Цо-цо гьадинги ккола рагъда

 

      1941 соналъул ахиралда Дальний Востокалъул микьабилеб дивизия, росабигун шагьарал фашистазул хъамалчагIазукьа эркен гьаризе, Тамбовалъул, Курскиялъул ва Воронежалъул мухъазде рачIана. Гьелда гьоркьоб букIана Шодродаса ШагIманил Ризваницаги ХIажимурадил МухIамадицаги хъулухъ гьабулеб 163-абилеб рекIаразул полкги.

Цо нухалъ, гьужумалде иналде цере, полкалъул рагъухъаби чIун ругеб рахъалде тушманас тIаде разе лъугьана гумпараби. МухIамад вугеб рахъалда гумпараги бихъулеб бихьун, Ризван гIедегIана гьесда аскIове. МухIамад, хварав чи гIадин, вагъаргъичIого, гъугъ гьавун вугоан. Гьесул каскаги борлъун, бетIералда къан хутIун букIана килищгIанасеб кесек ва къотI-къотIун рукIана килщал. Ризваница гьесул ботIролъ къараб кесек бахъана ва, ругъналги рухьун, гьев хIинкъи гьечIеб бакIалда вегизеги гьавун, полкгун цадахъ гьужумалъ ана. Гьелдаса нахъе ватIалъарав кIиявго гьалмагъ рагъ лъугIун хадув гурони цоцазда вихьичIо…

1943 соналъул хасалихъе Ризваница хъулухъ гьабулеб полкалъ тушманасдаса бацIцIад гьабулеб букIана Белоруссиялъул ракь.

 

— Ефрейтор, ШагIбанов! Мун ахIулев вуго ротаялъул командирас, — анги абун, Ризваниде аскIове вачIана цо рагъухъан.

Блиндажалъуве лъугьиндал, Ризваница, картаялда квалквалев ротныясе честьги кьун, вачIиналъе баян кьуна.

— Гьалмагъ ШагIбанов, лъабго моцIалъ цере нилъ жанир рукIараб гьаб росулъ (картаялда бихьизабулаго) букIана лъукъарал солдатал сах гьариялъе бугеб гьитIинабго санчасть. Фрицазда махI кIутIараб къагIида буго, гьез гьел тIагIинарун руго. Амма гьезда гьоркьов вукIарав, лъукъун вугев нилъер партизаназул отрядалъул командир, бакIалъул чияс вахчизавун вуго. Дуда гьел бакIал лъикI лъалелъул, хIажат буго гьев гьениса нахъе вачине. Дургун лъикIаб гьалмагълъи букIарав, дов мацI лъаларев рагIула немцазул чуязул тIалаб гьабулев чи. Гьезул гьесдехун божилъиги рагIула. Гьев къойилго гIадин чуязе хер бецизе унев вуго росдадаса гIемер рикIкIад гьечIеб рохьалда цебе бугеб гIалахалде. Гьесул гьакидаги лъун, командир нахъе вачиналъе тадбир гьабизе къваригIун буго. Лейтенантас дуе нухда киналъулго инструктаж гьабила.

10 разведчикгун нухда вахъана Ризван ва, рохьирагIалда, мацI лъаларев вачIинегIан ралагьун чIана.

Бакъ лъикIаланго тIаде бахун букIана, кIиго чуялда бараб гьоко рохьирагIалде бачIараб заманалда. ГъотIода чуялги рухьун, мацI лъаларев вецаризе лъугьана. Гьеб заманалда Ризван гьабугьин гьесде аскIове ана. Ризваница бичIч1изабуна, жив армиялъулаздаса тIурун вукIинги, гьесдаса квен-тIехалъе кумек хIажат букIинги. МацI лъаларесе хер бецизеги ва гьоко харил цIезабизеги кумекги гьабун, нухда рахъана. Немцазул кIиго пост баханиги, талихIалъ, харда жанив вахчун вугев Ризван тIатинчIого хутIана. МацI лъаларес жиндирго рагьдеги бачун, харил гьоко чIехьана. Гьениб хьихьун букIана тушманзабазул цо чанго чу. Рагьда гьабулеб гIархъида хер сокIкIунаго, тIаде вачIарав херас Ризванида абуна:

— Чуязе цIияб хер базе, дихъе лъен кье, — ян.

