Гьанжеги бокьулеб ишалда

Ишцояз, цадахъхIалтIаразвагIага-божаразмашгьурав журналист вахъвадарухъанНигIматулагьНурмухIамадовасда, «Бергьенлъиялъулсолдатал», «ГьезВатIаналъегIологIумрукьуна», «ГIумруялъулхIокIал» абуралтIахьазулавторасда, ракI-ракIалъ баркана гIумруялъул 85 сон тIубай. 

 

НигIматулагь гьавуна КъахIиб (Шамил) районалъул Лъануб росулъ. КъахIиб росдал школаги лъугIизабун, балугълъиялде вахарав гIолилав, НигIматулагь, вачIана МахIачхъалаялде, ва гьес хIукму гьабуна Дагъистаналъул пачали-хъалъулаб медицинаялъул институталде цIализе лъугьине. Хадубги ракIалде ккана рагъулаб училищеялдего лъугьун лъикIилан. Дагъистаналъул рагъулаб комиссариаталъ гьесул документал къабул гьаризе инкар гьабуна.
ЗахIматалъулаб хIаракатчилъи байбихьана бакIал ралеб организациялда хIалтIиялдаса. Хадув хIалтIана МахIачхъалаялъул ччугIил консервал гьарулеб заводалда. ЛъугIизабуна МахIачхъалаялъул дармилгун кулинарияб школа, гьелдаса хадуб цо лъагIелалъ БежтIа росдал школалда учительлъун хIалтIана.
Цо къоялъ гьев вачIана «БагIараб байрахъ» газеталде ва гьенив хIалтIана 50-ялдаса цIикIкIун соналъ. Школалда цIалулеб заманалдаго, НигIматулагьица макъалаби хъвалаан КъахIиб районалъул газеталде. Бокьулаан суратал рахъизеги. Республикаялъулаб газеталда подчитчиклъун хIалтIулагоги, гьес кодоса биччалароан фотоаппарат. КватIичIого гьев тIамуна «БагIараб байрахъ» газеталъул фотомухбирлъун. Гьес махщалида рахъарал суратал рахъа-на «Советияб фото», «Театралияб гIумру» ва цогидал журналаздаги. ГIахьаллъи гьабуна республикая-
лъулал, тIолгосоюзалъулал ва халкъазда гьоркьосел фотовыставкабазда, гьесул хIалтIабазе щвана грамотаби, дипломал. Хасго ракIалдаса унареблъун НигIматулагьие буго, 1970 соналда Москваялда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб выставкаялда гIуцIиялъулаб комитеталъул председатель, СССРалъул культураялъул министр Е. П. Фурцевалъ кьураб диплом.
НигIматулагь НурмухIамадовас гIахьаллъи гьабуна Москваялда, Типлисалда ва цогидал шагьаразда тIоритIарал семинараздаги. Гьесул гIумруялъулъ лъикIаб лъугьа-бахъинлъун ккана Расул ХIамзатовасулгун лъай-хъвай ккей. Гьелъие багьаналъун лъугьана НигIматулагьица, республикаялъул
цо фотовыставкаялда гIахьаллъи гьаби. Гьеб выставкаялде Расул ХIамзатов ахIун вуго Северияб Кавказалда вукIарав ТАССалъул фотомухбир Рудольф Дикица. Гьелъул хIакъалъулъ Расулица гьадин бицунаан:
— Рудольф Дикица гьарун дун ун вукIана суратазул выставкаялъухъ балагьизе. Гьесие бокьун букIана дица гьес рахъарал суратал реццун, насихIатазул тIехьалда хъвазе. Амма дие Дикил гурел, НигIматулагь НурмухIамадовас рахъарал суратал цIикIкIун рокьана, — ян.
Гьеб выставкаялда Расул ХIамзатовасе хасго бокьана, рорхатал мугIрузул КъахIиб районалдаса, росдал хабалалъ чIегIераб ретIелги ретIун чIарай магIарулалъул сурат. Доб заманалда гьединал суратал къанагIат гурони рукIунароан, щайгурелъул суратазул выставкабаздасан рихьизарулаан партиялъул хъулухъазда хIалтIулезул, гIухьбузул, дояркабазул, спортсменазул ва культураялъул хIаракатчагIазул портретал. Хас гьабун гьеб хIужаялде кIвар кьун батила Расул ХIамзатовасги.
