьев вукIана Крымалда рагъулал учениязда. Гьениса витIана Украинаялде.

Сержант ХIажиев кколаан мотострелковияб бригадаялъул, цогидазе мисалалъе вачунев, кIудияв кьвагьдохъан. Рагъулаб ва тактикияб хIадурлъиялъул инструкторасул хъулухъалда вукIарав Ибрагьимхалица бицана:

   «Лъалищ, щал нижеда данде рагъулел рукIаралали? Туснахъаздаса къватIиреги риччан, кодоре автоматалги кьун, рагъизе тIамурал чIвадарухъаби, зулмучагIи ва хъачагъал. Кида дир рекIелъе лъугьараб рокьукълъи-тушманлъи? ЧIварал гьал­магъзаби рихьараб мехалъ гу­ро, гьеб лахIзаталда дие бокьана къисас босизе. Рокьукълъи бижана лъималазул жаназаби рихьидал. Дун рикIкIуна цIакъ гIужилав кьвадохъанлъун. Веццарулеб мех гуро, битIараб бицунеб буго. Дир сурат тIад седарал листовкаби седон рукIана гьенир киса-кирго. Гьезда тIад хъван букIана: «Нагорода за знищення 3 млн гривен» абун. ХIинкъун руго, борхьал!»

Санкт-Петербургалда хIакъикъа­талда кескал ккун бакIарана нилъер бахIарчиясул гьумер. Гьабуна чамалиго операция, хадубккунги гьабизе кколеб буго жеги чамалиго. Амма гIолохъанчияс щибго хIал лъазе толеб гьечIо. Махсара гьабун, гьес жиндего «зомбиян» абула.

«Зомби» бухьеналда вуго, ургъел ккоге, хирургаз дир гьумер бу­кIаралдасаги лъикI гьабизе буго», — ян абула захIматаб ругъун щварав Ибра­гьимхалилица.

Гьев нечоларо жиндирго гьумералдаса: «Лъукъараб гьумералъухъги балагьун, ругъназул хIисабги гьабун, ракI бекун, махIцун хвезе рекъараб букIунаро бихьинчиясда», — ян абула аскарияс.

Щибаб къоялъ, жиндирго ясгун цадахъ Ибрагьимхалил тира-сверула шагьаралъул паркалда. Васаз нух биччаларого букIуна — киназего бокьула, кверги бачун, гьесие салам кьезе, гьевгун кIалъазе. АскIоре рачIун, лъалелги лъаларелги чагIаз кьола баркала. Къокъго абуни, гьев мустахIикълъана халкъалъул рокьиялъе. Гьелъие нугIлъи гьабула Буйнакск шагьаралъул бакьулъ бараб баннералда бугеб гьесул сураталда гъоркь «Народный герой» абун хъварал рагIабазги.

Бихьинаб гIамалалъул аскариясда ракIалда гьечIо рокъов чIезе. «Дун ккола ватIан цIунарав ва цIунизеги бугев солдат, рагъухъан», — ян абула ХIажиевас. Гьев хIадурулев вуго, тохтурзабаз изну кьурабго, жиндирго гьалмагъзабазухъе тIадвуссине ва хадубккунги жиндирго борч тIубазе.

Улкаялъул тIалъиялъ кIудияб къимат кьуна ХIажиевас бихьизабураб бахIарчилъиялъе. Республикаялде тIадвуссарабго, Дагъистаналъул бетIерасул амруялда рекъон, ХIажиевасе кьуна «За заслуги перед РД» ва «Дагъистаналъул БахIарчи» абулел орденал.

Гьединго Россиялъул президент Владимир Путинил амруялда рекъон, Ибрагьимхалил ХIажиевасе кьуна «Бихьинчилъиялъул Орденги». Анлъабилеб августалда Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовас игитасул каранда бана гьеб орден.

Нури Нуриев