АнкьцIул борцун лъикI гурищ?

Гьаб ахираб лъабго анкьида жаниб дир остола­лъул рагIалда гIуна цIибахъараб анкьго тIехь.
 
Гьел киналгоги руго шигIрабазул. МагIарул мацIалда басмаялда бахъараб щибаб цIияб тIехь — гьеб буго миллаталъул бечелъи. РекIеде бачIанщинаб хъван къватIибе гьурщулеб заман буго гьаб. ТIахьал рахъиялда, гьезул даражаялда хадубги гьечIо щибго халкквей. Интернеталъул гIатIилъухъа рищарал кучIдуздаса гIуцIараб тIехьалъул дагьабго бицен гьабизин. «Сариназул си» — басрияб КъахIиб росдал хутIелалъул сураталда тIад хъвараб гьеб цIар буго жилдазул цебесеб гьумералда, нахъисеб, ай жилдалъул ахираб гьумералда буго Дагъистаналъул халкъияй шагIир Баху-Меседо Расуловалъул сурат, гIурус мацIалда хъван гьелъие щварал шапакъатазул, цIаразул сияхI. Жилд бегун жанире раккидалги тIанчил тIарада шагIиралъул цIар.
Цоги тIамач бегун хал гьабидал буго: «Автор-составитель, редактор и спонсор книги — народный поэт РД Баху-Меседо Расулова» абун. ЛъикIаб садакъа, пайдаяб иш гьабун бугин кколеб буго ракIалде гьенибги. Амма фейсбукалда, «Сариназул си» тIехь гьоркьоб лъеялъул данделъиялде шагIиралъ ахIулеб лъазабиялда гъоркь ругел комментариязулъ Баху-Меседоца хъван батулеб буго: «Сариназул си» буго жалго авторазул гIарцухъ къватIибе биччараб, гьеб гьоркьоб лъеялъул тадбир гIуцIиги гьез жидедаго тIаде босараб…», — ян. 
Берцинаб цIар кьураб тIехьалъ жанире рачун руго 15 авторасул асарал, цIарал руго тIоцере ра­гIул­елги, рагIун цIалдолез къимат кьуралги. КочIол си гIуцIулев щивав чиясулго гIадин, гьезул мухъазулъги буго ватIаналде, эбелалде рокьи загьир гьабурал, тIекълъиялда рекъонгутIи, заманалъул гIузраби рекIелъ гъугъан яги рохел загьир гьабун хъварал жугьаби. Щивасул жиндир хатI, къагIида, гъварилъи яги борхалъи. КучIдул руго гIемерго цIубаралги, тIад хIалтIичIолъи бихьулел загIипалги, гьижа камуралги, кибалиго рагIараб кочIол мухъ жидерго къадалъ рекъезаруралги. 
Гьел цIарал яги гьезул гьунар цIалкIинисан ри­ччай гуро мурад бугеб. РукIун лъикI магIарул ма­цIалда хъвадарулел гIадамал. Амма щайха бесдал эбелалъ кьолеб панкъ гIадин цебе рехулеб гьезул гьунар жиндирго цIаралъул гъалайги тIад биччан? Гьелде ккарай гIаданищ халкъияй шагIир? «Автор-составитель, редактор и спонсор книги — народный поэт РД Баху-Меседо Расулова» абун бихьизабунги бугелъул, бегьуларищ букIараб техникияб рахъниги рекъезабун, гьижа камуралъуб, тIокIлъаралъуб тIад квер бахъун кьезе басмаханаялде? 
«АнкьцIул борце цин къотIе», — ян абураб умумузул гIакъилаб каламалъул пикру гьабеян абизе бокьилаан тIахьал рахъулелщиназда.  
Жиндир рекIел хIал къватIибе кьураб цеберагIи хъван буго Баху-Меседоца тIехьалъе. Гьенибго Ба­ху-Меседоца баян гьабулеб буго жинца гьаб тIехьалда лъолел кучIдул къачIачIиланги. КIудияб гьунаралъул шагIирзабазегицин хIажалъулеб редактура гьанжего-гьанже шигIрияб рагIи гIуцIулезейищ къваригIунареб? ТIадгояб рецц-бакъалдасаги цIакъ гьел шигIраби хъвалезе хIажат буго ритIункколеб малъа-хъвай. 
Къалмица хъвараб гIащтIиялъ къотIуларин абу­хъего, жидерго наслабазе толеб тIехь дагьаб да­ра­жа цIикIкIараблъун бихьизе бокьилароандай «Сариназул си» тIехьалъул авторазеги?