Жиддаялда Россиялъул дипломатазул 130 сонилаб тарих

 

  29 марталда МахIачхъалаялда, Миллияб библиотекаялда, тIобитIана дипломат, тарихиял гIелмабазул кандидат Багьавудин ГIалиевасул лъабабилеб тIехьалъул презентация.

   «Первое в Аравии. История Генерального консульства России в Джидде (1891-2021)» абураб гьел- да бицунеб буго ГIарабазул бащдаб чIинкIиллъиялда Россиялъул офи- циалияб вакиллъи рагьаралдаса араб 130 соналда жаниб ккараб тарихалъул хIакъалъулъ. ГьанжелъагIан букIун гьечIо гьединаб магIнаялъул тIехь.

   Багьавудин ГIалиевас гьеб хъван буго кIиго соналда жаниб.

    Презентациялда гьес бицана гIезегIан кIудияб тарих бугила гьеб генконсуллъиялъул, гIараб улка- базда хIалтIулаго, рукIа-рахъин язихъаб, сверухъ бугеб ахIвал-хIал хIинкъараб букIиналъ пашманаб къисмат ккарал посолалги чанги кканила. Масала, 70 километр гурони гьоркьоб гьечIеб Жиддаялдаса Маккаялде унаго нухда кIиго къо балеб букIун буго. РукIа-рахъиналъул шартIазул бицани, лъабго миллион чияс жаниб гIумру гьабулеб Жидда шагьаралда чанго соналъ цебе гурони канализацияцин гьабун гьечIо.

    Гьединго тIехьалъ квербакъила хIажизабазда хурхараб тарих лъаялъеги. Хасго Татарстаналдаса, Башкортостаналдаса гурони, хIеж борхизе Кавказалдаса унел рукIарал гIадамазул бицарал бакIал къанагIат гурони дандчIваларин абуна Б. ГIалиевас.

    Жиддаялда Россиялъул генконсуллъун Багьавудин ГIалиев тIамун хадуб хIажизабазе бигьалъанин цоцо суалал тIуразеян бицана презентациялда Дагъистаналъул халкъияв поэт, «ХIаж-миссиялда» хIалтIулев вукIарав МухIамад ХIамзаевас. Официалиял кагъталги хъван цере гIезегIан заманаялъ балагьун чIезе кколел рукIун ратани, гьес телефоналдасан кIалъан сордо-къоялда жаниб бокьараб мехалда тIубалаанила хIажизабазулги, дора цIалулел студентазулги, даран-базаралъ рачIаразулги суалал.

   Багьавудин ГIалиев сабаблъун кьолеб букIун буго нилъер гьаниса хIажизабазе тIадеги квотабиги.

     «Гьесул гIадатлъи бихьизабулеб цоги хIужа рехселин. Маккаялдаса ГIарафат магIарде гIадамал раччулеб къокъаб нух бахъичIеб заман букIана. Гьединлъидал нухда транспорталъул читIирги лъугьун, тIубарал сагIтаз автобусазда жанир балагьун чIезе кколаан хIажизаби. Гьеб соналъ анцIго сагIатниги бана магIарде щвезе. Гьеб мехалда ЦIумадаса чи лъугьана разилъи гьечIолъи бихьизабизе, гьаб щибила жидее кьолеб гIакъуба, жинца жидерго Багьавудиниде гIарз бахъилила. АхIана гьесухъе. Цинги Багьавудиница гьесие жаваб кьуна мун гIодов чIун рагIулила, жив абуни 13 сагIаталъ цого хIатIида вахъун чIун вугила, щибила гьабилеб, гьаб жо хIеж кколеблъидал», — абун бицана М. ХIамзаевас.

  Багьавудин ГIалиевасда тIехь баркизе рачIун рукIана батIи-батIияб заманалда гьесда цадахъ хIалтIарал, лъале-хъвалел, ракьцоял.

З. ХIажиева