— Чуял гIорцIун руго, — ян жиндирго пароль абуна Ризваница херасул паролалде данде.

Немцазул патрулал гьабигун сверулел рукIана росдал къватIчIван. Херасул мина-къоноялдаса гIемерго рикIкIад гьечIеб росдал басрияб школалда ругел немцазул релъахъуй рагIулеб букIана. Херас лъазабуна соналдаса нахъе немцаз хъаравуллъи цIикIкIинабун бугин ва гьел цо кинабалиго операция гьабизе хIадурлъулел ругилан. Хер босун бачIунелъул хал гьабичIого таниги, росулъа къватIибе унелъул хал гьабизе бугин гьезин абун.

Ургъизе заман букIинчIо, метер къалъилалде добго бакIалда дандчIвазе ккола разведчикалгун. Гьединаб букIана командирасул буюрухъ. Щиб гьабунги, партизаназул командирги вачун, гьев гьениса нахъе ине ккола. Кин? Гьеб суалалъ херавги гьевги ургъизе тIамуна.

МацI лъаларевги, херавги ва гьакида лъун вахчизавун вугев партизаназул командирги нухарегIун, Ризван мацI лъаларесул бакIалда, рукIкIинегIан вахча-кьерунги вукIун, къаси сардилъ, хьуцIаз цIураб рохьосахунги ун, рогьиналде нилъеразде тIаде щвана. Нухрикьуде щведал, гьенир посталда чIун ругел немцаз гьоко лъалхъизабуна. МацI лъаларесул ва гьесда цадахъ кумекалъеян унев херасул лъикIаланго халги гьабун, гьакида бугеб ракул махI чIварабго, магIазукъалалги ккун фрицас жибго тана. КIиабилеб посталдасаги рорчIана ва бихьизабураб заманалда разведчиказде тIаде щвана. Гьеб росулъ ва свери-къоноялда ругел тушманасул щулалъабазул бицун баян кьуна нилъер командованиялъе херасги, мацI лъаларесги, Ризваницаги. ТIасиял къояз росулъе гьужум гьабуна полкалъ ва партизаназул отрядалъ. Гьениб тушманасда кьабиги щвезабун, росу эркен гьабуна. Гьеб рагъда Ризван лъукъана ва лъабго моцIалъ госпиталалда вегизе ккана. Сахлъидал ВатIан цIунизе цIидасан кодобе босана ярагъ…

Унеб букIана 1944 соналъул их. Польшаялъул ракь фашистаздаса бацIцIад гьабулелъул, ротаялъул командир Александр Стриженкоца, цо чанго солдатги Ризванги штабалде ахIун, баян гьабуна, гьениб гIагарда бугеб росулъ, немцазда лъачIого, нилъер разведчиказул къокъа, патроналги лъугIун, рахчун ругилан, гьезие кумекалъе патроналги гранаталги щвезаризе ккелин абун.

 ХIукму ккана, нух бихьизабизе ва разведчикал рахчун ругеб бакI лъалев гьеб росулъа партизангун цадахъ гьитIинав лейтенант Захарченкол бетIерлъиялда гъоркь цо чанго солдат гьениве витIизе. Сордо букIана цIакъ бецIаб ва гьури пулеб. Рохьил рацIцIалъуде щведал, нухда цебе канлъиги бихьун, разведчиказ гьоко лъалхъизабуна.

— Сонцин гьениб немцазул пост букIинчIо, фашистал цо щиб букIаниги жоялъе ургъараб къагIида буго, — ян абуна бакIалъулас.

