ГIадамал хинлъи гьечIого тезе бегьуларо  

 

 

     17 ноябралда, ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана данделъи. Гьениб бицана 2021-2022 соназ хаслихълъиялдегун хасалиде ЖКХялъул объектазул бугеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. Гьеб хIалтIи унеб бугеб куцалда хадуб халкквезе ва гьелъул иш рукIалиде ккезабизе гIуцIун буго хIукуматалъул нухмалъулев ГI. ГIамирхановасул нухмалъиялда гъоркь оперативияб штабги. Щибаб моцIалъ штабалъул гIахьалчагIаз хал гьабизе руго цере чIарал масъалабазул.

 

      Данделъиялда кIалъарав республикаялъул Энергетикаялъул ва ЖКХялъул министрасул ишал тIуралев Ризван Мурадовас баян кьуна гьеб рахъалъ республикаялда гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ. Гьес бицана, аслияб куцалда, хасалиде гIураб хIадурлъи бугин ва абуна газалдалъун хьезаричIел бакIазда ругел социалиял объектазда хинлъи чIезабиялъе 13538 тонна тIорччол нахърателги гьабун бугин. ПалхIасил, жакъа къоялде ЖКХялъул объектал хасалиде хIадурго руго 98 проценталъ. Республикаялъул тIолалго муниципалиял гIуцIабазул социалиял объектал хьезарун руго хинлъиялдалъун. Р. Мурадовас бицухъе, цоцо квекIенал дандчIвалел руго токалда ва лъеда. Гьединлъидал гьеб рахъалъ гьарулел хIалтIабиги хIукуматалъул хасаб бербалагьиялда гъоркь руго.

 

     Халкъалъе гьабулеб хъулухъалъул даражаялъул хIакъалъулъ бицун данделъиялда кIалъана ДРялъул Пачалихъияб жилищнияб инспекциялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Касьянов, МахIачхъала шагьаралъул бетIер Салман Дадаев ва цогидалги.

 

Коммуналияб магIишаталъ хасалиде дандчIвай гьабулеб бугебали цIех-рех гьабизе ниж щвана МахIачхъалаялъул ЖКХялъул управлениялъул нухмалъулев Шамил МухIамадовасухъе. Гьесул рагIабазда рекъон, централияб отоплениялъул ва хинабгун цIорораб лъим кьолел рогIразул хал-шал гьабун, хисизе кколелъур хисун, къачIазе кколелъур къачIан хIалтIаби гьарун руго.

 

— Исана дунял цудунго цIорозе букIинги хIисабалде босун, нижеца хIалтIабиги цереккунго гьаризе байбихьана. Отопление, хинабгун цIорораб лъим кьолел рогIралго гIадин, нижеца къачIана канализация, гIемертIалаял минабазул тIохал, подъездал, ай квер бахъана нижер жавабчилъиялда бугеб шагьаралъул магIишаталда. Хасалиде хIадур ругин абурал паспортал кьуна 1772 гIемертIалаяб минаялъе.

 

— ЦIакъго цIорораб заманалда токалъул мухъазда ялъуни отоплениялъул системаялда авариял ккани, хехаб къагIидаялда гIунгутIаби тIагIинарун бажарулищ шагьаралъул ЖКХялъухъа?

 

— Гьединал лъугьа-бахъинал ругони, бакIазде ун, гIунгутIаби тIагIинарулел хасал къокъаби рукIуна газалъул, токалъул, лъел жаваб кьолел идарабаз чIезарун. Токалъул бицани, авария ккарал мухъал къачIалебгIан мехалъ, гIадамазе канлъи кьола цогидаб, ай нахъраталилаб мухъалдасан.

 

— Гьедин батани, щайха тахшагьаралда яги гьелда гъорлъе унел поселоказда токалъул къварилъи ккедал, хехаб къагIидаялда цогидаздасан биччалареб?

 

— Биччала. Ахираб заманалда гьединал хIужабазде цIикIкIун кьолеб буго кIварги. Мисалалъе, лъел бицани, гIемерисел гIемертIалаял минабазда руго лъим цIунулел рогIрал. Авария ккун бугони гьездаса минабазде лъим кьабула кIиго-лъабго къоялъ. Гьединго токалъулги, ай трансформатор бухIун бугони, гьеб къачIазегIан ток кьола бищунго аскIобегIан кколелдаса. ПалхIасил, гIадамал квачакъго толаро. Амма кидаго гуро нижее бокьухъе кколебги. РукIуна цо-цо цIакъго рес къотIараб ахIвал-хIалги.

 

— ГIазу-цIад бани, цебе гIадин, гIалагъважа букIине бугищ шагьаралъул къватIазда?

 

— ЦIорой ккелалде нижеца исана кинабго хIисабалде босун буго. ТIоцебесеб иргаялда, къачIан буго къватIаздаса гIазу хъвалеб техника. Гьеб хIалтIи тIубазе буго «МахIачхъала-1» МБУялъ. Нухаздаса цIер биинабизелъун хIадурун буго 800 тонна салул, 40 тонна химиялъул реагентазул ва 70 тонна цIамул. Гьединго рацIцIад гьарун руго канализациялъул рогIрал, люкал. ГIемертIалаял минабазда хадур рухьинарурал хъулухъ гьабулел компаниязги тIоритIана хал-шал гьабиялъул тадбирал. Гьез нижехъе кьурал баяназда рекъон, гьабсагIаталда гIунгутIаби ругел бакIал гьечIо.

 

Темирхан ХIасанов