БахIарзал ракIалде щвезаруна

 

     Шамил районалъул МачIада росдал ракьалда бугеб лъималазул сахлъи щула гьабиялъул лагералда тIобитIана Пашманлъиялъул ва ракIалде щвезабиялъул тадбир. Гьелда гIахьаллъана Дагъистаналъул бетIерасул кумекчи АхIмад ГIабдуразакъов, Пачалихъияб Думаялъул депутатасул кумекчи, «Белоруссия-Дагъистан» проекталъул нухмалъулев Керимхан ГIумаханов, Афгъаналъул рагъул ветеран, гIолилазул мустахIикъав насихIатчи МухIамадрасул Сулеманов, Шамил райо- налъул бетIерасул заместитель Камил МухIамадов ва районалъул Культураялъул рукъалъул директор ГIабдулгъапар ГIабдулмухIамадов.

 

 

   Лагералъул директор ГIалихIажи Расуловас къокъго ракIалде щвезаруна КIудияб ВатIанияб рагъ- да хварал солдатал ва халкъияб магIишаталъе ккараб зарал.

   Лагералъул лъималазде хитIаб гьабун, АхIмад ГIабдуразакъовас абуна: «81 соналъ цере нилъер ватIаналде тIаде кIанцIана немцазул фашистал. Советияб улкаялъул кинабго халкъалъ хIехьезе ккана гIемераб гIакъуба-гIазаб, ракъи-къеч. Цо хъизан гIадин, нилъер халкъ бахъана тушманасда данде. Советияб улка гуребги, БагIараб Армиялъ фашистаздаса эркен гьабуна Европа, тIолабго дунял. ВатIан бокьулев чи вукIине ккола лъай бугев, лъикIаб тарбия щварав, сахав, гIадамал рокьулев, спорт хирияв. Гьединал чагIазда нахърилълъуна гIадамал, гьез цIунула ватIан. Нуж, лъимал, гьединаллъун лъугьиналъе квербакъила нижеца – чIахIияб гIелалъ. Нуж ккола нилъер ватIаналъул букIинесеб. Ясбер гIадин нужеца гIагараб ВатIан цIунизе букIиналда ниж божула», — ян.

Гьеб кIалъаялдаса хадуб, «нуж нижеда божизе бегьула» абураб магIнаялда, Россиялъул ва Дагъистаналъул байрахъалги хьвагIезарулаго, ясаз бихьизабуна «Россия – гьеб ккола къуват» абураб флешмоб.

   Лагералда бихьанщиналдаса разилъарав К. ГIумахановас абуна: «Белоруссиялде гIунтIун, гIемерал лагеразде щвана дун, амма хIухьбахъиялъе, спорталъе, батIибатIиял кружоказул хIалтIуе, квен-тIехалъе гьанир чIезарун ругел шартIал рихьидал, дун вохана. Баркала гьадигIан берцинаб лагерь гьаниб баразе ва лагералда гьадинаб камилаб хIалтIи гIуцIаразе. Гьале гьалъие гIоло рагъана ва тушманасда тIад бергьенлъи босиялъе жидерго гIумру кьуна доб рагъул бахIарзаз. Гьеб киналъулго къимат гьабизе, ВатIан цIунулаго хвара- зул цIарал рекIелъ цIунизе ва доб рагъул гIахьалчагIазул гьунаралъе ритIухъаллъун рукIине тIадаб буго нужеда – доб кьварараб рагъул бахIарзазул ирсилазда», — ян.

    К. МухIамадовас баркала кьуна, лъикIаб даражаялда тадбир нухда бачаралъухъ, лагералъул лъималазе ва тарбиячагIазе. Гьес абуна: «Нужер лъикIаб цIали, мисалияб хьвада-чIвади ва спорталда росулел бергьенлъаби ккола нужеца дол бахIарзазе кьолеб баркала. Гьаб лагералда нужее чIезарун руго лъикIал шартIал, гьездаса пайдаги босун, пайдаяб хIухьбахъи тIобитIизе тавпикъ кьеги киназего», — ян.

Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб гьеб лагерь ккола спортивиябгун туристияб рахъаз хIалтIи гIуцIараблъун. Жакъа гьениб хIухьбахъи гьабулеб буго батIи-батIиял шагьараздаса ва районаздаса 300 лъимералъ. Лагералда хIалтIулел руго хореографиялъул, суратал рахъиялъул, футболалъул, шашкабазулгун шахматазул, хIатIул гIиси-бикъинал жал гьари (лепка), литературияб рагIун цIали гIадинал кружокал.

    Лъималазда гIагараб ракь лъазабиялъе тIоритIула сапарал ва экскурсиял. Гьедин, лагералъул лъимал щвана ГьентIаб росулъ бугеб, Алхасовасулин абулеб, бечедаб тарихияб музеялде ва цоцада тIатIала бугеб кIиго гьайбатаб чвахелоялде (гьезул борхалъи 15 ва 31 метр).

Гьениб гIалим ХIабибула МухIамадовас лъималазда малъула Къуръан цIализе ва битIун как базе.

Нури Нуриев