Рагъухъабазул хIукму ккана, рагъги гьабун, битIахъе посталдасан ине. Щибго сас гьечIого, циндаго посталде цебе гьоко бачIиндал, гьенив вукIарав хъаравулас гьоко лъалхъизабуна. Цогидав фрицас гьакида тIад ругел кIигоязда фонарьги речIчIизабун, гьел гьакидаса рещтIинаруна. ДорегIан чIун рукIана машинаги кIиго мотоциклги. Ризваница заман бахъизабулеб букIана, хьуцIилъахунги ун солдатаз фашистал чIун ругеб рахъ сверун кквезегIан. Фрицазда бихьиларедухъ Ризваница чуялъул бохалда кIвараб хIалалъ тункидал гьел церехун ана.

Фонарьги бакун вугев фриц чуял лъалхъинаризе хадув лъугьаравго, Ризваница, бецIлъиялдаса пайдаги босун, аскIов вукIарав тушманасул рекIеда нус чIвайги, нилъераз машинабазде гьужум гьабиги цадахъ ккана. Цадахъ вукIарас, Ризваница нус чIварасухъа автоматги бахъун, кьвагьун биччана фонарь бугесде. Фашистал рекIеде рачIиналде чIвана гьезул анцIгогIанасев солдат ва кверде восана командир. Хадуб баянлъана гьел машина къачIан бахъинегIан нухда хутIун рукIараблъи.

ТIасан хIебеталъ рахараб юк баччулеб машинаялъул кузов цIун букIана чIахIиял калибралъул гIарададул гумпараби жанир лъурал ящикIаз. Нахъехун квералги щула гьарун, гьакида вухьана асир, ва гьевги цогидаб тушманасул бахъараб рагъулаб сурсатги цIунун Ризванги цо солдатги гьенир толел ругин лъазабидал, Ризван тIирун чIана живги нужгун вилълъинилан. Лейтенантас гьесул мурад тIубазабуна.

Росулъе раккулеб бакIалде щвелалде бакIалъулас машина лъалхъизабизе тIамуна. Росдал рагIалда букIана фашистазул пост. Гьезда рихьичIого ине ккани, ине кколаан гIагарда бугеб хьуцIалъги хъархъазги цIураб жаниблъиялдасан. Гьаб нухалъги Ризваница жиндиего бокьун тIалаб гьабуна гьенире ритIулел лъабгоясда гьоркьов живги витIизе. Сапар букIана хIинкъараб ва захIматаб. Патроназул цо-цо ящикI гъажалдаги чIван, нухмалъулев бакIалъуласда хадурги лъугьун, рачлихъе бахараб хьуцIилъимги бахун, сордо бащалъараб заманалда тIаде щвана гьел разведчиказде… ТIад руссине кколаан лейтенантас бахъараб планалдаса кьуричIого, посталдасахун. Посталде гIагарде разведчикал щун рукIин лъазабиялъе зодоб багIараб ракета бакидал лейтенантас машина цебехун бачана. Посталде цебе гьеб щвелалде, разведчиказ тушманасде гуллил цIад базабуна. Байбихьана кIиябго рахъалдаса тушман гьоркьовги ккезавун тIаде кьвагьдезе. Къокъабго заманалда нилъераз тушманасул пост кверде босана. Гьеб рагъда лъукъана Ризванги ва чIвана лъабго солдатги.

Ризван вукIинчIо разведчиклъун, амма къо ккедал тIадкъараб бокьараб иш, разведчикас гIадин, бахIарчилъиялда тIубазабулеб букIана гьес.

Рагъда гьарурал бахIарчиял ишазе гIоло, пачалихъалъ кьурал ва Ризванил керен цIезабурал шапакъатаз нугIлъи гьабула ВатIан цIунарал унго-унгоял бахIарзазул цояв гьевги вукIиналъе.

Ракълилаб гIумруялда Ризван хIалтIана колхозалда, росдал Советалъул председательлъун, МТФялъул заведующийлъун, бригадирлъун, гIиявехьлъун. Гьев хвана 1980 соналда.

 Салман ХIАСБУЛАЕВ, Болъихъ район, Шодрода росу