Рахьдал мацIазул тIугьдузул квацIи

 

 

«Соцветие» абураб цIаралда гъоркь Гъизилюрталъул №9 школалда тIобитIана Дагъистаналъул маданияталъулги мацIазулги къоялъул хIурматалда гIуцIараб форум. Гьелда гIахьаллъана ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гIелмиял цIех-рехазул институталъул (ДНИИП) вакилзабиги Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул хIалтIухъабиги.

Форумалда бицана рахьдал мацIалги маданиятги цIуниялъулгун церетIезариялъул ва гIолеб гIелалъе гьезул кьучIалда мугъчIвалеб тарбия кьеялъул хIакъалъулъ. ДНИИПалъул директорасул заместитель Низами СапаргIалиевас гьадинаб хитIаб гьабуна форумалъул гIахьалчагIазде: «МацI ккола миллиябгун маданияб рахъ цIуниялъул аслияб шартI. РачIа нилъер умумузул гIадат-гIамалалъе ритIухъаллъун рукIине, рахьдал мацIги маданиятги цIунизе, нилъер кьалбаздаса чIухIизе кколеблъи лъималазда малъизе, тарихияб бечелъи рукIинесел наслабазеги щолеллъун гьаризе», — ян.

ЦIалана докладал, бихьизабуна Дагъистаналъул халкъазул мацIазул квацIи загьирлъиледухъ гIуцIараб концерт ва гьелдаса хадуб тIобитIана «Миллияб маданият цIуниялъулъ рахьдал мацIалъул кIвар» абураб тема гьоркьоб лъураб гургинаб стол.