Юбилейгун!

   «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ ракI-ракIалъ баркула Рамазанова ПатIиматида гIумруялъул гьайбатаб юбилей. Республикаялъул магIарул радиоялде ячIун, гIолохъанай ПатIиматица 63 сон кьуна магIарул халкъалъе дунялалъул ва республикаялъул гIумруялъул, хирияб миллаталъул ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицунаго.

   ДАССРалъул ва Россиялъул куль­тураялъул мустахIикъай хIалтIу­ хъан, махщелчIужу, захIматалъул ветеран, жамгIияй хIаракатчIужу, ПатIиматил радиоялдасан пасихIго чвахун бачIунеб берцинаб гьаракьалъ рекIее гьабулеб гIажаи­ баб асар жакъаги хутIун буго ма­ гIарулазул рекIелъ.

  Ниж цIакъ чIухIарал руго Па­­тIиматил захIматалъулаб хIаракат­ чилъи республикаялъул магIарул газеталъул редакциялда хIалтIиял­даса байбихьун букIиналдаса. Гьарула ПатIиматие щулияб сахлъи ва рекIее парахалъи.

 «ХIакъикъат» газеталъул редакция