ТIадаб налъи мустахIикъаб куцалда

 

      4 октябралда «Замана» газеталъул редакциялда тIобитIараб данделъиялда ДРялъул рагъулав комиссар Дайитбег Мустафаевас бицана ха­салилаб призывалда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда рекъон, исана ихдалилаб призывалда Дагъистаналдаса рагъулаб хъулухъалде ахIизе кколаан лъабазаргогIанасев гIолохъанчи. Гьеб планги тIубана 100 проценталъ.   

      Хасалил призывалда тIолабго Рос­сиялдаса ахIизе ккола 126 азарго призывник (гъоркьисаялде дандеккун гьеб къадар дагьаб буго). Югалъулаб рагъулаб округалъул штабалъ чIезабураб планалда рекъон, ихдалго гIадин, хасалоги Дагъистаналдаса вачине вуго лъабазаргогIанасел гIолохъаби. Гьез хъулухъ гьабизе буго армиялъул батIи-батIиял тайпабазда, гьездаго гьоркьоб ВДВялдаги (ихдал цониги дагъистанияв ккечIо гьениве), Росгвардиялдаги. 700-гIанасев дагъистанияс хъулухъ гьабулеб буго контракталда рекъон, 450-гIанасев цIалулев вуго аскариязул тIадегIанал цIалул учреждениязда.

     Армиялде гIолохъаби ахIиялъул тадбирал унел руго чIезабураб низамалда рекъон, коронавирусалдаса ва хасалил сезоналда цIикIкIунел цо­ гидал рахунел унтабаздаса цIуниялъул киналго шартIалги цIунун. Му­стафаевас абухъе, гъоркьиса республикаялъул прессаялдасан къватIибе бачIана рагъулаб комиссариаталъул, армиялде призывникал ахIулел ко­ миссиязул хIалтIи бихьизабулеб 400-гIанасеб макъала-баян. Гьелъухъ гьес журналистазе кьуна баркалаги.