Гьелдаса хадуб Н. НурмухIамадов ахIулаан Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ тIоритIулел тадбираздеги. НигIматулагьица гIемерал суратал рахъана Расулилги, гьесул гьудулзабазулгун поэтазулги, хъвадарухъабазулги, машгьурал гIадамазулги, захIматчагIазулги, заводазулгун фабриказул церехъабазулги. Гьел суратаздасан данде гьабуна кIудияб альбом ва гьеб сайгъат гьабуна Расул ХIамзатовасе. Гьеб фотоальбомалдаса гIемерисел суратаз берцин гьарулел руго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул минаялъул къадал, руго гьел Расул ХIамзатовасул музеялдаги, гьез нугIлъи гьабулеб буго кIудияв поэтасул творчествоялъулаб нухалъе.
13 соналъ Н. НурмухIамадов хIалтIана «БагIараб байрахъ» газеталда фотомухбирлъун, литературияв хIалтIухъанлъун, хасав мухбирлъун, кIудияв мухбирлъун, жавабияв секретарасул заместительлъун. ХIалтIудаса тIечIого гьес лъугIизаруна Москваялда, журналистазул централияб рукъалда цере рукIарал кIигосонилал журналистикаялъул лекториял, хадуб Ростовалъул областалъулаб тIадегIанаб партиялъул школалъул журналистикаялъул факультет. Гьедин, хъулухъалъулаб ишалъ гьесда тIаде ккана газеталъул гьурмазда Дагъистана-лъул ихтияралгун законал цIунулел органазул хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ хъвазеги. Пагьму бугев журналистас Дагъистаналъул милициялъул хIалтIухъабазул хIаракаталъул хIакъалъулъ нус-нус макъалаби, очеркал, харбал хъвана. Гьелде тIадеги, гьесул харбал, очеркал ва КIудияб ВатIанияб рагъул ветераназул, ихтиярал цIунулел органазул хIалтIухъабазул хIакъалъулъ хъварал макъалаби, рахъарал суратал гъираялда лъолаан республикаялъул газетазда, журналазда.
КIиго-лъабго рагIи абичIого тIубаларо гьесул лъади, гIумруялъул гьудул Рисалатил ва гьезул лъималазул хIакъалъулъги. Гьелги руго гIадамазе лъикIлъи бокьулел, хIалхъублъи гьечIел, гьалбал хириял чагIи. Гьединго гьел гьесул хьолбохъ чIана НигIматулагьил иргадулаб тIехь басмаялда бахъизе хIадур гьабулелъулги, гьелъул цебелъей гьабулеб тадбиралдаги.
Гьеб тIобитIана Республикаялъул
Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда. Гьенибго тIобитIана 2016 соналда
Н. НурмухIамадовас рахъарал суратазул выставка, хадусеб соналда Авар театралда букIана «Расул ХIамзатов Н. НурмухIамадовас ра-хъарал суратазда» абураб цIаралда гъоркь кIиабилеб выставкаги.
Н. НурмухIамадов ккола ДРя-лъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, гьев вуго Россиялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член, захIматалъул ветеран. Гьесие шапакъаталъе кьун руго ДАССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул ХIурматалъул грамота, РФялъул МВДялъул жанисел аскаразул бетIерав командующиясул грамота, ДРялъул Жанисел ишазул министерствоялъул ХIурматалъул грамота, Дагъоблсовпрофалъул президиумалъул ХIурматалъул грамота, СССРалъул Журналистазул союзалъул ХIурматалъул грамота, Россиялъул Журналистазул союза-лъул диплом.
ГьабсагIаталда НигIматулагь мустахIикъаб хIалхьиялда вуго, амма гьес бокьулеб иш гьоркьоса къотIизе толеб гьечIо. ГIолохъанал мухбирал журналистикияб махщалие цIализарулаго, гьезие жиндирго хIалбихьи бикьулаго, НигIматулагь хIалтIулев вуго «ГIахьвалал-Ашвадо» газеталда.
НигIматулагьил асаразул бахIар-заз яхI-намусалда ва ракIбацIцIадго тIубазабуна жиндирго хъулухъа-лъулаб налъи. Нилъеда къвал бала гIагараб ВатIан бокьиялъул чIухIиялъул асаралъ, гьелъул унго-унгоял патриотал рокьиялъул шавкъалъ. Щаклъи гьечIо, гьединал асарал хъвазе къуват гIола, гьунар бугев ракI-ракIалъ гIагараб халкъги ватIанги бокьулев чиясул, унго-унгояв патриотасул.