РакIалдещвеязул халатаб рахас

 

 

    1974 соналда ДГУялъул биологиялъул факультет лъугIарав дун витIулев вукIана Советск (Шамил) районалъул Дагъбаш росдал микьгосонилаб школалъул директорлъун хIалтIизе. «Нух гуреб, ток гьечIеб, доба кибалиго рикIкIад бугеб росулъе унаро», — ян тIирун чIана. Хадуб райОНОялъул заведующияс лъазабуна Ругъелда росдал школалъул завучлъун хIалтIизе ине кколин.

 

   Къелеве витIулев вугин бициндал, дирго росдал (ГьентIа) гIадамаз абуна къелесел ругин кутакалда лъикIал, гьалбал хириял чагIи. Гьениве витIулев ватани, расги ургъичIого сапар бухьейин абун.

   Хулжазда жаниб гIиялъажоялъул къулагIиги лъун, дир эмен чоде вахана ва, мун нилъер гьалбазда вихьизавизе кколинги абун, ниж сапаралъ рахъана. Нахъисеб къоялъ эмен нухда регIизе дун Ругъелда росу ахада букIараб больницаялда аскIове ана. Къан дир кверги бачун, «къапун чIаян» къокъабго каламги гьабун, эмен ана. Сверулъа гьев тIерхьиндал, дир бадиб магIу хулана. Къваридаб кIкIал, гIоралъ кьоги ун, гьечIеб нух, басрияб школа, лъаларел гIадамал…

    Гьениса вуссунаго, гьоболасул лъималазе конфетал росизеян тукаде щварав дида тукенчи ГIабдукаримил МухIамадица абуна: «Кьо гьечIо, нух гьечIо, почалъул чоца баччун гурони тукаде къайи щоларо. ГIаракъиги, килькаялъул банкабиги, цIамги, спичкабиги гуреб тукада щибго гьечIо», — ян. Гьеб харбица кIудияб ургъалилъеги ккезавуна. Амма гIададисел ратана дир ургъалаби, гIагарав чи гIадин къабул гьавуна школалъул коллективалъ.

   БитIараб батана къелдерие гьентIасез кьураб къиматги: къелесел ратана сабураб гIамал-хасияталъул чагIи. Гьенив дун хIалтIараб лъабабго соналда жаниб къелдерил кIкIалахъ ккечIо цониги рагъ-кьал, хIажат гьечIеб дагIба-рагIи. Гьелъул гIаксалда, бертин-туязда, рохалилал данделъабазда, байрамазда букIунаан лъугIиго гьечIеб сухIмат, кечI-бакъан, махсара-хочI.

 

    Бицинин Ругъелда росдал жамагIаталъул букIараб цо берцинаб гIадаталъул хIакъалъулъги. Хасалоде бакъвараб гьанал ва хIунтIелазул нахърател гьабизелъун гIи-боцIи хъвехъулеб хаслихълъиялъул моцIазул сардал росдал агьлуялъ тIоритIулаан унго-унгоял байрамал гIадин. Росулъ хIайванал хъвехъулаан ирга гьабун. Хъураб хIайваналъул лъабил бутIа цIетIеги ккезабулаан. МаркIачIуда хъвехъари гьабурасул бакIалде бакIарулаан жамагIат. Хважаинас гьенире ахIулаан зурмихъабигун къолохъаби, кочIохъаби ва махсарачагIи. Кваналеб гьан, гьекъолеб чIагIа, ахIулел кучIдул, тIоритIулел батIи-батIиял хIаял, рогьинегIан сухIматалъулаб пуй-кьаби, хIатIал сваказегIан кьурдулел гIадамал. Гьеб тадбир букIана модаялда ва тIобитIулаан тIубараб моцIалъ, ай хъвехъари лъугIизегIан.

     Цоги мисал. Гьоболлъухъ дун гIемерисеб мехалда кколаан Сомоде. Гьенир рукIана нижер тIохол гьобол ГIумар ва гьесул вас ИзрагIил, гьединго, диргун цIакъ данде кколев вукIарав, школалъул библиотекаялда хIалтIулев Набигула. Гьев вукIана унтарав чи. Гьесда лъалаан жив, рикIкIун кьурал къоял тIагIун, къадаралде щолев вукIин, амма дида хIал лъазе течIого, ракIгъеялъе мандолинаялда бакънал рачунаан.

