Премьерги довго, масъалабиги гъолго

 

    28 октябралда тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессия

  Сессиялъул байбихьуда Халкъияб Собраниялъул депутатаз хIукму гьабуна Сулейман Керимовасул мандат Малик Баглиевасе кьезе, хадур цо-цо бакIазде мировой судияллъун Дагъистаналъул Верховный Судалъ рихьизарурал чагIи гьенир тасдикъ гьаризе.

 

Маскаби гьечIолъиялъул бадибчIвай

 

  Республикаялъул бетIер Сергей Меликовас бадирчIваял гьаруна Халкъияб Собраниялъул нухмалъиялъе гьез маскаби рачIогойилан. Нуж ругила халкъалъе законал рахъулел чагIи, гьанже телевидениялдасан гьаб сессия бихьидал, маскабиги рачIел нужеда гIадамаз щибин абизе бугеб, жидецаго гьабулареб жидеда гьабизабизе лъугьун ругин абилин.

Гьединлъидал Меликовас лъазабуна жинца Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасда тIадкъазе бугин Халкъияб Собраниялда жаниб пост лъейин абун. Гьелъул хIасилалда маска хечIев депутат сессиялде виччазеги гьечIин. Сергей Меликовас абуна сессия гьаб хабаралдалъун байбихьи мурадги букIинчIин. Гьелъие аслияб гIилла букIана ДРялъул хIукуматалъул председателасул хъулухъалде ГIабдулпатахI ГIамирханов вихьизави. Амма гьелъул хIакъалъулъ бициналде Меликовас тIадчIей гьабуна чара гьечIого тIуразе кколел ракьул суалазда. Гьедин гьев хъулухъалде вачIун тIоцересел къояздаго байбихьун букIана ракьазул инвентаризация гьабизе. Федералияб шагьранух ккун унелъул, цере рехун рихьулин тIири пайдаги босичIого, гIуру къазе тарал яги заз-хъарахъалъ рацарал ракьалин бицана С. Меликовас. Гьединго гьабсагIаталда хъутабазул ракьаздаги хъвазе гьечIин абуна гьес, щайин абуни гIемер чиясда хъатIулеб суал кколила гьеб. Гьесул пикруялда рекъон, ракьул суалал цойиде ккунгутIиялъ рачIунел гьечIо нилъехъе цо-цо мехалда инвесторалги. Гьелда бан рагIалде рахъунел гьечIо инфраструктура гIуцIиялъул суалалги. Гьединлъидал киналго рахъалги хIисабалде росун хIалтIизе ругин бицана республикаялъул бетIерас.

 

ГIамирханов cабаблъун

 

ГIабдулпатахI ГIамирхановасда гьеб хъулухъ тIадкъан букIана лъагIалица цебе. Меликовасул пикруялда, гIезегIан захIматаб сон букIана гьеб. ГIамирхановас хIаракат бахъана хIукуматалъул хIалтIи мухъде бачине, цIиял проектазда тIад ургъизе. Гьес рихьизарурал хIасилазда рази вугоан Меликов. Амма социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетIеялъулъ абизегIанасеб туркIи ккечIинги тIаде жубана С. Меликовас. Гьелъие рукIанила хасал гIиллабиги. Масала, 2021 соналъе гIуцIараб бюджет кколароанила ГIамирхановас къабул гьабураб. Меликовасул рагIабазда рекъон, ГIамирхановги гьесда сверухъ ругел чагIиги сабаблъун федералияб централъухъа Дагъистаналъе щун буго 10,5 млрд гъурщил къадаралда инфраструктурияб кредит. Гьеб харж гьабизе буго «ЧIикIаб-МахIачхъалаКаспийск» абун, Избербашалде щвезегIангицин лъел рогIоро бачине. Гьединго ГI. ГIамирхановас нухмалъи гьабураб хIукуматалъ хIаракат бахъун буго МахIачхъалаялдагун Каспийскиялда коллектор базе. Ралъдал рагIалда ругел шагьараздаса чороклъи ралъдалъе чвахулеб букIиналда бан ахIи буго экологазул. ГIамирхановас нухмалъи гьабураб хIукуматалъул ишазда хурхун гIезегIан мисалал рачана Меликовас: цIолбохъанлъиялъулгун гьан гIезабиялъул рахъалъ республика улкаялдаго цебесеб кьерда букIин; салуде сверулел ругел Нугъай районалъул ракьал сах гьариялде федералияб централъул кIвар буссинаби; школалгун больницаби раялъул иш цебе бачин; тIабигIиял балагьал ккарал бакIал рукIалиде рачиналъе квербакъи гьаби. ПалхIасил, ГIабдулпатахI ГIамирханов ДРялъул хIукуматалъул председательлъун вищиялъул рахъккуна киналго депутатаз. Гьелъухъ баркалаги кьун, ГIамирхановас бицана социалиябгун экономикияб рахъалъ церетIеялъе Дагъистаналъул ругел ресазул. Амма нилъ цогидал регионаздаса гIемерго нахъе ккун ругин тIадеги жубана гьес. ГI. ГIамирхановас бичIчIизабуна хIалтIизе ругин, дагъистаниязул гIумру кагътида гуребги, хIакъикъаталдаги лъикIлъизабиялъе гIоло.

З. ХIАЖИЕВА