Терроризмалъул бидулал лъалкIал

 

 

   3 сентябралда щибаб соналъ Россиялда кIодо гьабула терроризмалде данде рагъбалезул цолъиялъул къо. Россиялъул субъектазда гьоркьоб гьеб балагьалде ккаразул бищунго цебесеб кьерда бугин абизе бегьула Дагъистан.

 

   Мекъи кколаро нилъер гьаниб политикияб терроризм 1992 соналъул 13 февралалда ккараб чIвай-хъвеялдаса байбихьанин абуни. Гьеб къоялъ гIумруялдаса ватIалъана Дагъистаналъул Хал­къияб Собраниялъул депутат, республикаялъул Диагности­кияб централъул бетIерав тохтур, жамгIияв хIаракатчи Му­хIа­мад Сулейманов. Гьеб талихI­къосараб лъугьа-бахъи­нал­­дасан байбихьанин абизе бегьула нилъер гIумруя­лъу­лъе рахIатхвей лъугьине. Хадуб багъарана мадугьалихъ бугеб чачаназул республикаялда рагъги.

   1996 соналъул 9 январалда Радуевасул хъачагъал тIаде кIан­цIана Гъизляр шагьаралъул аэропорталде ва больницаялде. 1996 соналъул 16 ноябралда кьвагьизабуна Каспийск шагьаралда кIудияб, ичIтIалаяб мина ва гIумруялдаса ватIалъана 69 чи. Гьезда гьоркьоб букIана Каспийскиялда бугеб пограничниказул гIуцIиялъул нухмалъулев полковник Анохинил хъизанги. Кидаго ракIалдаса унаро гьесул жаназа гIагараб Курск шагьаралде щвезабизе дун республикаялъул социалияб хьезабиялъул рахъалъ министр хIисабалда ине ккараб пашманаб сапар.

1998 соналъул 4 сентябралда кьвагьизабуна МахIачхъалаялда Пархоменкол къотIноб тIубараб квартал. Ракьулъ лъуна 18 чи. Гьездасан анлъгоял кколаан гьеб соналъ школаги лъугIун тахшагьаралъул тIадегIанал цIалул заведениязде рорчIарал, жидер гьанжего гьанже 17 сон гIумрудул тIубарал дир росуцоял.

    Гьелдаса хадуб кIочон толаро 1999 соналъул август-сентябралда нилъер республикаялде тIаде кIанцIарал хъачагъазул инжитлъи. Нилъер улкаялъул ва республикаялъул кинавниги 300 чи камуна гьеб рагъулъ.

Гьебго соналъул 4 сентябралда террористаз Буйнакск шагьаралда кьвагьизабуна гIемерал хъизаназ жаниб гIумру гьабулеб мина, гIумруялдаса ватIалъана 64 нилъер ватIанцояв.

2002 соналъул 9 маялда КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босараб къо кIодо гьабулаго ракIарарал гIадамазул нухда бомбаги лъун, Каспийскалда чIвана 42 чи, гьезда гьоркьор рукIана лъималги.

    Гьел, къадалъ кьабурал магIал гIадин дир ботIролъ хутIарал балагьалъул хIужабазул хал гьабидал, цебе рехун бачIуна лъазабураб рагъги гьечIеб доб заманалда нилъер республикаялде гьел вахIшиял ишал гьаризе къватIисел пачалихъаздаса гIадамал рачIинчIолъи ва гьаб нилъер, дагъистаниязул пиша букIиналъул хIужа. Гьеб букIана жиндир заманалда нилъер бербухьинабураб кинниги улка бахун къватIиса рачIарал жасусаз Дагъистаналда бекьараб балагьазул хьоналдасан бижараб «пихъ». Гьелдаса нахъе сонал ана, амма экстремизмалде данде гьарулел тадбиралги гьаричIого, тIубанго гIодоцун чIезе бегьунгутIи бихьулеб буго дунялалда кколел лъугьа-бахъиназдасан ва Россиялде данде Америкаялъ ва БакътIерхьул улкабаз гьабулеб якъинаб рагъалдасан. Дунялалда бугеб хIалуциналъ нилъеда гьеб бихьизабулебги буго, цIодорлъи гьабичIони, терроризмалъул балагь нилъехъе тIадбуссун щолеблъи.

Республикаялъул хIукума­талъе ва жамгIиял гIуцIабазе гьеб унтиялде данде рагъ баялъул рахъалъ щун буго лъикIаб хIалбихьи, гIун бачIунеб буго гьелде данде къеркьон бажарулеб гIолохъанаб гIел. Гьезда бихьана, халкъалъе гьеб зулмуги гьабун, рохьаздеги ун, гIумруялда жаниб талихI батарав чи гьечIолъи, гьелъул гIаксалда, гьеб гьесул талихIкъараб мех букIин.

   Арал 90-абилел соназда терроризмалъул хIасилалда эбел-эменги гIумруялдаса ратIалъун, республикаялда нус-нус лъимер бесдаллъана, гьезул чангояз лъималазул рокъор ялъуни чияр хъизамазда гIумру гьабизе ккана. Ахирал соназда, республикаялда терроризм гIодоциналдалъун ракълилаб гIумру унеб буго ва гьелъул берцинлъи нилъеда бихьулебги буго. Гьеб буго нилъер обществоялда гIадлу-низам цIуниялъулгун цадахъ киналниги идарабаз гьабулеб жигараб хIалтIул хIасил. Гьеб захIматаб кьеркьеялъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло жакъа къоялде 9 дагъистанияв мустахIикълъана Россиялъул БахIарчиясул цIаралъе. Гьезда гьоркьов вуго, Каспийск шагьаралда гьел хъачагъазде данде гьабулеб кьвагьа-гIанхъиялъулъ 2005 соналъул 15 январалда хвалил ругъун щварав СОБРа­лъул командир, дир гьитIинав вац Арзулумги. ГIумруялъул гIажаиблъи бихьулищ — гьесул гьавураб къоги ккола Россиялдаго терроризмалде данде рагъбалезул цолъиялъул къолъун ч1езабураб 3 сентябралда цебесеб къо. Исана гьес тIубалаан гIицIго 69 сон. Гьединал бахIарчилъиялъул мисалал Дагъистаналда гIемер руго.

Терроризмалде данде рагъбалезул цолъиялъул къо кIодо гьабиялъ рес кьола республикаялда киназго гьабулеб ишалда жаниб цолъи букIинабизе.

   Жиндирго бутIа гьеб ишалъулъ лъолеб буго республикаяялъул бетIерасда цебе гIуцIараб ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъги. Дагьал церегIан къояз «ЖамгIиял гIуцIаби районалда цIикIкIинари мурадалда районалъул администрациялъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ» абураб суалгун Советалъул данделъи тIобитIана 1999 соналда хъачагъазде данде гьабулеб рагъул цебесеб кьерда букIараб Бо­лъихъ районалда.

З. Ильясов