    Къелдерица гьалбадерие гьабулеб хIурмат-хъатиралъул бицунаго, бегьуларо Сомодаса дир гьобол КIодохIмад ракIалде щвезавичIого. Лъадиги хун, лъабго гьитIинаб лъимерги хьихьун вугев чи вукIана гьев. Гьединаб захIмалъиялда вугониги, гьалбадерил мурад тIубазе ва гьезие хъулухъ гьабизе гьесде вахарав чиго ватиларин пикруги гьабулаан дица. «ГIодоркъоязда мун Ругъелда чIоге, нижехъе вачIа», — ян лъазабуна гьес. Кидаго разияб гьумер, рукъалъул къварилъиялъул хIал лъазе течIого, цебе лъолеб тIагIам, велъун гурони гьабулареб калам, тIадчIараб адаб-хIурмат… Камилаб гIамалхасияталъул инсан вукIана мунагьал чурад.

   Цоги мисал. ХъапустIан бичизе Сомоде вачIана дир инсул вац ХIусен. Гьесие кумекалъе дунги ана гьениве. Къаси ниж гьоболлъухъ ИзрагIилихъ рещтIун рукIана. ГьентIаса гьоболасул ракIгъезабизеян, зурма-къалиги босун, маркIачIул гIужалда Сомоде рачIана Ругъелдаса зурмихъан ГъазимухIамадил МухIамадги къолохъан ГIумарил МухIамадил ХIажиги. Пуна-кьабуна, кьурдана, кечI ахIана, тIубараб сухIмат, ай ун го-унгояб ихтилат-кеп гьабуна нижее гьел хIалчIахъадаз.

   Ругъелда росдал школалда дир букIараб хIалтIи-хъулухъалъул бицинаро, амма школалда ккараб кIиго кепаб лъугьа-бахъин ракIалде щвезабичIого гIоларо. Дун гьенив хIалтIулеб кIиабилеб соналъул декабрь моцI букIанин ккола. МахIачхъалаялда экзаменазда вукIана тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель ТIайгибил МухIамад. Лъай-махщел камил гьабизе, директор Ахкубеков МухIамад кIиго моцIалъ пединституталде цIализе унев вукIана. Гьединлъидал дида тIаде бегана школалъул тIалабчилъи. Дие «къиматал тIадкъаялги» кьун, директорас дихъе бегьана школалъул печать, хадуб, сейфги рагьун, жаниб бугеб спирталъул шишаги бихьизабун, абуна: «Вореха, дуца гьаниб спирт букIин лъазе тоге, лъани, лъикIаб бицун, квешаб бицун, гьал хIалчIахъадаз дуе хIалхьи толаро», — ян. Директор ун нахъисеб къоялъго рачIана «хIалчIахъадал», цин веццана, цинги какана дун, чара щиб, кьуна спирталъул шиша. Щаяли лъаларо, тIадвуссун хадуб Ахкубековас спирталъул цIар бахъичIо.

   Цоги лъугьа-бахъин. Школалда букIинчIо телефоналъул бухьен. ХIебдаса ахIулеб бугилан, векеризе кколаан рикIкIада бугеб почалде. Гьеб чIалгIарав дица почалъул начальник МутIалимида гьарана школалда телефон лъезе кумек гьабеян. КIиго сагIаталдасан школалда телефоналъул зваргъи бахъана. КIудияб бахIарчилъи гьабурав чи гIадин, телефон лъун бажариялдаса чIухIун вукIана дунги. Амма директорасе къабуллъичIо школалде телефон бачун бати. Къварилъунги лъугьун, гьес абуна: «ЦIакъ къваригIел гьечIеб хIалтIи гьабун буго дуца. РегIараб-регIичIеб заман цIехечIого, ХIебде ахIула, ккарабги ккечIебги хIалтIи малъула, дудаго бихьила школалъул хIалтIуе телефоналъул букIунеб квалквал», — ан. Квалквал букIарабищали лъаларо, амма учительзабазе гьелъул саламатаб квегIенлъи ккана.

   Цо нухалъ Къелеве унаго ккараб хIикматаб хвасарлъиялъул хIакъалъулъги бицина. ОНОялъул данделъабаздеги ун тIад вуссунаго Ругъелдеги киданиги унароан дун, гIагараб росулъе щун гурони. Доб нухалъ ХIебде данделъиялдеги дун ана ГьентIа росдал школалъул учительзабигун цадахъ. Гьениса лъугIидал, учительзабазул харжалъул гIарацги сумкаялъуб сокIкIун, дица нигат гьабуна къелдерил кьотIасан Ругъелде тIад вуссине. КватIун гурони щвечIо ЛъаратIе унеб машина, дунял рукIкIине байбихьулеб заманалда щвана кьодухъе. Январь моцI, цIороца тIасан бацараб гIор, гIорда тIасан цIараб бица таб маххул кварида далараб цIулал ящикалда рекIун ани гурони, цебехун гьечIеб нух. Киданиги гьединаб ящикалда рекIарав чи вукIинчIо дун. «Я Хизри, я Илясанги» ахIун, диего яхI-махIги кьун, вахана ящикалъуве. Дир хIалалъ гIодобе цIазабураб ящик, гIор бакьулъе щвезегIан, гъираялда цебехун ана. Гьелдаса хадуб эхедерай букIана ва ящик кутакалда хьвагIезе лъугьана. Маххул кварида квер базеян лъугьарав дихъа гIурулъе бортун унеб букIараб гIарцул цIураб сумка кквезе щвеялъул жакъаги гIажаиблъи гьабула дица. Сумка бортун букIарабани, гьелда хадув дунгоги гIурулъе кIанцIизе кколаан. Сумкаги хIатIазда гьоркьоб лъун, дица хIалбихьана ящик цебехун бачине, билълъинчIо. Ящикалда букIинчIо гьеб цебехун цIаялъе чара гьечIого къваригIунеб квар. Гьабизе жо тIагIарав дица, вахъунги чIун, квераз ккуна маххул квар ва эхедераялда ящик цебехун дургъана. Жакъа гьаниб хъвараб гурони, дица лъиданиги бицунги букIинчIо гьеб ахIвал-хIалалдаса дунго хвасарлъиялъул хIакъалъулъ.

    Къелесел руго ихтилат-кеп бокьулеб, сухIмат-кечI хирияб, квана-гьекъезе лъалеб, дагIба-рагIи рихараб халкъ. Гьединлъидал гьезул бертин-туйги кидаго сверулаан унго-унгояб байрамалде. Гьезул кьурдаби руго гьидерил гIадал, амма гьезулъ буго цо батIияб берцинлъи, дангъва ва хаслъи. Гьединаб дангъваялда ва жигаралда кьурдулеб халкъ магIарулазул батиларо. Гьебни щиб гурин, къелдерил бертабалъ чара гьечIого букIунаан, кибго гьечIеб, рагIичIеб, сапа абулеб гIолохъабазул спорталъулгун кьурдул къец. Жакъаги гьелъухъ урхъун, гIащикълъун рукIуна къелесел. Гьелда бихьизабураб чIаголъиялде балагьун, жамагIаталъ къимат кьолаан гIолилазул яхIалъе ва къохIехьеялъе. Пайда щиб, бертабалъ гьекъолеб жо букIунеб бугилан багьанаги батун, рухIанияз къелдерил жамагIат гьеб рохалилаб тадбиралдаса махIрум гьабун буго. Тарихалде ана Дагъистаналда цIар рагIараб, хIатта Россиялъул ва къватIисел пачалихъазул халкъал хIайран гьарураб къелдерил бертадул кьурдаби. Дица гьеб кIудияб гъалатIлъун рикIкIуна ва тIадеги абила: къелдерил бертадул камилаб тадбир цIи гьабизе кколин.

    Къелдерица дие лъабго соналъ чед кьуна, гьениб камиллъана учителасул махщел, цониги чияс тохаб рагIи абичIо. КигIан къваридаб букIаниги, берцин бихьула дида гьайбатаб хасияталъул, сабураб гIамалалъул, лъикIлъиялъе гурони рагIи бицунареб, къварилъи ккарасухъе рахIмуялъул квер бегьизе хIадурал, ккараб къо борхулел чагIазул къелдерил кIкIал.

    Гьал ракIалдещвеязул анищаз цIидасан вачана дун Къелеве. Пикрабалъ ва хьулазулъ дандчIвана гьудул-гьалмагъзабигун, гьалбалгун ва цере рукIарал ишцоялгун. Гьезул «щвабищ, гьобол» абун кьолеб саламалъулъ буго лъикIлъигIаданлъи, бачунеб кверазулъ буго хинлъи, балагьарал беразулъ – хIеренлъи ва адаб. Гъира буго дир иргадал нужер щивасда къвал базе, нужергун махсара-хочIалъул накъиталда вукIине. Нужеца дие кьураб тIагIамалъухъ, гьабураб хIурматалъухъ, къваригIараб къоялъ кумекалъе бегьараб квералъухъ киназего кIудияб баркала. Гьебго лъикIлъиялда ва гIаданлъигIадатлъиялда даималъго таги къелдерил агьлу.

Нури НУРИЕВ